![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Рагъул инвалид Микаилов ХерулаБищунго ракI гъолел гIумрудул сонал,
Херула, дур ана гIасияб рагъда. Эбел-инсулгун къо-мех лъикI гьабун, ВатIан цIунизеян сапар бухьана. Осколкабаз черх цIун росулъ вуссана, Ругънал гIемерлъиялъ бусаде ккана. Гуллица рорлъарал гьесул рукьбузе Дараби рекъечIо, рекълъун хутIана. ЧIужуги ячинчIо, лъималги щвечIо, Рокьи ккаралдаги кIочон хутIана. Эбел-эмен хвана, яцал хутIичIо, Пашманго хутIана рокъов гьав живго. Сабру гьабун чIана гьудул Херула Рагъул гьудуласе хобгицин щвечIин. Совет хIукуматалъ течIо мун рехун, КъваригIанщиналъе кумек гьабуна. |
|
||||||||||
|