![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Гьакварие ячIун Cабигат йигоИнхокъвариб кIкIалахъ кIудияб гьунар,
30 апрель 2005 с.
Гьакварие ячIун Сабигат йиго ГIакъилал кучIдузул кенчIолеб жавгьар, Жакъа гьаниб буго ссун-гвангъун унеб. Щайзе мун ахIдолеб, хIикматаб гагу, Гургинал саназул сияхIги рехсон? Дир раккулел тIугьдул тIегьан унеб ах - Хех рикIкIунге дие дир ихдалил мех. Щайзе мун ахIдолеб, хIайранаб гагу, ХIикматал гьаркьаца саналги рикIкIун? Дир речIалел тIугьдул, тIерхьун унеб бакъ, Къокъ рикIкIунге дие дир хасалил мех. Инхокъвариб кIкIалахъ кIудияб гьунар, Гьава дуца цIцIураб цIумазул тIалъи, ХIайранал кучIдузул кенчIолеб жавгьар, ГанчIазда аскIоб дур бугеб батIалъи! Жеги цIубай абе цIакъго дур гьунар МагIарул цIумазул цIарал ахIизе. ЦIумада районалъ Инхокъвариса, Сабигатги йигин ракIчIун абизе. Цебего дир рекIелъ бакI ккурай шагIир, Дур кучIдуз жеги дун гьавила асир. Гьезулъ дий вихьила ХIамзатил Расул, Гьез дие цIи-цIияб гьабила асар. Инхокъвариб кIкIалахъ бижараб гьунар, Кьалбал дора руго, гъветI нилъгун буго. ГIакъилал кучIдузул кенчIолеб жавгьар, Гьакварие ячIун Сабигат йиго. |
|
||||||||||
|