![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
СагIидидеСиднеялъул бахIарчи, багвалазул багьадур,
Босе урхъараб салам МуртазагIалил СагIид. Дагъистаналъул игит, аваразул речIухъан, РагIизабуна дуца дунялалда дурго цIар. Россиялъго хъат чIварав Дагъистаналъул цIва мун, ЦIумадисев вукIиналъ йохун йиго дун, СагIид. Дун цо гуро йохарай гьаб Кизилюрт ракьалда, Рохарал руго тIолго, ракьцоял-цIумадисел. Алимпалъул ургуда мун гугарулеб мехалъ, БетIергьанасда нижер цохIо гьари букIана. Европагун дуниял квегъарав нижер барти, Бергьенлъигун щвезаве вижараб ракьалдеян. Доба Австралиялда Дагъистаналъул байрахъ, Борхатго дуца ккведал рохана гьанир лъимал. ЛъарагIлъидул ракьалда рикь-рикьун ругониги Наслу-масаб цо бугел цIумадисезул васаз. Динамодул вакилан каментарий кьуниги, Вакил унго-унгояв, мун вуго цIумадерил. Нижер рекIелъ чIухIидул цо хасаб асар буго, Берцинлъи дуда баркун бохун буго Дагъистан. РикIкIадаб Сиднеялда хьолбохъ ракь цоябги ккун, Россиялъул команда цебе бачарав гъалбацI. Госсоветалда кьураб кьварараб дурго рагIи, РитIухъ гьабун вачIиндал баркала дуе СагIид. ГьанжелъагIан гIагараб гьаб нилъер тIалъиялда, Олимпиялъул месед дуца гуреб бекьичIо. Баркала, дир ракь цояв дун дудаса чIухIула, Гьарула дуе сагълъи, нусго сонилаб гIумро. |
|
||||||||||
|