![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Эбел-инсухъ магIуДир хIасратай эбел, хирияй эбел,
Эбел хведал гурищ рекIел тIегь сунеб. Эбелин абураб рагIул гьуинлъи, Эбел хваралщинал кIицIул бесдаллъи. Бищун ракIал гъолел гIумрудул соназ, Ана эмен рагъде ватIан цIунизе. Эбел къороллъана, дун бесдаллъана, Вац-яцал гьечIого цохIо хутIана. Лъебералда щуго сон тIубалалде, Къваридго хутIарай хIайранай эбел. Хвана дир хирияй йокьулей эбел, Янгъизго тана дун кIодода аскIой. Эбелалъ бицана жиндир гIумрудул, Бесдал эбелалъул кьогIаб зулмудул. Къали бачIунареб хурул рагIалда, ГIодулаго арал ихдал къоязул. Гьанже йигей анищ хирияй эбел, Гьаб гвангъараб дунял гьелда бихьизе. Анищал тIурачIей къваридай эбел, Дур гIумру рекIелъ къан къварид йиго дун. Дун гьитIин йикIана, дур лъикIлъи лъачIо, Дир гIазизай эбел, цоги гьечIей мун, Гьал къоял анагIан дур къимат бичIчIун Къоязги сардазги пашман йиго дун. Дир хIасратай эбел, гьечIо мун аскIой, Кинал ургъалабаз дун квегъаниги. КватIун буго гьанже дуда ахIизе, ЯтIалъизегIанго щай лъачIеб къимат? ВуссинчIо рагъдаса хирияв дада, Вукъараб хоб гьечIо, араб бакI лъачIо. Чан дир эмен гIадал къвакIарал вассал, ГIолохъанго хварал гIасияб рагъда. ВатIаналъе гIоло чорхол рухIги кьун, Чанги васас тана угьдилей эбел. Чияр лагълъиялде гъоркье инчIого, Чанги эбел гIадал гьарурал къорол. Улка цIунулаго биги гIодоб тIун, Чанги дун гIадинал бесдал хутIарал. Рагъана, тIагIана лебалал васал, Хварал гьезул цIарал рехсолел руго. Ясаз эбелилан ахIулеб мехалъ, Дир чIегIерал бераз магIу кколаро. КIиго яц цадахъ рихьараб мехалъ, Къварилъи чучизе дун рокъой уна. |
|
||||||||||
|