Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Мавлид

Гьигьалъа ХIажимухIамад ХIусайнияв

ДЖАМАЛУЛАЙД САЙИД ХIУСАЙНИЛ МАВЛИДАЛДАСА БОСАРАБ

 


Салават битIе нужеца, гьанир ругел тIолгояз
ЛъикIалде нилълъ ахIулев хирияв ХIабибасде.

Мавла я салли ва саллим даиман, абадан.
ГIала ХIабибика хайрил халкъи кулигьими.

Жиндир хIакъикъаталда гIадан хадув гъоларев
Щибаб сурат бижарав рецц Аллагьасе буго.
Аллагь вацIадав вуго, нилълъ жинца хас гьабурав
Нилълъ жиндалъун чIухIулев хирияв ХIабибасда
Жиндир сипатал рицун аят, сурат рештIарав.
Аллагьасул рахъалъан рахIматлъун жив витIарав
ГIаршалъул бетIергьанав Халикъасул цIоб лъеги.
Гьесдагун агьлуялда хIакъаб жо тIибитIарав
Бадру загьирлъанагIан, сафа гьури пунагIан.
МахI гьуинаб мискуялъ гьуин махI1 гьабурабгIан.
ТIоцебе тIагьаясул мавлид данде гьабурав
Сайид ХIусайн абулев жамалул лайди вуго
Аллагьас фазлу гьабун, тавпикъалде хьул буго
Гьаб мавлид данде гьабун, лъикIлъиялда ран буго.
Гьашимияв АхIмадил нур баккана загьирлъун,
Адамил гьумералъулъ гьумер берцинаб гьабун.
Адам вижизе цебе кIиазарго сон букIун,
Гьесул нур бижун бугин мухIкан гьабун бицана.
Цинги малайкзабазда Халикъас амру гьабун,
Халкъалъулго инсуе эл суждаялда ккана.
Цинги Адамидаса нур накълулъун хьвадана
Зина, хатIа лъугьинчIел АхIмадил умумузулъ.
Жиндир эбел-инсулъе гвангъараб нур щвезегIан,
Жиндир гвангъиялдалъун бакъул, моцIрол нур свараб.
Салават битIе нужеца гьанир ругел тIолгояз.

Мавла я салли ва саллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

Цинги нилъерго саййид МухIамадрасулуллагь
ГIабдулагьил василан машгьурлъарав чи вуго.
ГIабдуллагьил эменги ГIабдулмутIалиб вуго
Хиралъи тIад рецIарав Гьашимил вас вуго гьев.
Жиндир аслу бацIадав ГIабдулманапил вас гьев.
ГIабдулманапил эмен Къусайулан абула
Нечей, гIибрат берцинав КагIбаде жив гьавурав
Килабил валад довго дов рехсарав КагIбуги
КагIбу Луъяул валад, гьевги Гъалибил валад
Жив вугев бакI берцинав Фигьруе жив гьавурав.
Жииндир сулбуялдаса къураиш кьибил лъугьарав
Назарил вас Маликги вас вуго гьев Фигьруги.
ХIажат жинца тIубалев хиралъабазул бетIер,
Кинанатил вас вуго гьев рехсарав Назарги
Мудрикатил васасул Хузайматил вуго гьев
Илясил васин абун Мудракатги рехсола.
ТIадегIанал ханзаби жинца гIунтIун чIухIарал
Музарил вас вуго гьев рехсарав Илясханги.
Музар Низарил вуго, Низар МугIадил вуго
МугIад ГIднанил вуго гьесулъ гьел лъугIун ккола
Салават битIе нужеца гьанир ругел тIолгояз.
АхIмадил насабалъул аслу кигIан хирияб
Жииндир насабалдалъун Адам ханлъун лъугьарав
Зина, хатIабалдаса гьесул наслу бацIадаб
Гьесул умумузлъги щибго жигъаллъи ккечIо.
Гьесул умумузулъги къадру дагьав чи гьечIо,
ЛъикIлъаби гьариялъулъ тIолго ращадал руго
Цинги ХIабиб гьавизе эбел къина лъугьана,
Гьесие къинай лъугьун гьелда бакIлъиго лъачIо.
Аминат къинай лъугьун мухIканлъараб гIужалда
ХIурулгIиналгун цадахъ Марья", Асият щвана.
Хирияв ХIабибасул гьелда рохел бицана.
Гьел рачIин мухIкан гьабун, кьучIаб хабар рагIана.
Цинги Аминатида бигьаяб хIара цуна,
ТIаде нурал ритIарав МухIаммадги гьавуна.
Жиндир хиралъи бицун Къуръан, тIахьал рештIарав
Пилалъул сонилъ бугеб рабигIалъулъ гьавуна.
АнцIила кIиабилеб итниялъул рогьалилъ.
Даража тIадегIанаб рукъов жанив гьавуна.
Гьуин махIги цадахъгун, щибго хъублъи гьечIого,
КIиябго квер гIодоб чIван, зобалазДе балагьун.
ХIабибуллагь гьавиялъ дунял берцин гьабуна,
Хирияв Макка шагьар гьесдалъунги чIухIана.
Кинабниги гIаламалъ гьесул рохел гьабуна,
Гьесул баркаталдалъун пихъал, хурзал рижана,
ГIалимзабаз бицухъе гьесие хIурмат гьабун,
Гьанже нилълъ тIад рахъани,
Гьеб мажлисалда жанив гьев щолилан абун
ХIабибуллагьасдаса босараб хIадис буго.
Жинде битIараб салат жинда рагIулин абун,
Хирияв Аллагьасул Мухтар сафват вуго гьев,
Замана берцинлъарав аварагги вуго гьев,
ЛъикIалде халкъ ахIулев фатигI, хатим вуго гьев,
Аллагьасул диналъе жинца кверги бакъулев
Килъедаса бецIлъаби жиндалъун тIаса унев,
Ширк жиндалъун тIагIунев хIашир, гIакъуб вуго гьев.
Жив гьавураб гIужалъул баркатаб цIа бакидал,
Баркатгун лъикIлъи гьечIел цIваби тIерхьун хутIана.
Зодоб малайкзабазе, кинабниги жоялъе
Жиндир баркат щвечIеб жо дунялалда хутIичIо.
Нилъее рохел гьечIищ, исламалъул жамагIат,
ТIадегIанал щиназдаса гьесдалъун нилълъ кIодолъи.
Салават битIе нужеца, гьанир ругел тIолгояз

Мавла я салли ва саллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

Гьев гьавурав сордоялъ Кисрал хъала биххана,
Азарго соналъ ссвинчIел пурсазул цIаял свана.
Гьезул лълъималги къана, къварилъиги цIикIкГана
ТалихI къун гьел къосана, гьез пикруго гьабичIо.
Зодобе гIинтIамулел женазда цIваби речIчIун,
ЦIваби речIчIи сабалъун гьел муразалде щвечIо.
СагIдиязул ясазе ХIалиматие бугеб
ХIабиб хахи сабиблъун баркаталъул кIодолъи.
Халкъалъулго хирияв ХIабиб хахизе гьавун,
Гъелъие щвараб лъикIлъи ханлъиялдаса лъияб.
ХIабиб хахулев гIужалъ, ХIалимат эбелалда
Караматгун баракат гIорхъи гьечIеб бихьана.
ХIабиб вихьаралщинал инжилалъул агьлуялъ
Нахъа букIине бугеб гьесул сан, хIал босана.
КIудияй Хадижатил гIажаибал къисаби.
Пикрудал бетIергьаби, гьабе нужеца пикру.
Бичасул Расулалул мугIжизатал рихьидал,
Жиндир рослъун вукIине гьелъ гьев тIаса вищана
Щибниги иман лъурав чи вукIиналда, цебе
Иман лъун тIадгIанлъарай гIакълу бугей Хадижат,
Цинги Расулуласда тIад Къуръангун Жабраил щвана
Аллагьасул диналде халкъ ахIизе вахъана.
Къукъа-къукъа ккун чагIи иманалде рачIана,
Инкар ккурал чагIазе ХIабибас хIинкъи кьуна.
СихIир, кагьинин абун капурзабаз тIад лъураб
БатIулаб цIаралдаса Бичас ХIабиб, цIунана.
Аллагьасул цIуниялъ ХIабибасе гIей гьабун,
Яркъил бетIергьабазул гьесий зарар хъатIичIо,
Салават битIе нужеца, гьанир ругел тIолгояз.

Мавла я салли ва саллим, даиман, абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

МигIражалъул сордоялъ ккарал манакъибал
Квешазул мугъ бекараб, лъикIазе рохел щвараб.
Гьеб сардил хиралъи щиб ЖабрагIил хадималъун чIчIарав
Хирияв ХIабибасе мугIжизат гIемерлъараб.
Гьеб сордо рогьиндалго ХIабибасеги ругел
ГIадамазе рицине гIажаибал къисаби.
ХIабибгун Сидикъасе нухикь ккараб манакъабал
Щивнигн гIадамасе гьелда цебе жиб ккечIо,
КIиясго гьижра гьабун, сапаралде рахъиндал
Сийра берцинлъун кколел мугIжизатал рихьана.
Уму МахIмудидагун Суракъатида гьикъе
Гьикъаразе гьездасан манакъибал рагIана.
Мадинаялда жанив ХIабиб рештIарав мехалъ
ХIабибасул анвараз Мадина гвангъун ккана.
Берцинаб хер, тIегь бижун гьелъул ракьги чIухIана.
Мугьажирал руссунеб ватIанлъун гьеб лъугьана
ХIабибуллагьас гьеб ватIан, масканлъун хкана,
Алжаналъул рукъалда жив накълулъун ккезегIан.
ХIабибуллагь сабаблъун гьев вукъараб гьезул ракь
ГIаршалдаса хирияб варзалъунги лъугьана.
Салават битIе нужеца, гьанир ругел тIолгояз

Мавла я салли ва саллим, даиман, абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

Халкъасул хириясул сипатазде балагье
Дарай берцин гьабулел чарал накъищал гIадал
ЛъикIлъи, гурхIел кIудияв, тIабигIатал берцинав
Тамахаб гьури гIадав, ракIалда ццимго гьечIев.
Пардавалъулъ яхчарай ГIазраъ кигIан нечолей
Гьелъул хIаялдаса жиндир хIаяъ цIикIкIарав,
Аварагзабазда щибго рахъалъ жив тIокIав.
ТIолго гьел данделъани, гьездаса цеве кколев.
Жиндиралда релълъараб лъилго сурат бижичIев,
Халалъи, къокълъиялда гьоркьохъеб лагаялъул
БагIарлъигун жубараб хъахIараб кьер жиндир бугев,
Бадив балагьарасул гьумер жаниб бихьулеб
ХIабибасул гьумерго камил цIураб моцI буго.
Сордо рогьун баккараб нур камилаб бакъ буго
Бакъул, моцГрол нуралда гьесул нур релъинаби
ТIолго ХIабиб веццараб камилаб расги гьечIо.
Бищун нилъеда лъалеб нур камилаб бакълъидал
Бакъул гIадаб нуралъул гьумер бугев абула.
Гьединаб камилаб нур гьумералда букIиндал
Щивав чиясул инкар кин тIагIинчIеб ани
Щакъияллъун хъваразул ракIал рицалъун рукIун
РакIазда бихьичIеб нур бераздаги бихьичIо.
СагIидиялщиналги гьесул нур бихьиялъулъ
Иман лъун рукIаниги, тIолго бащад рукIинчIо
Абубакаридаги, Хадижатидаги бихьухъ
Гьесул гьурмал берцинлъи цогиязда бихьичIо.
Цогидал гьесул лугби гьединал-гьадинал абе
Гьесул сипат бицине нилъер гIажизлъи буго.
Нодо гIатIидаб буго, кьунсрул тIеренал руго,
Балагьун гIорцIуларел берал берцинал руго
КIаркьаби гIодор ккарал, гьими жиндир берцинав
ГIусазда жал тункичIел маргъалул цаби ругев
Борхалъигун халалъи рекъараб мегIер бугвв
БацIадаб гIарцул гIадаб халатаб габур бугев
Алжаналъул ясазул гъалал кигIан берцинал
Берцинлъи цIакъ камилаб, халатал гъалал ругев
Гьуин махI тIибитIулел мискалъул кьер, махI бугел
ГIундуздаса рорчIарал къуншби жиндие ругев.
Карандасан гургинав, каранзулъ жив гIатIидав
Каранзул бакьулъ бехе расазул мухъги хъварав
Кверал жиндир гIатIидал, щекI жиндир данде къарав
ГIемерисеб мехалда щекIалда къоно къалев
Гъажазул жив вицатав, махIабаз тIажу цIурав
Бащадал махIабазда тIажу кьокьаблъун толеб.
Нухда вилълъун унелъул рилълъин жиндир берцинав
Берцин тIаса гъоркь унеб лъимилан рилълъин кколев.
Маргъалалда релълъараб махI гьуин гIетI чвахулев
Берцинал ясалда гьеб гIетIул махI гьабулеб.
Салават битIе нужеца гьанир ругел тIолгояз.

Мавла я салли ва саллим, даиман, абадан,
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими.

ПурчIинадул тIагIамалъ гIорцIичIого жив хварав
Жив вегулеб бусенги турут, палас букIараб.
ТIолго дуниялалъул ханлъун жив вугониги,
Лазат, гьаваялдаса зугьдалъ жив нахъе чIарав.
Рукъи ратIлида балев, лемаг жинца хьихьулев,
Мискинав хIакъир гьавун кидаго жив вихьичIев.
Киве жив ахIаниги, ахIаралъуве унев,
Буракъ жинца рекIарав, чуялда жив рекIарав
Варани, гIорцIен, хIама жиндир рекIен букIарав
Цебе лъураб кванида кидаго гIайиб чIвачIев,
КигIан гIодобегIанаб хъулухъалда разияв.
Жив тIадгIан вугониги, гIодогIанлъи тIабгI бугев
ТIадагIаназулъ жавасунгIа кигIан берцинаб бугеб.
Мунагь, такъсир ккаравчи тIаса лъугьун толаан,
ГIазругун вачIарасул гIазру къабуллъулаан.
Щивниги гIадамасда ццимги бахъунароан,
Квешлъи, хIарамлъиялда рекIун вукIинчIонани.
Жиндаса жо гьарарав гьардухъан нахъ вуссинчIо,
Гьаранщинаб кодоб кьун, квер бицальун гурони.
ЛъикIазе лъикIлъи бугел, квешазе зарар бугел,
Дару сабаб кIудияб кверал гьесул рукГана.
Женаз ккурал унтарав чамго чан сах гьавурав
Гьесул кверзул баркаталъ кигIан ругънал лъикIлъарал
КIудияб унти бугев чамго чан лъикI гьавурав?
ЧIимих гьесда кIалъана, хIораб лемаг бечIчIана.
Ракъварал гъутIбузда тIад гIурччин тIамах бижана.
Жинца тураб хIацIуялъ кьогIаб лъим гьуинлъана
Жинца чIараб гъветIалда гьеб соналъ пихъ бижана.
Жинца хутIба гьабураб минбаралъул цIулаца
Жив хвеялда пашманалъун, магIу гьабун рачIана.
БацIгун гIалхул хъумуралъ жиндий нугIлъи гьабуна
Жив аварагин абун, гьедин хIадис бицана.
Жиндир бетIергьанчияс зулму гьабунин абун,
Бадиса магIу чвахун, варани зигардана.
СахIил гьабураб квеналъ бо гIорцIизе гьабуна
Жинца жаниб квер лъураб дагьаб лълъим гIемерлъана.
Кинабго, гьецIо, чIимих хIисаб гьабизе лъвани,
Гьесул мугIжизатазул хIисаб гьабизе лъала
Дунял паналъизегIан жиб цIалулеб, жиб хъвалеб
Къуръан гьечIищ кантIизе тIокIлъун гIолеб мугIжизат.
Цере рештIаращинал киналниги тIахьазулъ
Жанир ругел магIнаби цо хIарпалда гъорлъ бугеб.
Кинабго унтиялъе дару, сабаблъун буIеб
Жинде гIамал гьабурав цIаялдаса тархъулев
Салават битIе нужеца, тIолго гьанир ругеца

Мавла я салли ва саллим, даиман, абадан
ГIала ХIабибика хайри халкъи кулигьими

Я, халкьулъул, хирияв, ниж кIанцIулеб щулалъи
Капурал IIадамазе жужахI боркьараб къоялъ
Нижеда балагь цIикIкIун, ниж кьварид Iурищ ругел.
ГьечIищ ниж пакъиразе дур квербакъи гIаIарлъун?
КIудаб къварилъи щварав кIанцIулев щулияб си
Халкъалъ ахIи тIамуни, ахIуд хехго вахъунев
БалагьцIикIкIараб гIужалъ ниж руссине бакI гьечIо,
Дур хьолбохъе гурони, я халкъ рештIунеб гъапу,
БичасхIа дун гьедула къваридав духъ инчIилан,
Къварилъаби тIаса ун воххун, вуссун гурони.
ХIипкъун дуде кIанцIарав цIуни бокьарав гьечIо,
ХIинкъаби тIаса росун, божи щварав гурони.
Дур лъикIлъиялда хьул лъун арав пакъир вуссинчIо
Дур баркатаб квердасан гIорал чвахун гурони.
Жундир такъсиралдалъун дудаса хIинкъарав чи
Дуца тархъан гьавичIев цохIониги рагIичIо.
Балагьал тIатIала лъун, ахIарав чи хутIичIо,
Балагьал тIаса инзе мун гъоркье чIун гурого.
ТIолго гIалам бижарав тIадегIанав парчахIас
Жиндир мулкалде тIаде ханлъун тарав падишагь
Дур хиралъаби рицун кIалъарав батIа гьечIо.
ТIолго дур сан, хIал бицун, мун вецизе лъугьарав
БахIрул мухIитI бахизе лъадарулев чи вуго.
Дур хиралъаби рицун, Къуръан рештIун бугелъул
Дуе рецц берцин гьабун, кIалъазе лъида кIолеб?
Кинниги мун хиралъун, мун рехсезеги бокьун,
Дур шапагIат хIажалъун мавлидалде рачIиндал
ШапагIаталъул гъотIол гьитIинаб гIаркьелниги
Нижеде гьурщилилан кIудияб божи буго
Дуй рокьаралщиназе даражаби рикьизе
Макъам махIмудалда мун виччан тараб къоялъ
Даражабазул тIирал нижедаги тIинкIилин
Гьаб мавлид цIалулезул кIудияб гьари буго
Хирипв тIагьаясул мавлид рехсон гьабураб
Жамалудинил къутIбу СайидхIосенил къутIбу
Киналго мавлидазулъ маржан гIадин бихьидал
Киналго гIадамазе гьелъул пайда гIамлънзе
Дагъстаналъул пакъир гьев къутIбуясул къариб
Сайид МухIамадица гIажамалда бахъана.



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.