![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Халитил вас ГIабдукаримидеХарда тIегь гIадинан тIегьалеб гIумру,
ТIун гIодоб рехана бабал васасул. Дунял бакулелъул ракьулъ вукъарав КIвеладай баччизе дур гьеб бакIаб гьир? Эбел-инсуе мун цо вугев дарман, ТIулил яцазулги цоги гьечIев мун. НуцIби цIун вачIунев ворхатав дир вас, ВачIунарев лъугьин киндай хIехьелеб? Мун – дир рекIел рохел, каранзул бухIи, Дир угьулеб хIухьел, дир берзул канлъи. ГьедигIан хехго мун ракьулъ вукъизе, ЛахIдуялъув лъезе чара букIинчIо. Дир рекIел тIегь тIурав дир ГIабдулкарим, ХIалхьуда кьижа мун чIегIераб ракьулъ. КигIандай угьдилей дун дуда хадуй, Чан къодай бачIинеб мун къваригIараб? Къоялъ свери гьабун росулъ вуссиндал, Лъелго щай вачIинчIев бабал рокъове? ТалихI къарав бесдал къо тIагIарав мун, КъотIнор данделъана дуй гIажалалъе. Багьана ккун буго дуй гIажалалъе, Къадар гьениб букIун вачун ватила. Лъадаре унелъул мун чучараб нух, ХIалтIуде кин иней дун гьеб къотIносан. Ворхатав бабал вас жанив хьвадичIеб, Унго канлъиладай дие гьаб школа? Мунгун дандиязухъ кин ялагьилей, РихьичIеб ххвел гьабун берал къанщила. Гьал цIалдохъабазул зигара буго, Дур гIанчIаб замана кIочон теларин. ИчIго сордо-къоялъ сверухъ чIаниги, Гъурараб чорхое дару рекъечIо. Макьу тун сверухъе ниж лъугьаниги, ХIал кIвечIо, хирияв, къадар нахъ чIвазе. Мунги хун хутIараб кьер-кьераб ретIел, Гьеб ретIунев чиго данде ккеладай? Рокьи букIанадай бабал васасул, Йокьарай йигодай дир дарманасул? Мунгун гIелбащадаз бертин гьабулелъ, Дун берталъ инадай, дир хIасратав вас? ГIемерай гIодуге, дир гьудул Зайбат, Аллагьасул къадар гьаб букIун бугин. Къварилъаби щвечIел щалдай ругоян, Сверухъе ялагьун сабру гьабеха. ГIодор бутIрул кьабун нилъ гIоданиги, Къанабакь рукъарал нахъ руссунаро. Ахириял къояз къо-лъикI гьабизе, Данде бакIарана тIолго гIагарлъи. ТIокIал рихьиларин хьулалги къотIун, Къанабакь вукъана гьев росуцояз. Аллагь тун цогияб хвей хIакъаб буго, Къадар Аллагьасул, алхIамдулиллагь. РухI лъунщинаб гIалам хвезе бугелъул, ГIалам бижарасе шукру гьабеха. Щивав инсанасе гIажал бугелъул, Гьесул къадаралда разилъун рукIа. |
|
||||||||||
|