![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КагъатИсанаги щвела квачараб хасел,
Тамахаб гIазуца рацила тIохал, ЦIороялъ щвезабила дида ракIалде РикIкIада хутIарай дур рекIел хинлъи. Щвела дида ракIалде сардилъ гIаздал, ГIажаибаб кунчIиялъулъ дур гьумер. ГIищкъудул цIурал дур беразулъ магIу, Цебе чIела дида мех-мехалдасан. Ва рикIкIадаб, нух халатаб сапаралъ, Лъимерлъиялъухъ щвезавун, нахъвуссун. ВачIунаго, макьилъ гIадин цее чIун, Гьурмада гьимигун тIагIун ина мун. Ва пикрабаз вачина дун ралъдахъе, Карачелабазде ургъел бикьизе. Ралъдал гучаб хъуди дида рагIила, Долго ганчIал дида гьенир ратила… Ва кIичIарал свералаби нахъа тун, Къисматалъул сухъмахънух ккун унаго, Дида ккола хъахIилаб зодисан дир, Жегиги паркъичIин талихIалъул цIва. Доб цIорораб хасалил сардилъ гIадин, Цоцада рихьизе бугеб хьулалъ нилъ, Рачилин квачалъ цIер тIад чIараб къотIноб, Янгъизго хутIараб махилгъотIокье… |
|
||||||||||
|