![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Чияр гIишкъуялъул кучIдулги цIалунЛъабго рагIи херхун жугьа хъвачIого,
ЧIаголъи гьабула чанго бихьинас. Чияр гIищкъуялъул кучIдулги цIалун, «ЦIализе» гьаюла гьес йокьарай яс. Гьес гIадин дицаги цIалана кучIдул, «ЦIализе» гьаюна йокьарай гIадан. Дирго гIададисел гьаркьахъ гIенеккун, ГIазаб кьуна рекIей балъгоял кучIдуз. ГIадада абураб рагIул учузлъи, Лъаларого уна инсанасул ригь. Цо-цо кIалбазарил кIалдиб балагьун, «Гьура!» -ян ахIдола гьесул жагьиллъи. Учузаб рагIуе къимат кьолелъул, Къадруявлъун ккола жиндаго инсан. Жиндирго гъалатIал бер къапичIого, ТIадегIанлъун рихьун хьвадула гIадан. …Цо-цо ккун риччарал гъалатIазул си, ЧIвадназеги сверун лъугIулеб гIумру… КучIдузулъ бессараб рекIел хIасратгун, Гьурщанилан чIахIалъ чIвад бахъиладай… |
|
||||||||||
|