![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КватIун данчIвана нилъ…ЛъугIана бицунеб ахираб хабар,
ГIинкъайлъун хутIана бицаралде мун. РагIичIо жавабги – дида бичIчIула: КватIун данчIвана нилъ, кватIун дандчIвана… Гьеб дир гIайиб гуро, дир гIайиб гуро, ГIумру нилъедехун цIоб гьечIеб бати. Цоцада лъачIого бакъ-моцIалда гъоркь, Арал санахъ буго ссудулеб дир ракI. Жакъа ратIалъила, лъаларо цинги, Цолъиладай нухал нилъ кIиязулго. Ина къоял, санал, сверила ихал, Дур дихъги дир духъги тIагIина рокьи. Мун дида йихьизе дир хьул тIагIина, Дун дуда вихьизе дур тIагIина хьул. Гьеб мехалда дуда бичIчIизе буго, ГьабсагIат нилъ кватIун дандчIван гьечIеллъи… |
|
||||||||||
|