![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIажалалъул цIалалъ цIоб лъечIо дудаЛахIзаталъ сагIтал цIун, сагIтаз къоял цIун,
Къокъунеб ,къокъунеб буго замана. Мех бахъидал ургъел унин абулин, Унаро,унаро дир рекIелъа мун. ГIолохъанлъиялъул завалаб гIужалъ, ГIажалалъул цIалалъ цIоб лъечIо дуда, Хьулал хIалигъараб хIасрат тIегьараб, ТIогьол ригьалъ анна мун къанабакье. Нилъер къотIиялъе къисматалъ хIукму, КъотIана гIасияб,нахъбуссин гьечIеб. Бицараб рагIуе,бараб гьаялъе, Батана сангарлъун согIаб хIакъикъат. Гьанже дун угьдула арал къоязухъ, Анишлъун хутIарав дур хиял гьабун. Хабалалъе щола,дур заниялде, Дирго каранлъ бугеб бухIи бикьизе. Бижараб къадаргун къеркьезе кIолеб, Къуват инсанасе Аллагьас кьечIо. Алжан насибавлъун мун ватагиян, Дир даимаб гьари БетIергьанасде. |
|
||||||||||
|