![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир ватIанГьаб сардил бецIлъиги бакъалъ къинабун
ЦинтIаго гвангъана гIагараб росу. Гьелде руссун руго дир пикру ва ракI, ГIодой биччан буго чIамалазул мухъ. Дун сардилъ вуссана сапаралдаса, Урхъун вукIана дун берцинлъиялъухъ. Щенолел цIадазул цIубараб ВатIан, ТIадгьаквариве щун, щулалъула дун. ГIищкъул, хивалазул, заманалъул хан – Холареб тIабигIат буго дир рекIелъ, ГIурччинаб тIегь-харил халича гIадин, Бессун буго гьениб Анзимилъилъи. ВатIан бокьиялъул буго борхалъи, Гьенибе харулеб хивал буго дир. Росдада цебесеб гъваридаб кIкIал ккун, Гиризе гьесулеб гIищкъу буго дилъ. Куркьби гъурун харе абе дир хивал – Анчил тIогь квегъани гIела борхалъи. ГIищкъу дир гирани цо кIкIалал тIинде, ТIину букIине те Гьаквариб кIкIалахъ. |
|
||||||||||
|