Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Мавлид

Гьигьалълъа ГъазимухIаммадил вас МухIамадхIажи

МАВЛИД АЛ-КАБИР

 


Мавла я сали васалим лимда иман абадан.
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

АлхIамду-алхIамду сумма алхIамду дуе, Аллагь,
Мунгун ХIабиб рехсезе мацI лъалел ниж рижарав.
Ва шукру сумма шукру дуе, Аллагь,
ХIабибасде гIашикъал агьлулъун ниж гьарурал.
Дуца малъухъ гурони мун веццизе рес гьечIел,
Дуе рекъараб щукру мун гуресда лъалареб.
Мун цохIо вукIин лъазе, мун къадир вукIин лъазе,
Дуе лагълъи гьабизе гIалам загьир гьабурав,
БатIа-батIа лугъаталъ дуе тасбихI гьабулел,
Малаикзабазул бояз дуй рецц гьабун гIорцIулел.
Мун вукIин хIакъаб бугеб, мисал сурат лъаларев,
Дур пикру гьабуразул пикру хадуб гъоларев.
Гьаб щулияб куцалда зобал-ракьал рижарав,
Гьаб камилаб хIалалда кинабго жо хьихьарав.
Ургъизе вазир гьечIев, хIал къезе щарик гьечIев,
ДагIбадизе хан гьечIев, ракI гъезе хизан гьечIев.
Цебехун авал гьечIев, нахъехун ахир гьечIев,
Заман гIемер банилан, бахIарлъи-херлъи гьечIев.
ГанчIида билълъун унеб цIунцIрал гьаракь рагIулев,
БецIаб сардида жаниб зарра дуда бихьулев.
РакIазул хиялазда мун хекко хадув гъолев,
Бижилалде цебего щибаб жо дуда лъалев.
ГIелму, гIакълу, кIалъай кьун, сурат берцинаб бижун,
ТIолго гIаламалдаса инсан хира гьабураб.
Хадуб салатги салам хирияв ХIабибасде,
Кинабго хIухьел рикIун, заррабигIан гIемерал,
Цинги бетIергьанасе нилъ рокьизе бокьани,
ХIабиб вокьи гурого щибго сабаб гьечIелъул,
МацIалъ мавлидги рехсон, ракI ХIабибасде гIодун,
Дагьав ХIабиб веццизин чIалгIинчIого гIинтIамIе.
ХIабибасе рецц гьабун, Къуръан рештIун бугелъул.
Гьесул хиралъи бицун халкъалдаса кIоларо.
ХIабибасе рецц гьабун, ужра бокьунги гьечIо.
Кинниги хIажат буго ХIабибасул шапагIат.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Зобал-ракьалги гьечIеб мугIрул-щобалги гьечIеб,
ГIорал-ралъадал гьечIеб, дунялго гьечIеб гIужалъ,
Азалияв, къадирав махлукъаталъул халикъ.
Балъгояб хазиналъун цохIого жив вукIана.
Гьев къадирасулъ бугеб гIелму азалалдаго,
Дунял гIалам бижизе къадарлъун чIун букIана.
ГIелмул азалалдаго къадар букIараб к,уцалъ,
ГIалам загьир гьабизе халикъасе бокьидал,
Кун абураб лафз абун, гьитIинаб нур бижана.
Гьеб нуралда халикъас МухIамад цIарги тана
Гьеб хирияб нуралда халикъас илгьам гьабун,
ГIаламул къудусалда тасбйхI гьабун хьвадана.
ТасбихI, суждаби гьарун, нуралъ тIагIат гьабуна,
Жиндир халикъасдехун нуралъул гIишкъу ккана.
ХIабибасул нуралъул жинда гIишкъу бихьидал,
АнцIила кIи пардавги риязалда тIамуна.
Гьебщинаб пардав рикIун, аза-азарго соналъ,
ТасбихI, суждаби гьарун, пардавал тIагIун ккана.
Щибаб пардавги тIагI,ун, мушагьадалде щведал,
ХIайранлъи хIаяъ бергьун, нуралъ хIохьел бичана.
Гьеб нуралъ бичантараб хIухьел аслулъун гьабун,
Щивав Аварагасул рухIгун зарра бижана.
Цинги ХIабибасул нур ракьалде бичан тана,
Цинги БетIергьанасул халкъ бижизе мех щведал,
Адам Авараг вижун, халкъалда байбихьана.
Гьев Адамил чорхолъе ХIабибуллагь нур лъуна,
Вере гьаб цIунейилан халикъас амру гьабун.
Адам Аварагасги амру васият гьабун,
Умуразулъ гьесул нур иргадал хьваданила.
Цинги инсаналда гъорлъ кIиго тайпа бижана,
ГIарабилан цояб, гIажам абун цогияб
ГIарабалда жанибги тухум, кьибил бижана,
Кьалбаздаса хирияб къурайшил тухум абун.
Гьеб рехсараб хIалалда хира гьабун цIунараб,
ХIабибуллагьасул нур ГIaбдуллагьихъ рештIана.
Киналго Расулазул шаригIат тIубан хадуб,
ХIабибасул шаригIат загьирлъизе мех щведал,
Къурайшияв ГIaбдуллагь Аминаткл рос лъугьун,
Аминатил ургьибе ХIабибасул нур ккана.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Халкъалъул Сайидасе Аминат къинай чIедал,
ГIaкълу хадуб гъолареб гIаламатал тIатана.
Инжил-тавраталдаса хабар лъалел гIадамал,
Цоязда цоял балагьун щур-щуризе рекIана.
Къаси гьаб сардилъ жаниб эбелалъул ургьиве,
ГIаламалъулго Сайид Авараг кканин абун,
ТIолго малаикзаби рохел гьабун кIалъана.
ХIабибуллагь гьавизе Аминат къинчIанилан,
Аминат къинчIун хадуб пихъал, хурал рижана.
ХIабибуллагь гьавизе замана гIагарлъидал,
ГIaбдуллагьил рукъ сверун малаикзаби рештIана.
Аминатида аскIор хIурулгIинал рачIана,
Дуда ургьив вугев вас халкъалъ,ул СултIанилан.
ХIурулгIиназда цере Марям, Асият щвана.
Дур вас гIадав Авараг эбелалъ гьабичIилан.
ХIабибуллагь гьавизе Аминатил мех щвана,
Руччабазул хIара щун, къечалъул хIал бергьиндал,
Алжаналъул гьекъолел цIердал шишабиги цIун,
Аминат къачIадизе хIурулгIинзаби щвана.
Алжаналъул гьакълида эбелалъ хIохь балаго,
Алжаналъул махI бахъун, гьинал ракI гIатIилъана.
Алжаналъул хIинчI бачIун, чехьалда милъир хвана,
Гьеб сагIаталъ вас, гьавун Аминат хвасарлъана.
ГIaршалдаса бахъараб фаршалде щун ккезегIан,
ХIабибасул баркаталъ гIалам нуралъул цIуна.
ГIемерго бухIи цIакъал махIшаралъул къояца,
ХIабибас квер кодоб ккун, кавсаралде ахIизе,
Мала я сали ахIун, хIалкъа берцинаб гьабе,
ХIал кIвараб салат битIун, ХIабиб вохизе гьаве,

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

РабигIул авалалъул анцIила кIиабилеб,
Итниялъ ХIабиб гьавун, дунял гIалам гвангъана.
Капурал ханзабазул гIадлу, базар бихана,
Гъоркь рукIарал тахбакIал кIалагъоркье сверана.
КIикъого рагъи бугеб Кисра ханасул хъала,
КIихIи хъвалхьун рехана ХIабибасул гьайбаталъ,
МагIида рарал хъанчал гIодоре гъегьун ана,
ЦIаял АЛЛАГЬЛЪУН ккурал цIа ссун, ургъалилъ ккана,
Эбелалъ ХIабиб гьави гIаламалда тIатине,
КагIбаялъул тIохазда нуралъул байрахъ чIана.
ХIабиб гьавизе цеве зодор рахунел женал,
Гьав гьавунтун хадуса цIваби речIун нахъ чIвана.
Аминатил ургьисан АхIмад къватIив лъугьиндал,
ГIемерал гIаламатал гIаламалда тIатана.
АхIмадил рохел гьабун малаикзаби рештIана,
Зобалазда ругезда вихьизе вачун ана.
Вас аскIоса ватIалъун, эбел къварид йикIаго,
Малаикзабазул квералъ цIину къотIун вачIана.
ХIабибасул пасихIлъи лъидасан бицун кIолеб,
Гьавурав сагIаталда суждаялда речIана.
АЛЛАГЬАСДЕ рецц гьабун пасихIаб кIал кIалъана.
Зодоб килишги битIун гар-гардизе рекIана.
Щибдай бицунебилан гIин тIамун гIенеккидал,
АЛЛАГЬАСЕ рецц гьабун, гаргадилев ватана.
Хадуб гьарулеб буго баянаб кIалъай гьабун,
ЖужахIалдаса уммат хвасар гьабеян абун.
ТIолго халкъалъул Сайид дунялалде лъугьиндал,
Кинабниги гIаламалъ МархIабаян ахIана.
ХIабиб кIодо гьавизе МархIабаян ахIизе,
ГьабсагIат тIаде рахъин суннатабилан буго.
ТIаде рахъун, гIишкъулъун, нилъ жиндехун ахIани,
Таважугь камил гьабун, МархIабаян абуни,
Халкъалдеги балагьун данде "аваб гьабизе,
ХIабиб вачIин хIакъ гьабун, мухIканаб хабар буго.
ТIобитIун, камил гьабун, МархIабаян абизе,
Мун гьавураб гIужалда ниж рижунги рукIинчIин,
Накаби чIван, бетIер чIван, мархIабаян ахIизе,
Дур камилаб зат бихьун, нижер рухIал хIал хьечIин,
Дунялалда хваниги, хабалъ мун чIаголъидал,
МархIаба къвазаъ гьабун, ахIизин ниж я,
ХIабиб. МархIаба, дуе ХIабиб, мун кинатазул аслу,
Дунял-ахираталъул квершел кодоб кьурав хан.
МархIаба. я мархIаба, мархIаба, мархIаба дуй
МархIаба дуе, Расул, ХIасан, ХIусенил кIудав.
ХIисаб-суал гьабулеб къоялъ мун къваригIунев,
МархIаба я мархIаба я мархIаба, мархIаба дуй
МархIаба дуе, Карим, Загьра-Багьжатил эмен
ЦIадирай тIокIлъун ккедал, аманат дуде бугеб.
МархIаба я мархIаба я мархIаба, дуй, МархIаба, дуе,
АхIмад, хIикматалъ цIураб ралъад,
ТIеренаб сиратI бахун, ниж рорчIизе гьарулев.
Хошгелди дуе, Сайид, сиратI берцинав СултIан,
Хошгелди дуе, Яасаб, тадбир камилав инсан,
МархIаба, я мархIаба, я мархIаба, мархIаба дуй.
Хошгелди дуе, тIагьа, нижее бугеб рохел,
Расулазул хирияв нижер Расул мун лъидал,
МархIаба, я мархIаба, я мархIаба, мархIаба дуй
Хошгелди дуй, АВАРАГ, дудалъун бугеб баркат,
Мун хирияв вукIиналъ нижги хирияллъидал.
МархIаба, я мархIаба, я мархIаба, мархIаба дуй.
Хирияв ХIабибасде цохIо салат битIани,
Нилъее АЛЛАГЬАСУЛ анцIго салат бугелъул,
АнцIго нилъеца битIун, ХIабиб рази гьавуни,
Халикъасул нилъее нусго салат бугелъул,
МархIаба, я мархIаба, я мархIаба, мархIаба дуй,
ГIишкъуялдалъун битIе АВАРАГАСДЕ Салат,
ХIел-хIедун тIалаб гьабе ХIабибасул шапагIат.
МархIаба, я мархIаба, я мархIаба, мархIаба дуй.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Аминатил цIоялда ХIабиб дагьалъ хахана,
Гьелда хадуб цо дагьалъ Сувайбатихъ вукIана.
Гьелда хадув хахизе чидахъ кьезе лъугьиндал,
Киналго руччабазул ХIабибасде хьул лъечIо.
БестIал ятимасдасан жодой пайда гьечIилан,
ТалихI гьечIел руччаби ХIабибасде гьесичIо.
СагIадат насиблъарай СагIдиязул ХIалимат,
Жавгьар кодоб щванилан, хъамун ХIабибгун ана.
БетIербахъи загIиплъун, ракI къваридго йикIарай,
ХIабиб хахаралдаса магIишат камиллъана.
ХIалиматил каранда Зумрат абун вас вукIун,
Цояб керен гурони АхIмадица хахичIо.
ХIисаб гьабе, гIадамал, ХIабибасул камиллъи,
Каранда жив вукIадго гIадлуялъул бащалъи.
ХIабибасул тIабигIат тIолго батIияблъидал,
ЦохIо къоялъ гIолаан цо моцIалъул лъимергIан.
Лъабго моцI бан хадуса гали бахъун хьвадана,
ИчIго моцI тIубалелде иасихIаб мацI кIалъана.
Бичасул нуралдаса АхIмад вижун вугелъул,
ХIабибасул чорхолъе щибго хъублъи бегьичIо.
Зумратгун васандулев лъималазухъ вукIадго,
КIиго малаик вачIун, керен ссун, ракI бахъана,
Меседил тIарсинисан гIазу босун чурана.
Нуралъул мугьруги чIван, бацIцIун ракI жаниб лъуна.
Маккаялъул вацасе гьади-гьадин кканилан,
ХIалиматида аскIов Зумрат гIодун вачIиндал,
Алжанал хIалаллъаяй, гIакълу бугей ХIалимат,
ХIабкбасе зарар щун гIайибалда хIинкъана.
ХIабиб ватIалъиялда хIасратаб магIуги тIун,
Дурго вас маян абун Аминатихъе ана.
Аминат къинай лъугьун, кIиго моцI тIубайдалго,
Мадиналъул ракьалда ГIабдуллагь эмен хвана.
Ургьиб лъимерги букIун гь,урбаталда рос хведал,
Жийго гьитIинго йикIун, къоролльиги бихьидал,
ГIабдуллагьихъ гIодарай Аминат рагIарав чи,
Щибго ургъел бигьалъун, сабруялде вусина.
ХIабибасул ункъо сон камил гьабун тIубайдал,
Аминатил къасд ккана Мадинаялде инзе.
ГIабдуллагьил хоб бугеб Айваялде щвелалде,
Хвалил унти тIаде щун, Аминат эбел хвана.
Эбел-эменги хун, ХIабиб бестIал лъугьидал,
Аминат эбелалде женаз магIу гьабуна.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Эбел-эмен хванилан ХIабиб бестIал хутIичIо,
ХIабибасе эменлъун ГIабдулмутIалиб чIана.
ГIабдулмутIалибица кIиго соналъ хьихьана.
ГIабдулмутIалибги хун, АбутIалибихъ ккана.
Хирияв ХIабибасе хъулухъ, адаб гьабидал,
АбутIалибил рукъоб магIишат берцинлъана.
ХIабиб цадахъ гьечIого, АбутIалиб кваначIо,
ХIабибгун ургъичIого, щибго жо гьес гьабичIо.
АнцIго соналде щвечIев ХIабиб вугеб мехалда,
Зодосан цIадал къотIун, халкъ къварилъун букIана.
АбутIалиб ханасда ХIабибасул баркат лъан,
КагIбаялда мугъги цун гьарейилан малъана.
Бакъул нур гIадаб гьумер зобалазде балагьун,
Зодоб килищги битIун, лъабго рагIи абуна.
Зодосан пири пирхун, цIикIкIарал накIкIал рачIун,
Гьеб сагIаталъ чвахана зобалазул рахIматал.
Хирияв ХIабибасул цо анкьго сон тIубайдал,
АбутIалибил рукъоб магIишатги лъикIлъана.
АбутIалиб ханасул Шамалдехун къасд ккана,
ХIабибги цадахъ вачун, даран гьабун вусине.
Шамалъул улкаялда Бусраялда рештIиндал,
МутIвирилан цIар бугев кашишасда рихьана.
Гьаб нижер улкаялда нуж раккараб сагIаталъ,
Кинабго гьецIо-цIулалъ сужда гьабунин абун,
АбутIалибгун ХIабиб цадахъ бугеб къафила,
Кашишас р>къор ахIун, лъикIаб хъулухъ гьабуна.
Нижер тIахьазда жаниб жиндир сипат бицарав,
ГIаламалъулго Сайид гьав вас вугин абуна.
ЖугьутIазда лъанани, макру ургъизе бугин,
Хехго даранги гьабун, нахъ русаян абуна.
ХIабибасул мугъзада мугьруялде балагьун,
ЛъабцIул убачги гьабун, хехго нухтIа регIана.
Цинги гьав ХIабибасул къоло щуго сон байдал,
Киналго гIадамада гьесул баркат тIатиндал,
Жиндир боцIи ГIемерай, гIакълу жиндир камилай,
Исламалъул цеесей Хувайлидил Хадижат,
АбутIалиб ханасухъ гьари гьабун йилъана,
ХIабиб Шамалде витIи тIалаб гьабун кIалъана.
Майсаратин абулев жиндир лагъги цадахъ ккун,
Жиндир даран гьабизе виччайилан гьарана.
Къурайшиязда гъорлъе хан гIадинай Хадижат,
Пашман гьаюн йитIизе АбутIалиб нечана.
ХIабиб батIалъиялда гIемерго ракIги бухIун,
ЯхI рехизе кIвечIого, витIилилан абуна.
ХIабибасул камиллъи Хадижатида лъайдал,
Даран базаралда тIад ХIабиб ханлъун гьавуна.
ХIабиб цIуни тIадгьабун, Майсарат цадахъ витIун,
Хадижатил къафила Шамалдехун къокъана.
ГIаданиб нах гьалулеб бухIи цIакъал байдабахъ,
Малаикзабазул рагIдукь ХIабиб гьогьмада ана.
Майсаратгун къафила гIетIулъ тIерхьун рилъана,
ХIабибасул карамат киназдаго тIатана.
Шамалъул Бусраялда къафила гIодоб чIедал,
ГъотIол рагIдукь гIодов чIун, ХIабиб вугеб мехалда,
НистIурилан цIар бугев кашиш тIаде вачIана.
ХIабибасде балагьун гаргадизе рекIана.
Гьаб гъветIалъул рагIдукье АВАРАГЛЪУН гьечIев чи,
Кидаго чIечIин абун НистIур кашиш гьедана.
ХIабибасул черхалда балагьи гIемер гьабун,
Мугъзада бугеб мугьру мухIканлъиялда лъайдал,
Къайсаргун Кисраясул ханлъи хвезе гьабулев,
ГIаламалъулго Сайид гьав вас вугин абуна.
Шамалдаса бачIунеб къокъаялда балагьун,
Рагъиялда гIодой чIун Хадижат йигеб мехалъ,
Бакъул бухIиялдаса ХIабиб цIунун хьвадулел
Хадижатил беразда кIиго малаик вихьана.
ГIакълу жиндир камилай Хадижатил каранда,
ГIишкъуялъул цIа рекIун, щибабго жо кIочана.
Росулъ къафилаги щун Майсарат гIодов чIедал,
Бусраялъул кашишас абураб жо бициндал,
Хадижат тIадегIанлъизе къадар хъвамо букIиндал,
Хадижатил ракIалъе ХIабиб гьуин гьав;уна.
ГIадамазда тIатинчIев халкъалъул СултIан ХIабиб,
ГIакълу тIокIай йижидал Хадижатида лъана.
МукIурлъи кьибилалда мушавар гьабичIого,
Жий чIужулъун ячеян ХIабибасда гьарана.
ХIабиб гIемерго вохун, инсул вацал разилъун,
АбутIалиб ханасул магьариде боцIи кьун,
Муъминзабазул эбел, гIакълу бугей Хадижат,
ХIабибасул чIужулъун Хувайлидица кьуна.
Къурайшиял хIинкъулев АбутIалиб багьадур,
Инсуца вас гIадинан Хадижатил рос гьавун,
Камураб жо кодоб кьун, рукъалде вичантана.
Кинниги дагьаб гIайиб АбутIалиб ханасда,
ХIабиб Расуллъиялда ракIчIаравги вукIиндал,
Шагьадат камил гьабун, исламалда хвечIелъул.
Исламалда хванилан цо хабарги бугелъул,
Гьесул хиял квеш гьабун, ХIабиб пашман гьавуге,
Мискалъул печат чIварал гIарцул шишабахъ тIурал,
Алжаналъул салсабил щвезе бокьун батани,
Хирияв ХIабибасулъ махIабат камил гьабун,
Салат гIемераб битIун, ХIабиб вохизе гьаве.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

ГIаламалъул Сайидас кIикъого сон барабго,
Халкъ бижарав халикъас АВАРАГЛЪУН гьавуна.
Жавгьар гIадаб лафзалъул, магIна жиндир гьуинаб
Къуръан босун Жабраил гьесде тIаде хьвадана.
ГIадамал хIайранлъулел мугIжизатал раккана,
Капурзаби хIинкъулеб гьайбат гьесул букIана.
Киналго Расулазе кьечIеб карамат кьуна,
Аллагьтун нахъияб жо гьесул уммат гьабуна.
МугIжизатлъун гIелариш накIкIуца рагIад гьаби,
Караматлъи гIун буго жиндир, рагIад гьечIолъи.
Гъазаваталда щварал АсхIабзабаз,ул ругънал,
Чамгун-чан лъикI гьабураб ХIабибас квер тIад бачун,
ХIабибасе къачIараб Жабирил дагьаб квен-тIех,
ХIабибас тIад квер лъедал, нусгоясего гIуна.
Цин гьекъезе гIолареб дангъур цIурабгIанаб лълъим,
ХIабибас жаниб квер лъун, аскаралъего гIуна.
Давудил Сулейманил ханлъи гIемерлъаииги,
Валагьи ХIабибасул гьайбат кIудияб буго.
МоцIрол нухалъ рикIадго кащрзаби тIуркIулеб,
КигIан гIемералниги тушбабазул ракI тIолеб,
Якъубил Юсупие берцинлъи кьунаниги,
Валагьи ХIабибасул берцинлъи тIокIаб буго.
ГIаламалъе нур гIолеб, бакъул, моцIрол нур свараб,
Нуралдаса рижарал малаикзаби нечолеб,
Кингоги ХIабибасул Iьайбаг, жалалат бергьун,
ГIадамазул беразда тIолго жамал бихьичIо.
Машрикъг,ун Магърибалда Зулкъарнай, ханлъаниги,
Талагьи ХIабибасул ханлъи бергьараб буго.
АЛЛАГЬТУН нахъияб жо жиндий баян гьабурав,
ХIабибасда ващадав хан АЛЛАГЬАС вижичIо.
ФасихIал гIарабиял дагIбадизе хIинкъарал,
ГIажаибал хIикматал матIнаби жиндир ругел,
ЦIали гIемер лъарабгIан мацIалъе гьуинлъулеб,
Дунял ахираталъул хабар жинца гIемер бицунеб
ХIабибуллагь хваниги, халкъалдаго нур бугеб,
Къуръаналда релълъараб мугIжизат лъие кьураб?
Жиб цIаларав чияс,ул бетIералда таж лъолеб,
ЦохIо хIарпалъул кири анцIгоялде бахунеб,
Къуръан цIалулел лъимал эбел-инсул ругони,
ЖужахIалъул цIаялда пардавлъун цебе чIолеб,
СиратIалъул кьоялда нурлъун цебе хьвадулеб,
БецIаб хабалъе жаниб чирахълъун жиб батулеб,
Чара б(ух!араб гIужалъ жинца хвасар гьарулеб,
Унтарасе дарулъун, мунагьазде дарманлъун,
Умматалъе сайгъатлъун ХIабибас нахъе тараб,
Хирияв ХIабибасде салат, салам битIеян
Халикъас амру гьабун, аят рештIун бугелъул,
Амру тIубазе гьабун, мутIигIаллъун рукIине,
ТIубараб салат битIе батIхIаясул ханасде.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Къурайшилан абулеб кьибилалъул ГIабдулагь,
Аминатгун данделъун Маккаялда гьавурав,
Къурайшиял ханзабаз гIемер къварид гьавидал,
Мадинаялда жив ун, Равзаялда вукъарав,
Гвангъараб гьумералъул, гьайбат бугеб черхальул,
Халалъи кьокълъиялда Iьоркьохъеб лагаялъул,
Балагьун чи нечолел берцинал берал ругев,
Берцин хъвараб нун гIадал надалда кьунсрул ругев,
Алжанул хIанчIил гIадаб кIалдисеб мацI пасихIав,
КIалдиса унеб калам гьоцIо-нахгIаи гь,уинав,
ГIинтIидул тIегьалдаса кIаркьаби цIакъ канчIарав,
Меседил чIоралдаса чорхол къаматI битIарав.
Кагьтидаса черх хъахIав, щакъигIан рас чIегIерав,
Магжил рас цIакъ гъваридав, гъалал чилай гIадинав,
Жиндир нур бакъул гIадав, гIодоб чIабар гвангъулев
Мугъалда нахъияб жо цебе гIадин бихьулев,
Берал кьижун кканиги, ракI балагьун вукIунев,
Макьу щванилан абун какичури холарев,
Жиндир чорхол гIетIул махI мискалдаса гьуинав,
Жив хьвадарал нухазда гьуин махIал рукIунев,
ЦихIин жиндир квер ккуни, квердаса махI холарев,
Гьес кодоб ккураб лъимер батIа гьабизе лъалев.
Кванай-гьекъей цIакъ дагьав, вакъи сабру кIудияв,
Вакьун жив кьижаниги, гIорцIун макьу речIунев,
Кидаго гIадамазда жиндир хIарас бихьичIев,
Жиндир би гьекъарав чи цIаялдаса тархулев,
Адамил наслуялъ,ул инсан жив вугониги,
Жииндир хириял лугби нуралдасан рижарав,
АВАРАГЛЪУН жив вахъин бищун нахъе кканиги,
Жиндир нуралда цебе халикъас жо бижичIев.
Жавгьар гъорлъе рехидал, маххал гвангъулел гIадин,
Жив гъорлъ вукIиналдалъун анбияал чIухIарав,
Расулазул мухъилъе хIанчIазулъ тIавус гIадав,
ТIолго гIаламалда гъорлъ ч!умаЗ|улъ маржан гIадав,
ТалихI къураб къавмалда жиндир нур бихьуларев,
СагIият бугеб агьлу жиндир нуралъ гIорцIулев,
Иблисалъул шакъават загьирлъизе мех щведал,
Адатушл бадиб бугеб АхIмадил нур бахчана.
Иблисалъул беразда гьеб нур бихьараб ани,
ГIедсгIун сужда гьабун мутIигIаблъун ккелаан.
Ибрагьим халикъасе Намруд мукIурлъилаан,
ХIабибасул нуралда пардав гьабичIеб ани.
Мусал нодо гвангъарал ХIабибасул анварал.
Шакъават бергьун ккедал, ПиргIаниде рихьичIо.
ГIарифинал гурезе пардав бицат гьабурал,
Халкъалда рихьуларел Халикъасул анварал,
Халикъасул нуралъул жиндир аслу бижарав,
ХIабибасул берцинлъи гIарапияназда лъала.
Халкъалъе рахIмат гьарун, рахIманасе хIелулев,
Уматалъул гIадамал, гIодун, хвассар гьарулев,
ГIассизабазул чурхдул шапагIаталъ чурулев,
Умат хвассар гьабизе рухIбичун яхI бахъулев,
Къварилъ,уда умат тун, алжаналде унарев,
Аллагьасда цере чIчIун, хIасратаз магIу тIолеб,
Мунагьал гIемер гьарун, басралъарал гIадамал
Кавсаралдеги рачун, чурун рацIцIад гьарулев.
Аварагзабазул хIажат хехго жинца тIубалев,
ТIолго малаикзаби жинда божун рукIунев,
РахIманасул хазина жиндир квералъ бикьулев,
ГIарасаталъул къояз кверщел жиндихъ букIунев,
Алжан-жужахI бикьизе жиндихъ ихтияр кьолев,
Дуй бокьараб гьабеян халикъас внщун тарав,
Жиндир сурат бицуму инжил, таврат кIалъарал,
Кинавниги авараг жиндихъ гIащикълъун хварав
Холес чIаго вугесде васиятал гьарурав,
Нагагь ХIабиб вихьани, жиндир салам бицеян.
Жиндир хъизан бакъун тун, вакъарасда гурхIулев,
Эмен гьечIел бесдалал кодор рачун хьихьулев,
Жиндир кверщаликъ карал, тархъан гьарун, риччалев,
Кидаго гIадамазда ццин бахъун, гаргадичIев,
Жив зодов балагьани, зобалъ рахIмат кколареб,
Жив хьвадараб ракьалда лълъимал эсул чваххулел,
Гьадинав ХIабибасул мавлид кIодо гьабизе,
Хехлъи кин гьабулареб ХIабиб кIодо гьавнзе,
ГIарщалъул рагIдукъе чIчIун, гьев вихьун нуж хIалхьезе.

Даимаб, абадияб салам-салат лъе, Аллагь,
Киназего хирияв дур ХIабиб АхIмадида.

ХIабибасде нуж гIащикъаллъун ратани,
Рицинин нужеего мигIражалъул хабарал.
Аллагьас халкъ бижизе анкьазар сон букIаго,
Кинабниги заррадул халикъас хIал бихьидал,
ХIабибасул заррадул ракI батIияб батана.
Гьесул рекIелъ батараб хасияталъе гIоло,
Щивго чиясе кьечIеб мигIраж кьун, тIокI гьавуна.
Дунялалъул рукъалда халикъ вихьулеб макъан.
ХIабиб гурев чиясе щивнигиясе кьечIо.
ТIад ретIине халгГатгун, тIад рекIине буракъгует,
ХIабиб зодой вачине, ЖабрагIил витIун щвана.
Кьижун вукIаралъуса тIаде вахъинавуна,
Мун гIарщалде вачине дун витIанилан абун.
Байтул Мукъадасалъул машгидалде щвезегIан,
Буракъалдаги рекIун, берзул нургIан хех ана.
Байтул Мукъадисалъул машгидалде щвелалде,
Киналго анбияал данде руссун ратана.
Аллагьас амру гьабун, киназего къабуллъун
ХIабиб имамлъун гьавун, кинацаго как бана,
Гьенисан зодоб гIунтIун, меседил мали чIвана,
Бер къазе мехх инчIого, зобалазде вахана.
Алжанул хIурулгIинал хIадурлъун чIчIун ратана,
Малаикзабазул боял, мухъал гьарун рихьана.
Халикъасул гьоболлъун ХIабиб ,унев вугилан,
ХIабибасде бер щвезе данде рачIун ратана.
ХIисаб хадуб гъоларел зобалазул бояцца,
ХIабиб кIодо гьавизе мархIабаян ахIана.
ХIурулгIинал гIащикълъун, малаикзаби урхъун,
Анкьабго зоб гъоркьа тун, ХIабиб тIаде вахана.
Аллагьасул гIарщалде ХIабиб гIагарде щведал,
Дуй нух битIаги абун, ЖабрагIил нахъа чIчIана.
Ва, хирияв дир гьудул, Аллагьасул мун Амин,
Мун гьалмагъилан абун, ракIгъун дунги вукIана,
Гьадинаб бакIалдайищ гьалмагълъи толебилан,
Дагьавги вилълъайилан ХIабибас цIакъ гьарана.
ТIокIаб гали бахъизе дир макъал гьечIин абун,
Биараб тIухьи гIадин, ЖабрагIил тIепун ана.
Аллагьасул къудраталъ гьалмагълъи берцин гьабун,
Рапрапалда тIад рекIун, ХIабиб гIарщалде ана.
Аллагьасул гIарщалъул гIажаибал рихьидал,
ГIарщалда сверун ругел аскаразда бер чIвайдал,
ХIабибасул хIал хисун, гIакълу ине рекIиндал,
Абубакарил сурат цебе чIчIезе гьабуна.
Цингиги ХIабибуллагь цIакъго ракIгъун вукIине,
Инсанасул хIисабалъ Аллагьас салам кьуна,
МархIаба, ХIабибуллагь, гьикъа-бакъи гьабуна,
ЛъикI щварав гьудулилан, пардав борхун, кIалъана.
КIикъоялда анцIго как уматалъе тIад лъуна,
Киналниги ахIкамал баян гьарун малълъана.
ЗагIипаб уматалъул хIалкIоларилан абун,
Щуго как хутIизегIан, хайир гьабун реххана.
Бер къанщараб сагIаталъ зобал-ракьалги тирун,
Сардилъ тIаде вачIарав мун дир гьобол вугелъул,
Мун разияб гьоболлъи гьабун нухДа регIизй,
Дурго мурад бицеян Аллагь данде кIалъана.
Гьудулас тIад ахIарав мун дир ХIабиб вугелъул,
Мун воххулеб сайигъат гьарейилан абуна.
Я, дун вижарав халикъ, гIаламалъулго магIбуд,
ЖабраIIил, МикагIил витIун, дуда аскIовги ахIун,
Адамил наслуялъул мискинав дур лагъасе
ХIабибилан цIар ахIи гIураб гьоболлъи буго.
Кинниги дуда аскIов дун щваравлъи лъанани,
ЗагIипаб уматалъул сайгъаталде хьул лъела.
Ва, дир хирияв гьудул, умат хирияв ХIабиб,
Гьеб дур загIипаб умат дир лагъзал гурищ ругел?
ЩуцIалил какил кири камичIого тIубалин,
Щибаб къоялъ щу-щу как дир сайгъат бугин абе.
Дун цохIо вукIин лъалев, дуде инкар гьечIев чи,
КигIан гIассиявниги тархан телилан абе.
Аллагьас бижанщинаб гIалам бихьизе гьабун,
ГIажаибаб гIелмуялъ керен-ракIги гIатIилъун,
АллаIьас гьудул гьавун, нух битIаян салам кьун,
ХIабибилан цIарги лъун, Маккаялде вуссана.
ТIувд Саясаалде арав Мусадаса хеккого,
Бусен цIоролелдего, рукъов вуссун, рещтIана.
Аллагьасул къудраталъ, къадирасул хIикматалъ
Анлъазар сонил нухал кигIан хекко тирарал?
Жаниб ракI нуралъул цIун, лугби чирахълъун лъугьун,
Черх хIикматазулги цIун, ХIабиб нахъе вуссана.
Радал тIаде вахъиндал къурайшиял ахIана,
Жинда рихьаралщинал гIаламатал рицана.
Аллагьасул хIикматал баян гьарун хадуса,
Жив авараглъун вугин загьир гьабун кIалъана.
АсхIабзабазул имам, уматалъул кIудияв,
Абубакар тIокIлъана, мигIражалде иман лъун.
Хъанчие лагълъи гьабун, ракI беццлъарал гIадамаз,
МигIражалъул хабарал гьересиян абуна.
Мун аварагин абун дурго дагIба батани,
Ниж мукIураб мугIжизат хIадур гьабе абуна.
Зодосан гIодоб рещтIун, моцIалъ нугIлъи гьабуна,
Кодор кьурал чIимхаца хайикъ тасбихI гьабуна.
БацIгун гIалхун чундуца живгун калам гьабуна,
Жив авараглъиялъе гъветIалъ иугIлъи гьабуна.
МугIжизат цIцIикIкIанагIан къурайшиял къосана,
ГIаламат тIатанагIан Абужагьал тIурана.
ГIабдуллагьил бесдалав ханлъун теларин абун,
Хвалчабада кверал лъ,ун, ХIабибасде рортана.
Маргьал гIадал чурхдузул, чаран гIадал ракIазул,
ХIамзат, ГIусман рихьидал, къурайшиял хIинкъана.
Бадисан цIа бурулев АбутIалиб багьадур
Къасд бугев вачIайилан, хвалчен бахъун гьункьана.
АбутIалиб хвезегIан ХIабибасда квер бачIо,
АбутIалиб хун хабуб Абужагьал ворхана.
Илбисгун гIакълу гьабун, диванханазде руссун,
Авараг чIвазе абун къурайшиял ургъана.
Халикъасул квербакъи цадахъ бугев МухIамад,
Къурайшиял хIамузе чIвазе кодов кин щвелев?
ХIабибасул р,укъ сверун къурайшиял лъугьана,
Киналго тIаде рортун, авараг чIвалин абун,
Бичас зодой вахарав ГIиса авараг гIадин,
ХIабибги къватIив ворчIун, пашманлъиялде ккана.
Жив къватIиве гъолелъул цо хъат цIураб ракь босун,
Аллагьасде хIелхIедун, капуразда речIчIана.
Гьеб ракь тIаде щвечIев чи цохIониги хутIинчIо,
Ракь тIаде щваравщинав, макьу щун гъапуллъана.
Аллагьасул пишаби кигIан хIикматал ругел?
ХIабибас сабр(у кьейдал, Абубакар воххана.
Баркат бугеб кирилъун, килщица ишан гьабун,
Чодул чахьикь щвезегIан чу ракьалъ жаниб ккуна.
Аман дуда гьарулин Суракъат хIелхIедана,
ХIабибасул хIилмуялъ Суракъат виччан тана.
АнцIила кIиго къоялъ сапаралда хIал баччун,
Итни къоялъ къалъуда Мадиналда рештIана.
СагIадат насиблъараб Мадиналъул жамагIат,
Агьлу-хъизанги цадахъ МархIабаян ахIана.
Кинасулго хьул лъуна ХIабиб жиндихъ рештIине,
ХIабибасул варани Абуаюбихъе ана.
Авлахъалде ворчIарав Луса АВАРАГ гIадин,
Мадинаялде ворчIун ХIабибулагь хIалхьана.
Мадиналде щун хадуб гIемер мехго бачIого,
Рагъул аятал росун Жабраил тIад хьвадана.
Диналде инкар бугел габур къотIун рехеян,
Халикъасул буюрал тIатIалаго рачIана.
КIикъоазарго инсан сахIабиявлъун лъугьун,
Мадинаялъул агьлу киналго мутIигIлъана.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Мадиналде щун хадуб цо ичIго моцI тIубандал,
Лъабнусго асхIаб вачIун Бадруялда рештIана.
Ярагъ борчун чуялгун азарго чи цадахъгун,
ХIабибасда хадувго Абужагьарги щвана.
ГIабдуллагьил МухIамад нилъерго чи вугилан,
Рагъунго лъикI гурилан ГIутбат берцин кIалъана.
МухIамадикьа хIинкъун гьвеэр гьорон батани,
Мунго рокъов айилан Абужагьар кIалъана.
ГIутбатил гIакълуялда гIемер чиги рекъана,
Абужагьарги бергьун, Бадруялда рагъ ккана.
ГIурччинал чармаби къан, цIахIилал чуял рекIун,
ХIабибасе хIалае малаикзаби рештIана.
ХIабиб дунялалда тун, рукъор русинарилан,
Хвалчабазда квераллъун гьедарал къурайшиял,
Малаикзабазул боялъ Бадру гвангъун бихьидал,
Къолдаби гIодор рехун, гIанкIал гIадин лъутана.
Маккаялъул къватIазда пахруялда рукIарал,
Хвалчаца цере къотIун, гIачи гIадин гъурана.
Малаикзабаз чIваразул габур чIегIер батаиа,
Бадруялъул кIалахъе бидул ихал рахъана.
ГIутбатил гIакълуялда рекъечIев Абужагьар,
ГIафраил лъималаца чIалгIаде лъукъ-лъукъана.
ИбнумасхIуд аб.урав асхIаб тIаде щвезегIан,
РухI бахъичIого ватун, гIемер гьес кIал гьикъана.
Маккаялъул ханилан чIухIун гурищ вукIарав,
ГIабдулагьил бестIалас дуй гьабураб щибилан?
ИбнумасхIудил хвалчен гIемер къадараб бук!,ун,
ЛъабцIол горболъ кьабана, щибго асар гьабичIо.
МалгIунасул ракIалъул щулалъини гIеларищ,
ИбнумасхIудидахун щибго хIел-хIел гьабичIо.
Гьэдинаб хвалченгунищ гIадан рагъулъ унилан,
Жиндирго хвалчен кьуна, ма гьаб кьабеян абун.
Абужагьрил горбода жиндирго хвалчен кьабун,
Черхалдасан батIалъун бетIер гебегун ана.
БестIал ятимин абун гIинтIамичIев АВАРАГ,
Хайбаралъул хъулбузда байрахъал чIвазе ана.
Рагъуе бицен бугел гьавазиназул боял,
ХIабибасул аскаралъ асирзаби гьаруна.
ХIалимат эбелалда ХIабиб хахун вукIиндал,
Гьавазиназул чIужу ХIалиматги йикIиндал,
Рахьдадаса гIагарлъи гьесулъ жубан букIиндал,
Жудое цIоб гьабеян гьаваиназ гьарана.
Шаймаилан цIар бугей ХIабибулагьасул яц,
Дун дур яц йигин абун ХIабибасухъе щвана.
Жиндир мугъалда бугеб гIуж бихьизе гьабуна,
Дуца хIанчIун лъугьараб гIуж гьечIищан абуна.
Шаймай жиндир яц йикIин мухIканлъиялда лъайдал,
Бахъун халгIат гъоркь тIамун, Шаймай кIодо гьаюна.
ХIабибасда аскIойчIун Шаймай йигеб мехалда
Рахьдадехун инсул вац Абусурадги щвана.
ХIабибасе рецц гьабун пасихIаб шигIру ахIун,
Гьаваиназул таржилан гьари гьабун кIалъана.
Абусурадил шигIру ХIабибасда рагIидал,
Бадисан магIу гирун, ХIабиб пашманлъун ккана.
Дица керен хахарай ХIалиматил гIагарлъи,
Нилъер асирзабилъун рекъараб гьечIин абун,
Мугьажирал, ансарал данде ахIун кIалъана.
Киналго рази гьарун гьавазинал тархана,
ХIабибасул аскаралъ асир гьаюрай Шаймай,
ХIабибас сайгъатги кьун, бахIарайлъ,ун регIана.

Мавла я сали васалим даиман абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Гьаб вилаяталдаго ханлъун гьавурав ХIабиб,
КъватIив къотIанин абун тIагIун вилун хутIичIо.
ХIажаз гIарабиязул боял жиндие гIедал,
Инсул росу чидахъ тун кинго ХIабиб хIалхьечIо.
ХIижаз гIарабиязул боял жиндие гIедал,
Анзар АсхIабги рачIун, Макка бихизабуна.
АЛЛАГЬ, рабби мун ХIаким, дур гIадлуялъул битIи,
Макка бахъулеб къоялъ ханзабазул басралъи,
Хирияв ХIабибулагь Маккаялде лъугьиндал,
Хъарчигъа гъорлъ речIарал маккалгIадин рахчана.
Руччабазе рихьдае гаргадулел рукIарал,
Руччабиги къватIир тун, рукъзабазухъ рилана.
УхIуйхIатин абулев мискинчиясул ясалъ,
Чуязе кIазал хьвагIун, боязда цере чIана.
Абужагьар чIван хадуб, ханлъи гьабун хьвадарав,
ХIабибасде кьер-кьедун къвекIцIум гIадин вукIарав,
Макка бахъулеб къоялъ Абусуфян вихьарав,
Цоязда цо хъат кьабун гIажаиблъун вохана.
Гьесул ракIалде ккана киналго гъурилилан,
ХIелму цIакъав ХIабибас киналго тархан тана,
Жудер умумал къосин якъинлъиялда лъайдал,
ХIабибасул къукъадулъ мокъокъал гIадин чIана.
Амаятил Сафвангун Абужагьалил ГIикрамат,
АсхIабзабазул мухъилъ маргъалал гIадин чIаиа.
КагIбуилан цIар бугев Маккаялъул кочIохъан,
ХIабибасде хьандарун, шигIрабазда вукIарав.
ХIабибасе рец гьабун, пасихIаб шигIру ахIун,
Жиндасанго жив нечон ХIабибасухъ вачIиндал,
Жиндаго тIад букIараб багьа тIадегIанаб халгIат,
КагIбул назму рагIидал, бахъун КагIбухъ рехана.
Жиндир шаъну кIудияб хираб КагIбаялъул рукъ,
Къурайшазул хъанчаз цIезе гьабун букIараб,
ХIабиб тIаде балагьун, асхIабзаби риччан тун,
ХIисабх,ун басра гьарун, гъурун гIодоре рана.
Абужагьарил рукъзал хIажатханлъун гьаруна,
ХIабиб гьавураб хIужра зияратлъун цIунана.
КагIбаяльул тIохалде Билал вахине гьавун,
МугIрул гIодулеб куцалъ какил гьаракь гьабуна.
Маккашагьар гвангъулел нурал гIодор рештIана,
Инкаралда рукIарал ханзаби мукIурлъана.
БецIал ракIазда жаниб фуюзал чвахун тIуна,
Маккаялъул тIолгоял асхIабзаби лъугьана.
Балагьун чи хIинкъулел асхIабзабазул боял,
Мисри, Шамалда гIунтIун ислам загьир гьабуна.
Живго ХIабиб цадахъ ун, гъазаватал гьаруна,
ГъалбацIал чахбад риччан, чамги гьабуна давла.
Къаф мегIер тун нахъ ругел женал жинда мукIурав,
ХIабибгун къацандизе гIадамазда кин кIолеб?
Анкьабго ралъдалъ бугеб гIалам жиндий мутIигIав,
Гьесде инкар ккуразул гIакълу щибдай букIинеб?
Катида данде багъун гIонкIол санагIат ккелиш,
ХIабибасде къиркъидун, щивниги чи вохичIо.
Кутакаб ихх тIад щведал ходер цебе хутIулищ,
Киналго ханзабазул кунта, шавкат тIагIана.
ГIадамазда дин малъун, улхаби кодор росун,
Цо анцIго камилаб сон Мадиналда тIубайдал,
Дуца гьабулеб хъулухъ гьанже тIубанин абун.
Мун дида аскIов щвезе мех щун бугилан абун,
МагIу рагIизе гьабун Къуръаналъул аятгун,
ХIабибасде халикъас Жабраил витIун щвана.
Дида малъулеб хъулухъ рахIманасул тIубайдал,
Камил гьабун шаригIат умматалда малъидал,
РахIманасул мадугьалихъ дийги цIакъ бокьилилан,
Дунялалъул рукъалда ракI гъолебги гьечIилан,
Гьаб куцалда хьвадиян асхIабзаби малъун тун,
АЛЛАГЬАСДЕ гIашикълъун ХIабибас дунял тана.
ГIабдулагь ханасул вас Аминат Бикал канцIа,
Магърибалъул ракьалда Равзаялда вукъана.
Жиндий зиярат гьабун, тIад хьвадарал гIадамал,
РавхIанияб салам кьун, кIодо гьарун ритIулев,
Гьесул сипат бицине назмуялда кIоларо.
Шукру, шигIруялъ ахIун гьесул баян лъаларо,
Нилъеда лъалеб жо халкъалъул Сайид вукIин.
Халикъасе хирияв камилав инсан вукIин.
Гьесул бицунеб хабар хабаразул ханлъула.
ХалальарабгIан калам гIундузе гьуинлъула.

Мавла я сали васалим даиман абадаи
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими
Я АЛЛАГЬ, я ГIали, я МухIамадан, я Ильясан.

АлхIамдулиллагь кидаго камичIого гьадинав,
ХIабибасул умматлъун ниж рижидал, БетIергьан.
Кидаго рази, АЛЛАГЬ, дур лагъзаллъун гьаридал.
Камилаб тIагIаталъул агьлу ниж гьечIониги,
Мун нижер вукIиналда ниж цIакъ разияллъидал.
ХIабиб ильчилъиялда гIемерго рохунлъидал,
Я халкъалъул, БетIергьан, къудрат бугев мун парчахI,
Нижер рухIал кодосев дуй бокьараб лъугьунев,
Кун абураб лафз абун, зобал ракьал рижарав,
Дунял-ихараталъул щаклъи гьечIез мун малик,
Кинабниги рухIалъе ризкъи кьолев мун разикъ,
Гьаб кулигIалгдоалъул шарик гьечIев мун магIбуд.
Дур гьумералъе гIоло, дур гIелмуялъе гIоло,
Дур заталда рекъарал дур сипатазе гIоло,
ГIажаибаб, хIикматаб дур къудраталъе гIоло,
Халкъалдасан балъгоял дур аскаразе гIоло,
Гьав ниж жинде гIащикъав ХIабибасеги гIоло,
ХIабибасде рештIараб Къуръаналъеги гIоло,
Адамидаса ккарал ХIабибасде щвезегIан,
Гьоркьо ритIаралщинал Расулазеги гIоло,
Хирияв ХIабибасул асхIабзабазе гIоло,
АсхIабзабазул имам Абубакарий гIоло,
ТIоцебе дин сабаблъун хвалчен жинца бахъарав,
Диналъул махул буцур ГIумариеги гIоло,
ХIабибасул кIиго яс Умукусум, Рукъият,
КIиялго жиндий кьурав ГIусманиеги гIоло,
АЛЛАГЬАС магьари лъун, Загьра жиндие кьурав,
ХIасан, ХIусенил эмен гъалбацI ГIалие гIоло,
Хирияв Расуласул лъималазеги гIоло,
Расулас жал рачарал руччабазеги гIоло,
Алжаналъул рохалил хабар нижей бицарал,
АнцIавго асхIабасул нахъе ругезе гIоло,
АкътIабазул кIудияв ХIасаниеги гIоло,
ХIасан, ХIусенил эбел Загьраиеги гIоло,
Хасго Загьрал эбел Хадижатие гIоло,
Дуца хира гьабураб Байтулагьалъе гIоло,
Зобалазул агьлуялъ жинда тIавап гьабулев,
Дуца тIалгIан биччарав байт магIмуралъе гIоло,
Байтул магIмуралда чIун даим тасбихI гьабулел,
Дуе хъулухъ бацIадал малаикзабазе гIоло,
Дур шарийгIал росун Расулазухъ хьвадулев,
Аминилан цIар бугев Жабраиласе гIоло.
Исрафилгун Микаил, ГIизраиласе гIоло,
Алжан-жужахI хьихьарал малаикзабазе гIоло,
Хасго гIаршалъе гIоло, хадуб курсалъе гIоло,
Гьенинб хъулухъ гьабулел равхIаниязе гIоло,
Дуе рухIал ричарал гъазизабазе гIоло,
БатIаго УхIудалъун Шугьадаазе гIоло,
Шугьадаазул Сайид ХIамзатиеги гIоло,
БакъигIалда рукъарал муъминзабазе гIоло,
Бадруялда рагъарал асхIабзабазе гIоло,
БайгIатул исламалъул агьлуялъеги гIоло,
ХIабибасул хоб бугеб Равзаялъеги гIоло,
Равза бихьаралшинал вализабазе гIоло,
ГIелму, гIалам рекъарал гIалимзабазе гIоло.
ГIадлу диван барщадал имамзабазе гIоло,
Ахир заманаялъе имамлъун жив цIунарав,
Аб


© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.