![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир росуАкнаде рагъ щвечIо, гIарада бачIо,
Амма чIунтун буго гIагараб росу. ГIицIго чIваднал руго ригьзазул хутIун, «Ле» ахIун кIалъани, жаваб кьоларел. БекIкIун ганчIил рарал чIухIарал рукъзал; Халкъалъ рехун тедал, басралъун руго. Накъищаз къачIарал чIахIиял къадал, КьучIдасанго шапун, щущан ун руго. Херал, гIажизазул санго гьабичIо, Рехун тун ВатIангун, нахъе ритIана. Мажгитал рихиндал, тIахьал рухIидал, Дол цIорорал иццал ракъван ратила. ЦIияб яшавалде ругьунлъилалде, Нахъеги ритIана гIатIиракьалде. КIкIара, хIарщ лъаларел магIарул васал; Копоего гIадин гъурун рехана. Жеги реформабаз замана бани, Харбий чи хутIилищ лъабабго росдал — Акнада, Ангъида, ГIащаса чагIи; ГIумруги рокьиги кьеги нужое. |
|
||||||||||
|