![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ВыпускниказдеПартабазда нахъа гIодорги рукIун
АнцIила цо соналъ гIакълу-лъай щварал, Воре, выпускникал, кIочене тоге КIиабилеб рукълъун лъугьараб школа. РекIелаб чIухIигун хадубги, лъимал, АхIила нужеца гIемерал цIарал, РакIалда рукIина нужей лъай кьурал, Жигар кьун хIалтIарал учительзаби. Жакъа школа лъугIун нуж нахъе ина, Школаялъ абила къо-мех лъикIилан. Амма мугIалимзабазул цохIо аманат - ГIумрудулъ битIараб нух тIаса бище. Цоял шагьаразде цIализе ина, Цогияз рекъараб хIалтIи бищила. Кире щвананиги, кире кканиги, МагIарул нич-намус гIодоб рехуге. Гьарула нужее дица ракI-ракIалъ, Рохел, аваданлъи, халатаб гIумру. Бищун аслияб жо - щулияб сахлъи, Сон чан свераниги ссунареб жигар. |
|
||||||||||
|