![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Мун бахIарчи вуго доб къоялдасаСайгъат гьабула племяникасе.ТупагIалиев ГIумар турпал гIадав вас, Босе дир рахъалъан урхъараб салам. ЦIумадисев игит, Аваразул вас, Мун бахIарчи вуго доб къоялдаса. Яргъида мугъ чIварав, чIухIарав гъачагъ Дур хъатицагIадин гIодизавичIо. ГIарцуде чан къараб, чачан хъвекIалъе, Авар хъергъугIадаб дандияб щвечIо. ГIайиб чIваге вацал, дир чIухIиялда, Кьолбол васас лъидал гьунар гьабураб. Гъвел багеян абе ал милицабаз, Гьезул цояв дица рехсонин абун. МустахIикълъаразе цIар кьолебани, ЦIваялъ гвангъилаан дурги гьеб керен. ГурхIел бергьаразде квер щолебани, Бищун цересезулъ мун вукIинаан. Пассажираз цIураб автобус буго, Аэропорталда гъоркь лъалие ккун. Гьелъул кIалтIуги ккун яргъид гIуцIарав, Гъарачи намус тун кIалъалев вуго. Гьазул гIумру цIунун, кьелилан ккани, Квей дий самолетги, миллионалги. Кьеларин чIанани Дагъистаналда, Дица лъезе буго кIудаб магIи рукъ. Гьаб дир хъатикь бугеб яргъил хIал лъазе, Бокьараб ярагъгун бокьарав вачIа! Бокьани ракълилаб накъиталдалъун, КъваригIелги тIубан нухде тIувитIе. Аэропорталъул милиц начальник, Тупалиев ГIумар гIемер ургъичIо. Гъоркь лъаей ккуразул ахIвалхIал бичIчIун, Бандитасде данде «харбие» ана. Хирияв, гьудул, мун мадугьаллъидал, Дур мурад тIубазе тIадаб иш буго. Гьазул хабаралъухъ халккун балагьун, Дагъистанго буго сихIкъотIиялда. Гъоркь лъалей ккуразул ахIи-зигари, Унго бахъинадай гIасияб кьвагьи. Нагагьлъун бахъани хIалай рахъине, ГIумарил иш цоял хIадур чIун руго. Мунагь гьечIелазда Аллагь гурхIиялъ, ХIалихьатав гъачагъ палгъезавуна. Лебалав ГIумарил щулиял квераз, Ккун гъваншагун гъачагъ асир гьавуна. Гьеб гьунар рагIидал Дагъистаналъго, Дуде бахIарчиян ахIана, ГIумар. Гьеб далил гIелариш, дир ракьцоязе, Депутатлъун ГIумар тIаса вищизе. |
|
||||||||||
|