![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьаквари росуРикIкIадал кIкIалабахъ цIумал роржунел,
Рорхатал мугIруца жаниб бачараб, ГIолохъанаб гIумру дир жаниб араб , Бокьула дие мун Гьаквари росу. Берал къаншигун ракIалда щола, ЧIамалазул ватIан Гьаквари росу. ГIурчинал байдаби цIорорал иццал, Лебалал васалгун, берцинал ясал. Росу тун нуж арал, гьанир рижарал, Кире нуж щваниги, щиб гьабуниги, Зама–заманалда рачIа расулъе, Умумазул хабалъ дугIа гьабизе. КIудияб гьари дир росу цоязда, РукIа нуж кидаго гъункун, ракълида. Къварилъигун роххел нилъеда щвани, Борхине нилъеца гьеб тIадегIанго. РикIад вукIаниги дир росу цоял, Рокьула дие нуж дунялалдаго. Бокьула нилъерго ватIан Анзи–Милъ, Бишунго борхатаб Анчил мегIерги. Гьалбалги хириял, къиматги лъалел Цо гIажаибаб халкъ буго гьаб росулъ. Берцинал мугIрулгун гъваридал щобал, РакIалги гIатIидал дир Гьакварисел. |
|
||||||||||
|