![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Закарьяев мухIамадил рагIабаздасанВатIанияб рагъда гIахьаллъи гьабурал росуцоязе хъварабЭбел – эмен тана, росу – ракь тана,
Къо– мех лъикIин абун, росдал халкъ тана. МегIер, гIалах, гIор, лъар чвахеян абе, МугIрул гIансил гьаракь тIагIуге абе. Эбел щулаго чIа, эмен сах вукIа, ВатIаналъул тIалаб тIубалин дица. Яцал сабру гьабе, вацал хIадурлъе, ХIарщ мерхьине тIаме хIиллаяв Гитлер. ВатIан цIунизе цIумал тIад рахъа, Расги хIинкъичIого, рухI кьун рагъизин. Пасатав тушмангун, гьагав фашистгун, Кавказ бахIарзазул улкалъидал гьаб. МухIамад ХIажиев, Идрис Къураев, Ккве къвалакь автомат, борче ярагъ тIад, Закарья къоркь тоге, АсхIабгун цадахъ, Къадыров, ДжабрагIил гьужумалъ рахъа. ХьвацIил хьитал риче, чакмаял ретIе. Мусаев, Дибиров, Хантуев МухIамад. ТIамур бичун босе Шамилил хвалчен. Хвалил кIвар гьабуге ДжабрагIилил вац. Киназго квер лъейдал тункIил гIарада, ХIасбула тIад вахъа бахъун ханжаргун. Амма нужер цо–цо хобал щвечIого, Европалъул ракьда регунги руго. Европа, Азия аз эркен гьабун, Нус–нус тIалаялъул минаби ралел. Гитлерги, Браунги рухIун тIагIана, ТIад тIураб кислота загьрулъунги ккун. Дуца ВатIаналъе чIухIарав Гитлер, Хобал гIатIид гьари ургъун батана. Кавказ байрахъалгун парад гьабулел, Фашистал нагIана гIаламалъги кьун. |
|
||||||||||
|