![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Астагъфируллагь. Расулов МухIамадОгь, бабал МухIамад, яхI бугев лачен
Дур гIанчIаб замана, дур гIолохъанлъи. Дунялл цIилъулелъул ракьулъ вукъарав Кинандай баччилеб гьеб дур бакIаб гьир? ЦIорораб хасалил кватIараб гIужалъ ГIилла щибдай ккараб мун гъоркь иналъе? ТIубараб сордоялъ гIурухъ хутIарав, Черх цIорон хвезегIан чи тIаде щвечIев. ГурхIизе гIадамал гIемер рукIана, Аман лъарабани, мун гъоркь араблъи. Херал эбел-эмен кьижилароан Дуе ккараб балагь лъарабанани. ТIубараб лъагIелалъ дуде ралагьун Херал эбел-инсул ракIал ракъвана. Дур тIулил яцазул чIегIер беразда Мун хведал гIодизе магIу хутIичIо. Кьолбол ясги ячун ригьин гьабуна, Ригьинги рекъечIо, рукъги биххана. Берцинаб рукъалъул гIадлу биххана, Гьудулги чучана, вас бесдаллъана. Харда тIегь кинигин тIегьалеб гIумру Мурад тIубачIого гIадада хвана. Чан хиял букIараб гьинал рекIеда, Чан анищ букIараб тIубазе кколеб. Кире ун дараби гьарунаниги, ЦIорораб черхалъе дару рекъечIо. Макьу тун сверухъе лугьананиги, Бекараб мугъалъе сабабго ккечIо. Дур дунялалъухъе букIараб хIел-хIел, Дунялги кваначIев, канлъуд гIорцIичIев. Дунялги гьабичIев, динги гьабичIев, ГIолохъанго вукIун къаникь вукъана. Мунгун дандиязда берал речIчIидал, РихьичIеб ххвел гьабун берал къанщила. РетIидал рекъолеб берцинаб ретIел ГIурухъеги босун эхей биччала. ГIайиб лъида чIвалеб гIажал гIунтIидал, ГIажалалъе дару баккун гьечIелъул. Берал беццлъизегIан ниж гIоданиги, ХIал кьечIо, хирияв, къадар нахъ чIвазе. ГIодор бутIрул кьабун ниж гIоданиги, Къанабакь рукъарал нахъ руссунаро. Къварилъаби щвечIел щалдай ругоян Сверухъги ралагьун сабру гьабеха. Дунялалъул талихI дуеги кьечIин, Абадияб рокъов вохун хутIаги. Алжанул нигIматал тIадеги гьурщун Нижей шапагIатгун хварав ватаги. |
|
||||||||||
|