![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
РачIа гьаквариРорхатал мугIруца жаниб бачараб,
Гъваридал кIкIалабаз сангар тIамураб, Гьаб буго гьитIинаб Гьаквари росу, Расги нечечIого рачIа гьоболлъухъ. Припев Берцинлъи мугIрузул гьуинлъи иццазул РацIалъи ракIазул дир ЦIумадисезул Гьанир васал руго лебалал, гIанчIал, Умумузул гIадат чорхолъ бессарал. КъваригIел канани кирго инчIого, Расги нечечIого рачIа гьоболлъухъ. Припев Хъулухъ ккун росолъе гьобол вачIани, Хехго мурад тIубан нухда гьев лъола. ТIогьол майдабазда сверизе инзе, Расги нечечIого рачIа гьоболлъухъ. Припев Лъабнусго сон бараб гъветI буго гьаниб, Шайих ГIали гIурав колол рагIалда. БачIунеб гIелалъе нугI гIадин чIарав, Расги нечечIого рачIа Гьаквари. Припев Кире нилъ щваниги, щиб бихьаниги, РекIедаса унге рижараб росу. ГIаданлъи бугеб халкъ жаниб бижараб, Расги нечечIого рачIа Гьаквари. |
|
||||||||||
|