Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Мавлид

Сасикьа ХIусен афанди

(с.т.гI.в) МУХIАММАД АВАРАГАСУЛ

Жинда АЛЛАГЬ гурх1аяв ва жиндир баракат нилъееги щваяв Х1усен-афандица хъвараб гьаб мавлид халкъалда гьоркьоб т1ибит1аралдаса буго к1икъогоялдасанги ц1ик1к1ун сон. Амма нилъер г1емерисеб халкъалда г1ажамалда хъвараб ц1ализе лъаларелъул пикру ккана мавлид г1урус алфвиталдеги сверизе гьабун типографиялъ къват1ибе биччазе.

Нижеца гьединго х1алт1и гьабула буго Х1усен-афандил мавлид гуребги, цогидалги гьесул г1емерал бусурбазе ирсалъе тарал назмаби, ваг1заби ва насих1атал данде гьарураб т1ехь къват1ибе биччазе.

Х1усен-афандил х1акъалъулъ нужой пикру загьир гьабизе бокьани хъвай нижехъе гьаб адресалда рекъон:
г. Махачкала, ул. Ш. Алиева, 31, кв. 34.
АЛЛАГЬасул заг1ипав лагъ Т1индиса - Г1абдурах1ман Мух1амадов.

АгIузу биллягьи мина щайтIани раджими
Бисмиллягьи рахIмани рахIим.

Лакъад джaакум расyлун мин анфусикум г1азизун г1алайгьи мa г1аниттум х1ариcун г1алайкум билмуъминина рауфyн рах1имун.

Фаин таваллав факъул х1асбияллагьу лаилагьа илля гьува г1алайгьи таваккалту ва гьува раббул г1аршил г1азим.

Инналлагьа ва малаикатагьу йусваллуна г1алa набиййи.

Йаа аййугьаллязина аману сваллу г1алайгьи васаллиму таслиман.

Аллагьумма свалли г1алa МухIаммадин ва г1алa али МухIаммадин ва салим.

 


Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


АлхIамдулиллагь АЛЛАГЬ тIолго рецц дуе буго
Имангун исламалда дуца ниж тIоритIидал.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Гьесий жаваб гьабурал умматлъун ниж гьаридал.

Дуца тавфикъ кье АЛЛАГЬ мунгин ХIабиб рехсезе,
Адабалде хьвадизе данделъарал чагIазе.
РачIа гьанже, гIенекке ХIабибуллагь веццизе,
Гьесул сиярал рицун нилъей баракат щвезе.

Расуласул равхIани нилъеда гIагарлъизе,
Гьесул равхIаниялъул гьуин махIал рахъизе.
Халикъасги, къуръаналъ авараг веццидалго,
Халкъалъе бакI хутIичIо гьесие рецц гьабизе.

ШапагIаталде хьул лъун дагьав ХIабиб рехсела,
Баракат тIалаб гьабун махIасинал рицила.
ЛъикIал чагIи рехсолеб бакIихъ рахIмат рещтIула,
Гьев рехсолеб бакIихъе кигIан рахIмат рещтIила.

Авараг ралъад вуго, русулал сверухъ руго,
ГIайну рахIмат гьев вуго, рахIматлъун гьев витIана.
Анбияазул имам мурсалиназул саййид
ГIабдуллагьил МухIаммад гIайнул гьидаят вуго.

Маккаялда гьавурав, Мадиналда вукъарав,
Къуръан жиндихъ рещтIарав хIакъав авараг вуго.
АЛЛАГЬасе хирияб нуралдаса вижарав,
Халкъалде жив витIарав МухIаммад Расул вуго.

Адамил лъималазул саййидлъун гьев гьавуна,
АЛЛАГЬасул цIаралде цIар хурхизе гьабуна.
Даражаби гIемерав гIазимул хулукъ вуго,
Халкъалдаса вищарав хирияв ХIабиб вуго.


РухIул хIаятлъун вугев ХIабибасул хиралъи,
Гьеб лъазе хIал кIоларо АЛЛАГЬ тун нахъиязда.
Халкъалъ АЛЛАГЬ разилъи тIалаб гьабулеб гIадин,
АЛЛАГЬас гьев разилъи тIалаб гьабулин буго.

Гьебги гIела хиралъи гIакълу бугел чагIазе,
Чанги хиралъи буго гIин тIамун гIенеккани.
Калимуллагь Мусаца АЛЛАГЬасда гьарана,
Гьесул умматалдаса жив гьавеян гьарана.

АЛЛАГЬас жаваб кьуна мунги анбияалги
ТIолго гьезул умматги гьесул уммат гьарунин
ГьедигIан жив хиряв ХIабибасул умматлъун
АЛЛАГЬас нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Хlабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


АЛЛАГЬ, авараг вокьи иманалъул нур буго,
Рокьиялъе гIаламат гIемер рехсейи буго.
АЛЛАГЬасе вокьарав авараг нилъей вокьи,
Фаризаяб жо буго иманалъул рухI буго

Дунял ахираталъул сагIадатго гьеб буго,
Гьелда бащалъолеб жо щибниги нилъей гьечIо.
Жиндерго черхалдаса, хъизан боцIиялдаса,
Эбел-инсудасаги, тIолго гIадамаздаса.

РакI-ракIалъ вокьичIони муъмин чи вукIинаро,
ВукIунарилан абун хIадисалъ бицун буго.
Гьединго гьесул агьлу, асхIабзаби рокьиги
Иманалъул камилаб бищун рес гьечIеб буго.

Гьездахун зану жинца берцин гьабурав чиги
Хириял чагIаздаса рикIун вуго АЛЛАГЬас.
ТIахьазда баян буго, цо чи вокьарав гIадан
Лъабго бакIалда гьевгун цадахъ вукIулин абун.

Дунялалъул рукъалда, хадуб махIшаралдаги,
Гьединго алжаналда гьалмагълъун гьаволила.
Нужой бокьун батани авараггун рукIизе
МахIабат камил гьабе Расуласде гIашикълъун

ТIолго аварагзаби, хадур вализабиги
Даражаялда щвечIо ХIабиб сабаблъун гуреб.
Нилъедаги тIалъула ракIалъе гьев вокьизе
Къиямасеб къоялде шафагIат хIасуллъизе.

Авараг вокьулилан дагIба дур батанани
Гьесул суннат гьабизе кIвахIаллъи бегьуларо.
Гьесул рагIи квечIони, афгIалал гьаричIони,
ИттибагI дур гьечIони, батIулаб дагIба буго

Расуласул шафагIат щвезе нилъей бокьани
Гьесул суннат цIунизе нилъедаги тIалъула.
ХIабиб вокьиз бокьани свалат гIемераб битIе,
Гьесул суннаталдаги т1ад ч1ей гьабе нужоца,
Х1абиб г1емер рехсарав Аллагьасул лагъасда
ГIарасаталъул къоялъ захIмалъи хъатIуларо.

ХIабиб гIемер рехсезе, гьесул суннат гьабизе
Ниж факъирал чагIазе тафвикъ кье АЛЛАГЬ дуца.
АЛЛАГЬасе вокьарав х1абибилан ц1ар тарав,
Гьесул уммат гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим.


Халкъ бижарав халикъас АхIмадил нур бижана,
Аслулъун гьеб гьабуна кинабго махлукъалъе.
АЛЛАГЬасул халкъалъул бищун цебе бижараб
АхIмадил нур букIана, гьелдалъун бай бихьана,
Авараг аслу вуго, акванал тIад рачIана,
Къадар къиролеб къалам гьелда хадуб бижана.
Абу башарлъун вугев Адам аварагцини
АхIмадил нуралдаса АЛЛАГЬас гьев вижана.

Гьесда хадуб АЛЛАГЬас ХIава эбел йижана,
Гьелдаса бай-бихьана Адамил лъималазде.

Русулал цIваби руго, Расулулагь бакъ вуго,
Жиндир нуралъ кинабго гIалам гвангъизабурав.
Нуралъулги нур вуго, нуралъул аслу вуго,
МухIаммад хайрул анаб халкъалъул наби вуго.

Жиндир гьурмал гвангъиялъ бакъул нур свинабурав,
ЦIураб сардилъ моцI гIадав камиллъи жиндир цIакъав.
Жиндир караматазда анбияал мукIурав,
Жиндир гьайбат кIудияв, жалалат цIакъ цIикIарав.

ГIадамазул беразда загьир гуреб бихьичIо,
Беразе хIижаб гьабун ХIабибуллагь цIунана.
МухIаммадил берцинлъи хIакълъун бихьараб ани
ХIакъикъиял ракIазда хIехьезе кIолароан.

Гьесул жамал бахчана, умматалда гурхIана
Гьалаглъи нахъе чIвана, рахIмат лъун гьев витIидал.
МухIаммадил умумал АЛЛАГЬас гьел цIунана
Умагьатал абаал тIасан ришун рукIана.
Адамгин ХIавадасан байбихьараб рацIалъи,
ГIабдулагьгин Аминат ахир гьезухъе щвана.

Насаб жиндир хирияв, наслу жиндир бацIадав,
ГIабдулагьил МухIаммад АЛЛАГЬас гьев цIунана.
Жагьилаб агьлуялъул магьари лъей ккечIого,
Халатал къуруназулъ гьесул нур накълолъана.

Адамида щвезегIан ХIабибасул умумул
ТавхIидалда рукIанин баянго бицун буго.
Кинабго къарнуялъулъ Расуласул умумул
БатIа гьаризе лъалел рукIанин абун буго.
Гьеб нур къаран лъан щинал къадру бугел рукIана,
Жодор заманаялда курамаал рукIана.

Гьеб нур къаран лъун чIана ГIабдуллагьил надида,
Расуласул инсуда, кIудияв гIафифасда.
Жавгьар гIадай Аминат гьес чIужулъун ячана,
Гьелдалъун хIамиллъана ХIабибуллагь гьавизе.
Нуралдаса вижарав хирияв ХIабибасе
Умматлъун нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.


Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


Абдуллагьил хIалилат Аминат хIамиллъидал
ХIисаб гьечIел хIикматал тIалъана гIаламалда.
ГIажаибал рихьана эбел Аминатида
Дунялалда лъугьана хаварикъул гIадатал.

Аминатил ургьибе ХIабибасул нур ккараб
Рузман сордо букIана раджаб моцIалда жаниб.
АЛЛАГЬасе бокьидал МухIаммад загьирлъизе
Гьесул нур накьлулъана Аминатил ургьибе.

Зоб-ракьалде ахIана АЛЛАГЬасул рахъалъан
ХIабибасул нур кканин Аминатил ургьибе.
Къурайшиязул агьлу къварилъи ккун рукIана
Пихъал хурал гьечIого цIад къотIун замана ун.
Аминат хIамиллъидал пихъал хурал рижана,
Маккаялъул акъдарал алжан гIадин лъугьана.

Рохел бицун кIалъана къурайшазул хIайванал
Аминат хIамиллъанин ХIабиб гьавизейилан.
Тахал гъоркье сверана, хъанчал гьурмаде ккана
Машрикъ магърибалде щун рохел тIатизабуна.


Ралъдал хIайваналцини ХIабиб баркун кIалъана
Халкъул-гIаламалъулго гьесде гIищкъу цIикIана.
Макьилъ гьелъухъ вачIана, рохел гьелда бицана,
Мун къинай лъугьанила халкъалъул лъикIасдалъун.

Гьев гьавураб мехалда, дуца гьесда цIар абе,
МухIаммадилан абун гьев веццизе вугила.
Аминат къинай лъугьун ичIго моцI тIубайдалго
Руччабазе букIунеб захIмалъи гьелда щвечIо.

Жиб-жиб моцIалда жаниб анбияал рачIана,
Аминат эбелалда АхIмад баркун кIалъана.
ХIабибасул эбеллъун Аминат хас гьаюна,
Марьям гIадай гIафифат АЛЛАГЬас гьей йижана.
Дунял-ахираталъул иманлъун жив гьавурав
ХIабибуллагь гьавизе Аминат жамиллъидал,
Шамсулгьудал МухIаммад, гIаламалъулго саййид,
Дуца гьавилин абун гьелда рохел бицана.

Халкъалъул хириясул эбел мун лъугьидалго
Щванин дуе хиралъи Вагьбил Аминатила.
АЛЛАГЬасул къудраталъ дудасан загьирлъила
ГIаламалъул авараг МухIаммад хайрул анам.

Мавжудатазул аслу, каинатазул саййид,
ХIабибуллагь МухIаммад вугин гьеван абуна.
ГIаламул арвахIалда авараглъун вукIарав,
Гьесул уммат гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим.


Расулулагь гьавизе хIара чIвайдал Аминат
ЦохIого жий йикIана хIалае чи гьечIого.
АЛЛАГЬас амру гьабун Марьям асият щвана,
ТIалкъалъе квер бакъизе равхIаниял рачIана.

Гьезда хадур алжанул хIурулгIинал рачIана,
Гьурмазул берцинлъиялъ рукъ гвангъизе гьабуна.
Аминатил пашманлъи гьездалъун тIаса ана,
ГьебсагIат Расул гьавун Аминат хвасарлъана.

АссаламугIалайка Я Расулуллагьи
АссаламугIалайка Я Набиюллагьи
АссаламугIалайка Я ХIабибуллагьи
АссаламугIалайка Я Хирата Халкъилагьи
АссаламугIалайка Я Сафваталлагьи
АссаламугIалайка Я Саййидал Мурсалина
АссаламугIалайка Я Хатама Набиййина
АссаламугIалайка ВагIала Агьли Байтика ТIаййибина
АссаламугIалайка ВагIала Азважика ТIагьирина
АссаламугIалайка ВагIала Саирил Анбияъ
жазакаллагьу афзала ма жаза набиййан ва Расулан гIан уматигьи васваллалагьу гIалайка кулла ма закарака закируна ва гъафаланзикрикал гъафилуна
МархIаба ХIабибуллагь хIакъав бичасул шафигI
МархIаба Набиюллагь анбияазул саййид
МархIаба Расулуллагь русулазул хирияв
МархIаба Аминуллагь аманат дуда бугев
МархIаба Сафиюллагь киназулго мархIаба
МархIаба Халилуллагь кидагоги мархIаба.


Нижер аманат дуде, АЛЛАГЬасул авараг,
Ахираталъул рукъоб шафагIат гьабейилан.
ГIасиял ругин абун дуца ниж гъоркье тоге.
Мунагьал гьарунилан нахъе чIваге я Расул.

Умматалда гурхIулев гьезие рухI бичулев,
Нижеда гурхIел гьабе кIиябгоги рукъалда.
Дуде гьабураб божи чIобого тоге ХIабиб,
Нижер гьабураб хIели къабул гьабе я Расул.

ГурхIулев ХIабибасул умматлъун ниж гьаридал
АлхIамдулиллагь АЛЛАГЬ кидаго камичIого.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим.


РабигIул авалалъул анцIила кIиабилеб
Итниялъ загьирлъана ХIабибасул анварал.
Гьев гьавураб сордоялъ машрикъ магъриб гвангъана,
Зобалазул агьлоялъ мархIабаян ахIана.

Бечасул амру бачIун вихьизе вачун ана
Кинабго гIаламалда рохел рагIизабуна.
Гьавигун суждаялда АЛЛАГЬасда гьарана,
Уммат хвасар гьабеян дугIа гьабун хIелана.

Рохел бицун ЖабрагIил гIаламалда хьвадана,
Къаси гьаб сардилъ жани авараг гьавунилан,
МухIаммад хайрул анам халкъалъул султIанила,
Анбияазул хатам Расулуллагь вугила.

Расулуллагь гьавурай Аминатил хиралъи
Умму башарлъун йигей ХIавадасан цIикIана.
Гьелдаса загьирлъана гIаламалъе аманат
ГIалимзабазул имам ГIабдуллагьил МухIаммад.

АхIмад гьавизе къудрат ХIавал букIараб ани
Гьелъиеги щолаан гIаламалда хиралъи.
АхIмад гьавиялдалъун Вагьбил Аминатие
КIудаб хиралъи щвана руччабазего щвечIеб.
Марьямул ГIазраица ГIиса гьавунаниги
Таллайи Аминатил даража кIудаб буго.
Барка дуе Аминат АЛЛАГЬасул хазина
Дудаса загьирлъана нижер беразул канлъи.

Дуца гурони ХIабиб ХIавацаги гьавичIо
Дуе щвана хиралъи халкъул гIалам мукIураб.
Сардал къоязда жаниб бищун хираб сордо-къо
Расулуллагь гьавураб сордо-къо букIин лъае.

Лайлатул къадруцини гьелда бащалъуларо,
Гьебги гьесул баракат бичIа вацал нужода.
Гьев гьавураб сордо-къо гIидлъун квезе бегьула,
КIудиял гIуламааз баянго бицун буго.

ХIабиб кIодо гьавизе, гьесул хIурмат цIунизе,
Рохел загьир гьабизе бегьи хIакъ гьабун буго.
ШаргIалъул хилафалда какарал жал квечIони,
БидгIиял умуразулъ гIахьаллъи гьабичIони.

Расуласул хиралъи хъван бицун лъугIиларо,
Цо чиясул гIумруялъ баян кодоб щоларо.
Машрикъгун магърибалда Жабраил свераниги,
Гьесда гIадан ватичIо МухIаммадгIан хирияв.
Гьединав элчиясул умматлъун ратидалго,
АлхIамддулиллагь АЛЛАГЬ кинабго заманаялъ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


Къайсаргун кисраясул камиллъи хвезабурав
Камалатал тIубарав тIагьаясда гIин тIаме.
Гьесул бицулеб хабар хабаразул ханлъула,
Гьелда бащадаб хабар гIундузда рагIуларо.

Бицен халалъанагIан гьуинлъи тIад бахъула
Расуласул файзалъул фатхIу хIасуллъун ккола.
Аварагасул тIалгIат загьир лъараб гIужалдда,
МугIжизатал рихьана эбелгун гIадамазда.
Авараглъи хIакъ гьабун, мухтар вукIи лъазабун,
ГIаламатал лъугьана гIажаиблъи гьарурал.
Гьаватифал ахIдана, рохел загьир гьабуна,
Машрикъгун магърибалда рохалил гьаракь щвана.

Зоди рахунел женал ц1а реч1ун нахъе ч1вана.
ЦIваби тIад гIагарлъана, ракь гвангъизе гьабуна,
Расуласе аятлъун кисрал хъала хвалхьана.
ХIинкъиялъул къуваталъ гьесул тах гьалаглъана.
Лагълъи гьабулел цIаял свиндал гьел пашманлъана.
Бадрул мунирлъун вугев авараг гьавидалго
БухIайратги бакъвана, гьелъул лъимги къун ккана.
Лъим букIичIеб гIалхуда лъимгун иццал чвахана.

Эбелалъ гьев гьавуна цIакъ бацIадаб хIалалда,
Нуранияб черхалда чуризе жо гьечIого
Гъизгун къазру бихьичIо, цIину къотIун батана,
Суннат гьабун гьавуна, гьуин махIал рахана,

Эбел Аминатида гьесда тIад нур бихьана.
Машрикъ магъриб гвангъараб, бакъул гIадаб гвангъараб
Гьеб нуралъул гвангъиялъ Бусра шагьар бихьана,
Шамалъул кIалгIабицин аскIо гIадин рихьана.
Зоб-ракьалъул аминлъун АЛЛАГЬас гьев гьавуна,
Маккаялъул агьлоялъ аминилан цIар тана.

Рехсейи цебе ккарав, витIи нахъа кканиги,
Адам вижилалдего авараглъун вукIарав.
ГьитIинав вугелдаса адабалда хьвадарав,
АЛЛАГЬас адаб малъун адиблъун гьев гьавуна.
МагIарифал, гIулумал гьесул гIемер рукIана,
Гъаибал умуралцин гьесда балъго хутIичIо.
Дунял пасалъизегIан кколел хIавадисалги
Баян гьабун рицана асзIабзабазда гьоркьоб.

Русулазе щван щинал макъамалги, мугIжизат
ХIабибасул баркатин хал гьабея гIадамал.
Гьедин баркат гIемерав ХIабибасе умматлъун,
АЛЛАГЬас нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


Авраг гьавун хадув гьев хахизе гьарана
ГIалхул жалгин хIанчIаца, хIатта гьуриялъцини.
Гьел киназго гьарана халкъалъул дур хирияв,
Авараг хахизе ниж теян абун хIелана.

Малайкзабаз гьарана, нижер бетIергьан дуда
Нижей гьев вокьи лъалин, ниж риччай гьев хахизе.
Къудраталъул къаламалъ лавхIалда хъван букIана
Хирияв ХIабибуллагь ХIалиматид хахизе.

СагIдиязул ХIалимат Маккаялде ячIана
Хахизе лъимер цIехон руччабигун гьалмагълъун.
Маккаялда гьел щведал гьезда цIехей гьабуна,
ХIабибулллагь хахизе вачиларищ гьикъана.

Ятим вугилан абун гьезул гьесда къасд лъечIо.
Киназего лъимер щун ХIалимат гъоркь хутIана.
Факъирай йигин абун ХIалимат къабуллъичIо.
АЛЛАГЬасул хIикмалъи ХIабибгун данделъана,
Росасул изну босун Расуласде тIаде ун
ХIабиб хахизе вачун ХIалимат нахъ юссана.
Х1алиматилкаранда хахулеб лъимер бук1ун
Цояб гурони керен ХIабибасги хахичIо
Бакъвараб кереналда рахьги гIемер бачIана.
Чорхол зугIфу тIаса ун сахлъиги даимлъана.
Каранда жив вукIадго гIадлоялда хьвадана,
ГIахьалав гьалмагъасе бутIа бащад гьабуна,
Баркаталги нигIматал ХIалиматие щвана.

ХIабиб хахаралдаса магIишат берцинлъана,
Халкъалъул хириясе керен жинца кьедалго.
АЛЛАГЬасул кумакал гьелъие камиллъана,
ХIабибасул баркаталъ боцIи ризкъи цIикIана,
ЗагIифал гIадамаца хьул гьабулей лъугьана.

Карандасан ватIалъун гьев нахъе кьезе ккедал
Кутакаб унти ккана ХIалиматил каранда.
Гьесий зарар ккеялда жиндир хIинкъи бергьидал,
Вачун ана ХIалимат ГiабдулмутIалибихъе.

ГIажаибал хIикматал ХIабибасул рихьидал,
ХIалимат эбелалъул хIикматаб рокьи ккана.
Инсан хадув гъоларел караматал ратидал,
Керен ракI гIатIилъана ХIабиб аскIов вугезе.

ТалихI бугей ХIалимат ХIабибгун данделъана
Гьесий керен кьедалго сагIадат насиблъана.
ГурхIулев ХIабибасул умматлъун нилъ гьаридал,
Гьеб нигIматалда щукру алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим



Хайрул бариятасул манакъибазул къатIра,
Дицаги рехсон тела, баркаталъе гIин тIаме.
Нилъер аварагасул кIикъого сон тIубайдал,
АЛЛАГЬас гьев витIана гIаламалъе рахIматлъун.

Баширлъун гьев витIана, назирлъун гьев витIана,
Расуллъун гьев гьавуна, динул ислам малъизе.
Уммияв вукIаниги къуръан гьесда рещтIана,
Дунял ахираталъул гIулумал гьесда лъана.

Киналго русулазул мугIжизат лъугьун ккедал,
Расуласул мугIжизат лъугьиго гьечIеб буго.
ФасихIал гIарабиял жинца гIажиз гьарурав,
МугIжизатлъун гIеларищ Расуласе къуръанги.

Къуръан бищун кIудияб, хадуб моцI халхьи буго,
ТIерхьичIого бакъ чIейи, къапилат бачIинегIан,
ТIерхьараб бакъ нахъ буссин ГIалица как базегIан,
Рукъ сверун ккурал чагIи гъафул гьарун нахъ ворчIи.

Нохъодал кIалтIе бачIун гIанкубуталъ жо бесси,
ГIалхул маккалги рачIун нохъода ханал гьари.
АхIуд хадув вахъидал Суракъатий кин караб,
Бакъвараб моцIоги цIан хIалакъаб лемаг бечIи.

ГIумарий дугIа гьаби ислам тIадгIан гьабеян,
ГIалил бер сагълъизаби тIад бахараб хIацIуялъ,
ГIалхул чанги бацIица гьесие нугIлъи гьаби,
Лъималаз нугIлъи гьаби мун авараг вугилан.

ХутIба гьабулеб чIало гьев батIалъун зигарди.
Расул вукIиналдалъун гъотIоца нугIлъи гьаби.
УхIуд мегIер чIезаби тIаде хIетIеги кьабун.
Чидар варани бачIи жиндир къварилъи бицун.

Ханал тола гьечIилан боржун жо гьесухъ бачIи,
Хъатикь ккурал чIимхаца кодобго тасбихI гьаби.
Килщидаса лъим бакки, бодуе гьекъезе гIей.
ПурчIинадул сахIица азар чи кваназави.

Дагь гуро гьечIеб тIагIам гIемеразе гIезаби,
ДугIа гьабун цIад байи, цIикIкIидал нахъа бусси.
НакI гьесдахун мутIигIлъи, гьесие жаваб гьаби,
Хварал чагIи чIаголъи, гьел гьесдехун кIалъайи.
Загьру бараб гьанаца кванагейилан аби,
ХIайваназ калам гьаби, гьел гьесдехун мутIигIлъи.
Бадруялъул къояца къурайшазул ханзаби
Холеб бакI гьес бициги, гьеб ритIухълъун бихьиги.
Бадругун ухIудалде хвалчаби рекаразе
Кодор кьурал цIулазул хвалчаби лъун гьел рагъи.
Расуласул мугIжизат хIасру гьабун гIеларо,
ХIабибасул хиралъи сифат гьабун лъаларо.
ГIемерал мугIжизатал бичас жиндий кьурасе
Умматлъун нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим.


Раджаб моцIалъул къоло анкьабилеб сордоялъ
СултIан нилъер авараг мигIражалде ахIана.
Жибрил далиллъун витIун, вегаралъуса вахъун,
Хирияв ХIабибуллагь мигIражалде ахIана.
БетIералда таж лъуна, тIаде халгIат ретIана,
Алжанул буракъалда тIаде рекIун вилъана.
Къудусалде щвезегIан буракъалдде рекIана,
БецIаб сардида жаниб моцI гIадин гьев вилъана.

Гьенив гIодов рещтIана, акъсваялда къас бана.
Акъсваялда ратана анбиязул рухIал.
Киназго къабул гьавун, гьезий имамлъи гьабун
Масжидул акъсваялда жани лъугьун как бана.

Гьениса мигIражалде инзе хивал гьабуна
Меседил молодаса зобалазде вахана.
Анкьалго зобалазда Жибрил хадимлъун гьавун
Аварагги вахана тIадгIанаб хIазраталда

Сидраталда щведалго Жабраил нахъе чIана,
Дир макъам лъугьанилан, мунго вилъа абуна.
Къадар хъвалел къалмазул гьаракь гьесда рагIана,
Пардав борхараб бакIихъ бечас гIагар гьавуна.

Жалалиял хIужубал ХIабибасе инзарун,
АЛЛАГЬ вихьун хIалхьана, ХIабибуллагь абуна.
Дунялалъул рукъалда АЛЛАГЬ вихьулеб макъам
ХIабибасе гурони щивго чиясе щвечIо.

Бечед гьесда кIалъана, хIажат гьаре абуна,
Умматалъе сайгъатлъун щуцIали как тIад лъуна.
ХIабибасул гурхIелалъ гьарун тIаса реххана,
Щуго как хутIизегIан нахъиял тIаса ккана.

ЩуцIали какил кири камичIого босулеб,
Щуго как нахъ хутIана, умматалда тIад къана.
Алжан жужахI бихьана, хIикматазда ваккана,
Гьебго сардилъ авараг нахъе вуссун вачIана.

ХIикматалги гIулумал гьесул рекIелъе тIуна,
ЛавхIалъул ахIкамазул рекIелъ накъищ лъугьана.
АЛЛАГЬасул гIаршалда жиндир цIар хъван батана,
Алжаналъул рагьуда гьединго хъван батана.

Зобалазда ратарал анбияаз абуна,
МархIаба ХIабибуллагь барка дуе нубуват.
Абубакар асхIабас мигIраж ритIухъ гьабуна,
Къосарал къорайшаца гьерес бугин абуна.
МигIражалде ахIарав ХIабибасул умматлъун
АЛЛАГЬас нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


АЛЛАГЬас изну кьуна жиндир аварагасе
Гьижра гьабун вахъине тIайбаталъул ракьалде.
Къосарал къурайшаца жив чIвазе къасд гьабидал
АЛЛАГЬас гьев цIунана гьезул макруялдаса.
Сардилъ тIадеги рачIун рукъ сверун ккун батана,
ДугIа гьабун ракь рехун гьел кьижизе гьаруна.

Аварагас къас бана гъара савралда инзе,
Абубукар асхIабгун гьижра гьабун къокъана.
Савруялъул нохъода лъабго сордо къо бана,
Хадуб бахъараб ахIи бер бухьун нахъ буссана.
Абубакарги вачун тIайбаталде къокъана,
АЛЛАГЬасул кумакалъ мурадалде жал щвана.
МугIрул щобал гIодана ХIабиб ватIалъиялда
Гьев нахъе ун хIехьезе кIоларилан абуна.
АЛЛАГЬас жаваб кьуна гьев тIад вуссизавилин,
Микьабилеб соналда Макка бахъизе ана.

ХIабиб ханлъун теларин хвалчабазда квер лъурал,
Къурайшазул ханзаби бадруялда гъурана.
ГIадан нахъе ворчIичIо, ахIуд арав чи гурев,
Абужагьалил къукъа хандакъалде реххана.
Жодорго ятимасда руссиларин рукIарал,
ЧIухIарал къурайшиял чIалгIаде чIвачIван рана.
Бадруялъул кIалабахъ бидул иххал рахъана,
ХIабибасе хIалае малайкзаби рачIана.

Маккаялъул агьлоялъ абулхIакам цIар тарав
Абужагьалил бетIер масгIудиса къотIана.
АЛЛАГЬасул квер бакъи цадахъ бугев МухIаммад,
Къойидаса къойиде диналъул фатхIу щвана.

Мадиналде щолелъул агьлу данде бахъана,
МархIабаян абуна, ХIабиб кIодо гьавуна.
Мадиналъул гIадамаз гIемераб квер бакъана,
Расуласул диналъе рухIал ричун хьвадана.

Тушбабазул зарарал жодоца нахъе чIвана,
ГъалбацIалъ тIанчIи гIадин тIад рачIарал цIунана.
БоцIигун анфусазда гьез барахщи гьабичIо,
ХIабибасе хIажатаб гьечIилан гьез абичIо.

Гьижраялъул бахIарзал язихълъиялда течIо,
КIиго чIужу йигелас, йиччан чIужуцин кьуна.
БухIиялъул хIалица хIасрат бергьараб Ясриб,
ХIабиб жани рещтIидал алжан гIадин лъугьана.
РахIматлъун жив витIарав ХIабибасул умматлъун
АЛЛАГЬас нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


Расуласул хIакъикъат хIакълъун лъазе кIоларо,
Жив вижарав АЛЛАГЬ тун нахъияб махлукъалда.
Расулуллагь вукIана халкъалъул цIакъ камилав,
Вижи тIабигIаталъул, тIубараб сифаталъул.

Жиндир сифат гьабизе гIадан хадув гъоларев,
Загьир гуреб камалат махлукъалде лъаларев.
Юсуф аварагасе АЛЛАГЬас кьураб хIусну
ХIабибасде данде ккун накътIа гуреб бугеб жо.
ДихIятил калибилги куцукълъи щиб букIила
Расулуллагь вихьарав чиясда гьев вихьани.
ФасихIал щагIирзаби сифат гьабун гIажизав
Жиндир гунгьул хIакъикъат АЛЛАГЬ гуресда лъачIеб.

Церегосел тIахьазда сифат жиндир бицарав
ГIабдуллагьил МухIаммад шагьрул гьидаят вуго.
Мисриялда рукIарал Зулайхал руччабазда
ХIабибасул берцинлъи бихьун букIараб ани,
ГIищкъуялъул цIадуца гьалаглъун тIагIилаан,
РакIал къотIун кверал тун къанабакье инаан.

БецIаб сардида жаниб рикIкIаддасан вихьани,
Жиндир надил гвангъиялъ аварагин аболев.
Русулазулги саййид, нилъер аварагасул
Къадру кIудияб буго кинабго халкъалдаса.
АЛЛАГЬас гьев вижана махлукъалъул хирияв,
Муса, ГIиса, Ибрагьим гьесда данде щоларо.
Гьесул хиралъи лъазе инсанасда кIоларо,
ХIакъикъатги лъаларо АЛЛАГЬ гурев чиясда.

Жиндир чорхол гIотIол махI мискалдаса гьуинав,
Жив хьвадараб ракьалде гьуин махIал рахъулев.
Нуранияб черх бугев, черхалъе рагIад гьечIев,
Киве жив хьваданиги, накIалъ рагIад гьабулев,
Ракьалда жив вилъани, хIатIил асар лъаларев,
Нагагь гамчIида чIани, гамачI тамах гьабулев,
ХIакълъунго Расулуллагь АЛЛАГЬасул нур вуго.
Гьесда хадур гIунтIизе гIадамазда кIоларо.

КIиябго рукъалъул хан ГIабдуллагьил МухIаммад
Киналго лъикIлъабазе аслулъун гьев гьавуна.
Гьев ритIухъ гьавурасе гьесул шафагIат щола,
Жаннатул нагIималда гьесул рещтIен бугила.
Дунялалъул ралъадал щакъилъун свераниги,
Рижан щинал гъутIбузул къаламал лъугьаниги,
Зоб-ракьалъул агьлоялъ хиралъи хъвананиги,
Расуласул хиралъи хъван тIубан лъугьиларо.

ГьедигIанго хирияв ХIабибасул умматлъун
АЛЛАГЬас нилъ рижидал алхIамдулилллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лим даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим


АЛЛАГЬасул авараг МухIаммад Расулуллагь,
Берцинал тIабигIатал тIубан гьесул рукIана.
Накъсу гIайибалдаса гьев вацIадав вукIана,
Къуръан тIабигIат бугев тIагьа Расул вукIана.

ГIамал жиндир берцинав, хIилму жиндир бергьарав,
Сахавалъи гIемерав, гIадан жинда щоларев,
Факъруялда хIинкъичIев, боцIи ризкъи цIуничIев,
Факъру жиндир чIухIиян умматалда абурав.

ТавазугI цIакъ камилав, мискинзаби хирияв,
Факъирзаби рокьулев, гьелгун гIодов вукIунев,
Факъир хIакъир гьавичIев, гIузру къабул гьабулев,
Рихулеб жоялдалъун гIадамазда кIалъачIев.

Айтамазда гурхIулев, арамилал цIунулев,
Зулмуялда ккарасе нусрат жиндир букIарав.
ТIагIамалда чIухIичIев, какун рагIи абичIев,
ПурчIинадул тIагIамалъ тIатIала чехь гIорцIичIев.

Кванай гьекъей цIакъ дагьав, вакъун сабру кIудияв,
Чехьалда къоно чIварав, сардал къоял сокIарав.
РахIат тIалаб гьабичIев, бусада жив кьижичIев,
ТIагIаталъе тIад вахъун, хIатIал жиндир гьорорав.

Чара гьечIеб жо гуреб жинца тIалаб гьабичIев,
ХIисабалдасан хIинкъун хIажат гьечIеб цIехечIев.
ХIажаталдаса тIокIаб садакъалде бикьарав,
Сордо борчIизегIан цин жинда аскIоб течIого.

Дунял тIалаб гьабичIев, гьелда рокьи букIичIев,
Меседилл мугIруздаса жинца игIраз гьабурав.
Рукъзал жинца къачIачIев, гамчIида гамачI лъечIев,
АЛЛАГЬ разилъи гуреб тIалаб гьабун хьвадичIев.


КьечIелде сабру гьаби, кьуралдаса разилъи,
Жиндир сифат букIарав инсанасего щвечIеб.
Нурул гьуда МухIаммад, гьайбат бугев вукIана,
Жавгьарул нодоялда нур гвангъарав вукIана.

Сардилъ жив вилъулелъул нуралъ гIейи гьабулев,
Жив вугеб рукъоб жаниб чирахъ хIажалъуларев.
Бадрул камал вукIана, тажул жамал вукIана.
Жаннатул фирдавсалъул бахIаравлъун гьавуна.

Инсан гьесда релълъинчIо, релълъарав чи вахъинчIо,
Гьесул даражаялда русулалги рахинчIо.
Киналго махIасинал ХIабибасул рукIана,
Гьес хиралъи гъоркь течIо чидае хIасуллъизе.
Нилъер гIакълу щолеб бакI, гIадан вугилан аби,
Халкъалъулго хирияв авараг вугин аби.
Лъица гьев веццаниги, веццун кIаллъананиги
Ралъдал тIири гIадинаб гьитIинабго жо ккола.

Жиндир къадру кIудияв ХIабибасул умматлъун
АЛЛАГЬас нилъ гьаридал алхIамдулиллагь АЛЛАГЬ.

Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв ХIабибасда
Дур гIелмугIан гIемераб гIадад хIасру лъалареб.
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда
Дур рахIматгIан цIикIараб къотIи тIагIинго гьечIеб.
Мавла ясса ли васа лии даиман абада
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулли гьим

АлхIамдулиллагьи раббилгIаламина
АЛЛАГЬума свали гIала МухIаммадин вагIала али МухIаммадин васалим.

Я АРХIАМА РАХIИМИНА
Я АРХIАМА РАХIИМИНА
Я АРХIАМА РАХIИМИНА
Я АРХIАМА РАХIИМИНА

Я кIудияв бетIергьан, ниж дур загIифал лагъзал,
Дур авараг рехсолеб мажлисалде рачIарал.
Дур ХIабиб МухIаммадил мадаихIал цIализе
Данделъарал факъиралл чагIи руго бетIергьан.
ЧIобого нахъе чIваге махIрум гьарун ритIуге
Дур кIудаб рахIматалде гIахьал гьаре я АЛЛАГЬ.
ХIабибасул файзалъулъ тIерхьинаре ниж АЛЛАГЬ,
Гьесул шафагIат нижей насиб гьабе бетIергьан.
Мун гуресда хIеллизе тIамуге АЛЛАГЬ дуца.
Мун гуресда гьаризе риччаге АЛЛАГЬ дуца.
Дуда цебе квер квезе дуца ниж тIамидалго,
Нижер хьул лъуна АЛЛАГЬ дур кIудаб рахIматалда.
Дур рагьиде хIелизе дуца ниж риччаралго,
Нахъе чIваларин абун божи нижерги ккана.
Гьарарав рихуларев, хIеларав чIалгIуларев,
Гьарун духъе вачIарав чIового виччаларев.
Гьарейилан абураб гьаризе дуй бокьулев,
КигIан гIемер кьуниги рахIмат дур тIагIунарев.
Гурх1ел к1удияв АЛЛАГЬ рах1мат г1емерав АЛЛАГЬ,
Хасаб рахIматалдаса нахъе чIваге ниж АЛЛАГЬ,
РахIмат бикьулеб къоялъ гъоркье тоге бетIергьан.
Нижер загIиплъиялда гурхIел гьабе я рахIим,
Мун гуресда лъураб хьул нижер чIобоголъана.
Халкъалъул рагьодаса нижер хIажат тIубачIо,
Божиги гъоркь хутIана хирияв нижер АЛЛАГЬ.
Дуцаго кумек гьабе каримлъидал мун АЛЛАГЬ,
Нижерго анфусазул тадбиралда тIамуге.
Къабулаб тавбоги кьун тархъан гьаре бетIергьан.
Нижер мунагьал чуре гурхIе нижеда рахIим.
КигIан гIасилъаниги, мун тIаса лъугьа АЛЛАГЬ.
Гъапулаб тIагIаталъул агьло ниж ругониги,
Къабул гьабе я АЛЛАГЬ дурго къудраталдалъун.
РахIмат цебе ккезабе, ццин бахъи нахъе чIвае.
Хвалида иман цIуне, мун ракIалда хвезаре.
Исламалде тIоритIе, гьелда хвезеги гьаре,
Дуе тIагIат, гIибадат гьабизе нижги тIаме,
Ахираб хIухьел нижер тавхIидалде ккезабе.
Гьабураб нижер гIамал ахир хвезе гьабуге.
Хатимат ризкъилъун кье, шагьадат насиб гьабе.
Дур русулазе жаваб гьабизе нижги тIаме,
Хабал фитнаялдаса дуца цIуне бетIергьан.
МахIшаралъул захIмалъи бигьа гьабе нижее,
ЦIадрабазде квер бакъе, сиратIалде гьунар кье.
Дарул гьаваналдаса дуца цIуне я АЛЛАГЬ.
ХIабибасул хIавзалда регьизе гьаре АЛЛАГЬ.
Гьесул шафагIат нижей даим гьабе бетIергьан.
Ахираталъул рукъоб ризванул акбарги щун.
Рази гьаре ниж АЛЛАГЬ дур кIудияб фазлуялъ.
ЛъикIлъи бокьизе гьабе, квешлъи рихизе гьабе,
Квешал агIмалаздаса ниж рикIад гьаре АЛЛАГЬ.
Мунгун ХIабиб разияб хIалалда ниж хьвадизе,
Камилаб гIакълоги кьун кантIизаре бетIергьан.
Дунял ахираталъул лъикIлъаби нижее кье,
Хасго ахираталъул гIазабалдаса цIуне.
ХIаваижал тIубае, мурадалда щвезаре,
Ургъелал бигьа гьаре, балагьал кашбу гьаре.
ГIакъибат берцин гьабе киналго умуразулъ.
Хизю хусраналдаса рикIад гьаре бетIергьан.
ЛъикIаб гIамал гьабизе, дуе бокьухъ хьвадизе,
Расуласул нух кквезе, квер бакъе АЛЛАГЬ дуца.
ШайтIан, дунял, гьава, нафс, квешал тIабигIатазда,
Гьезда нахъа рилъизе тоге АЛЛАГЬ дуца ниж.
Багьана къваригIулев, гIафву сифат лъун бугев,
Нижеда тIасан лъугьун накъсу дуй бачIиларо.
Нижей къварилъи гьабун, гIазабалъе хIакъ гьарун,
Гьелдда мун хIажат гьечIо гурхIелалъул бетIергьан.
Такъсиралда мукIурлъун тIаса лъугьа, гьарула,
Къабул гьаре я АЛЛАГЬ нижги нижер агIмалал.
Нилъедасан регьарал гIамалал, алпазазул,
ЦIаларалъул, къасдалъул, тIолгоялъул кираби
ГурхIулев ХIабибасул хIазраталда малъана,
Хадуб ункъавго асхIаб, агьлоялъеги кьуна,
Нахъиял асхIабзаби, имамзабазе кьуна,
Хадуб тIарикъаталъул шуюхазеги кьуна,
Хасго устарзабазул арвахIазеги кьуна,
Хадуб эбел-инсуе, вацал-яцалазеги
ГIагарал божаразе, хIукъукъал хурхаразе,
ГIелму, къуръан, щаригIат, тIарикъат малъаразе,
Нилъеда хьул лъуразе, аманат гьараразе,
МухIаммадил уматул ижжабатлъун хваразе,
Хасго данделъиялъе сабаблъун ккаралазе,
Гьелъул кири щвезабе киназего гIам гьабун.
Къабул гьабе бетIергьан, камил гьабе бетIергьан,
ХIабибасул баракат тIолгоязе щвезабе.
Цереселги нахъиял мунагьал чуриялъе
Капаратлъун ккезабе нижер хирияв АЛЛАГЬ.
Я раби нижер АЛЛАГЬ ажру цIикIизе гьабе,
Нижер данделъиялъе сабаблъун ккаралазе.
Гьезул садакъа хайрат къабул гьабе бетIергьан,
Къиямасеб къоялъе хазиналъун гьеб гьабе.
ХIабибасул шафагIат киназего щвезабе.
Гьесул къукъагун цадахъ тIаде рахъизе гьаре.
Нижер гьабураб гIамал гьурмалъ кьабуге АЛЛАГЬ.
Дуцаго къабул гьабе къудраталъул бетIергьан.

Я архIама рахIимина
Я архIама рахIимина
Я архIама рахIимина


жаваб гьабе бетIергьан

Ва саламу гIалал мурсалина валхIамдулиллагьи раббил гIаламина. (хадуб алхIамги цIалила)



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.