|
Муъминзаби, гIинтIаме гIажаибаб цо хабар,
Къокъ гьабун, гIажамалда дица нужой цIализин.
Маликил ХIабибилан цебе заманаялда
Шамалда цIакъ кIудияв цо хан вукIаравила.
Къурайшиязда жаниб жиндир цIар машгьурлъарав,
ЦIакъ бечедав, бергьарав, буракъ жиндир гIемерав.
ГIакълу бугеб, камилав, капурав вукIанила.
Гьебго заманаялда Расулуллагьасдехун
Абужагьалил дагIба инкарги букIанила.
Цо къоялъ ХIабибихъе Абужагьалил кагъат
Жиндир мурад бицараб босун чапар щванила.
Цинги ХIабиб аскаргун анцIила кIиазарго
Ярагъ борчун, чуялгин къватIире рахъанила.
Маккаялда гIагарда БатIахIалда чадрал чIван,
Абужагьал щвезегIан гьенирго рештIанила.
Цинги Абужагьалги жиндир аскаргун цадахъ
Эзий икрам гьабизе данде вахъун анила.
Маккаялъул ханзаби тIолго цадахъги рачун,
Лагъзал, гъарабашалгин сайгъат босун щванила.
Квана-гьекъон, кепалда, капураб гIадаталда
ГIемераб заманаялъ гьенир гIодор чIанила.
ГIаламалъул хирияв Расулуллагь АхIмадил,
МухIамадил хIакъалъулъ кIалъалел рукIанила.
Гьес гьабураб бицунеб, гьесул хасал ищазул
Хасаб диван, гIарзалда букIанила.
Гьев МухIамад кинав чи, щиб гьабулев чийилан?
Бану гьашимилазда гьикьулел рукIанила.
ГьитIинаб мехалдаса, сидкьу аманаталда
Цинги Расулуллагьас Абукъубайсалде ун,
ГIадамазда машгьурав гьев вугин бнцанила.
Гьанжеги кього сон бан, балугьлъуде вахиндал,
Хьанчал какун, нилъер дин махсарода кколила.
ЦIияб дин загьир гьабун, жив авараг вугилан,
Гьесул дагIба бугилан гIадамаз абунила.
Гьанив ахIун лъикIилан ХIабибилан абидал,
Расул ахIизе хехго чи витIеян абуна.
Мун ахIулев вугилан Абужагьалил чапар,
Расуласул рукъалде кьокьун тIаде щванила.
Цинги ХIабиб - МухIамад гьеб сагIат тIаде вахьун,
ХалгIат ретIун, чалма кьан, ине хIадурлъанила.
Абубакар, Хадижат гIодилаго цадахъ ун,
Ниж дутIа хIинкьулилан гаргадилел рукIана.
Вореге нуж хIинкьуге, ракI паракьатго рукIа,
Дир амру Аллагьасде тIамейилан абуна.
БагIараб халгIат ретIун, тIад чIегIераб чалма кьан,
Бакь гIадинан авараг гьесухъе вилъанила.
Гьезул ракIал хIинкьулеб, хIадураб лачен гIадин,
ХIабибуллагь-МухIамад гьезде тIаде щванила.
Абубакар, Хадижат кIиялго цадахъ рачIун,
Аварагасда аскIор, гьезда цадахъ чIанила.
Расулуллагь вачIиндал, гьесул хIурматги гьабун,
ХIабиб тIадеги вахьун, квер босун кIалъанила.
Месед - гIарцул тахида гIодов чIезеги гьавун,
Жиндирго мурадалъул бицунел рукIанила.
Балъго Хадижат бика гьарделей йикIанила,
Квербакье Аллагьилан ахIдолей йикIанила
Рещалъараб сордоялъ моцI гIадинав авараг,
Жиндир гьурмада нур бан, гьезда цеве чIанила.
Гьезул ракIал хIинкьулел ХIабибасул гьайбаталъ
Сверун ругел аскарал ралагьун хутIанила.
Цинги Маликил ХIабиб адабалда цеве чIун,
Расулуллагьасдехун цо хитIаб гьабунила.
Мун авараг вугилан дурго дагIба батани,
МугIжизат щиб дурилан гьесдехун кIалъанила.
Дуда цере рукIарал тIолго аварагзаби
Гьезулги мугIжизатал рукIанин бицанила.
Нижги дуда божизе, мун авараглъун тезе,
МугIжизат загьир гьабе гьез тIалеб гьабунила.
Дуй бокьараб мугIжизат тIалаб гьабе дидасан,
Дун хIадурав вугилан гьесий жаваб кьунила.
ХIабиб тIадеги вахъун ХIабибасда кIалъана,
Дудаса дий бокьараб бицинищан абуна.
Дуца бакь тIерхьиналде моцIги баккизе гьабе,
Хадуб ракьалда рещтIун, моцIги хьвалхьине гьабе.
Цинги моцI дандеги ун, бетIералда тIадги чIчIун,
Мун авараг вугилан нугIлъи гьабизе тIаме.
Цинги ХIабиб-МухIамад гьесдехун кIалъанила,
Жаваблъун аварагас цо хитIаб гьабунила:
Гьединаб мугIжизатгун дун нужехье вачIани,
Инкар тун, иман лъеян Расулас абунила.
Иман лъезе хIакъабин ХIабиб тIадего вахъун,
Цогиги рекIелъ бугеб бицеян шартI лъунила.
Абужагьал цIакь воххун, гьесдехун кIалъанила,
Авараг мун ватани, мугIжизат загьир гьабе.
Гьелда дабгIа батани, гIаламат тIатинабе.
КIиго ракагIатги бан, бичасда гьаранила:
Я, халкъалул бетIергьан, дир гьари дуде буго,
Гьанже дудалъун гуреб дие кумекго гьечIеб,
Дир хIужа загьир гьабе, мугIжизат бихьизабе.
Гьелда дагIба батани, гIаламат тIатинабе.
Хоб-ракь бижарав Халикъ, дун витIаравлъун гьаве.
Гьел дудасан гьарулел кIудиял мугIжизатал,
Мун хIалкIолев вугелъул, дие мусахар гьаре.
Зобал, ракьал рижарав, жаниб гIалам хьихьулев,
Бакъ-моцIалъул ихтияр жакъа дуца дихъе кье.
Гьеб сагIаталъ ЖабрагIил ХIабибасухъе щвана,
АнцIила кIиазарго малаик цадахъ вачун,
Ярагъ борчун чуязда ХIабибасе хIалае,
ХIал квешал тушбабазде рортизе гъираялда.
Салам буго, МухIамад, Аллагьасул рахъалъан,
Жив дуда цадахъилан, мун кив вугонаниги.
Дудасан ХIабибица жакъа тIалаб гьабулеб,
ГIелму азалалдаго хъван тIубан букIанила.
Гьез абухъе, бицахъе гьанже тIубазе буго,
ЛъугьинчIого рес гьечIеб тIубараб хIукму буго.
Бакъги-моцIги, сордо-къо мусахар гьабун кьуна,
Дуй бокьараб гьабизе ихтияр духъго буго.
Мун гьанже гьезухъе ун, мугIжизат загьир гьабе,
Камилаб хIисаб босун, дурго хIал баян гьабе.
Гьесда ракIалда бугеб ясалъул хIакъикъатги
ХIакъаб куцалда бицун, гIила лъугIизе гьабе,
Дур бохдул, кверал гьечIей, канлъи бихьуларей яс,
Аллагьас кумекги кьун, сахлъун йигилан абе.
Цингиги Расуллагь Абулкьубайсалдаса
Вохун, тирхун, ракI лъикIлъун, гьезухъе вилъанила.
ЖабрагIилги тIад вуссун, зобалазде анила.
Амма малаикзаби мохъал гьарун чIанила.
Бакь тIерхьине гIагарлъун заманги букIанила.
Хехго, цо сагIатги бан, бакъги тIерхьун анила,
БецIлъи бергьун, дуниял цIакь чIегIерлъун анила.
Гьеб сагIаталъ моцI баккун, дуниял гвангьанила,
Дагьаб эхеде бахун, билълъине лъугьанила.
Расулас ишар гьабун, ракьалде рещтIанила.
Балагьун чIун, капурлъи цIакь риххун хутIанила.
Гьеб сагIаталъ моцI хьвалхьун, кIигожо лъугьанила.
КIиябго ХIабибасул черхалде лъугьанила.
Парталалда гъоркье уи, кIиябго моцI бащалъун,
КIиябго кьвалзунисан кьватIибе бакканила,
Цояб квараналъусан, цояб квегIабалъусан
ГIаламалда загьирлъун, эхеде рахъанила.
БукIараб моцIги лъугьун, бетГералда тIадги чIчIун
Шагьадатлъиги битIун, халкъалда бихьанила.
Аллагь цо вукIиналда, мун авараглъиялда,
НугIлъи гьабун кIалъалеб халкъалда рагIанила.
Мун витIухъ гьавурав чи витIун ккарав вугилан.
Дудехун хилиплъарав чIобого хутIанилан.
Гьединаб вакьш Iатгун, гIажаибаб хIикматгун,
МоцIги тIерхьун анила, бакъги гIажизлъанила.
Цойги шартI хутIанилан Маликил ХIабибица
ХIабибуллагьасдехун цо хитIаб гьабунила.
ХIабиб, дур яс Аллагьас жавариналги рихун,
Канлъи бихьун, сах гьаюн, сахлъиги бицанила.
Цинги Маликил ХIабиб халкъалда кIалъанила
Гьанже дир щаклъи тIагIун, дица иман лъунила.
Гьединал мугIжизатал загьир гьарун хадуса,
ТIокIаб дир каламалъе бакIго тIагIун кканнла.
Гьанже инкар гьабурав гьалаглъиялде ккела,
Иман лъечIого чIчIани, метер цIакъ пашманалъила.
Дунги дир гьалмагълъиги Расуласде руссана,
Гьев авараглъиялде Шагьадатлъиги буго.
МухIамадил диналде нижер инкар лъунани,
Гьесдехун руссунарел тушманзаби лъугьина.
Абужагьалицани гьесдехун инкар ккуна,
МугIжизат бихьаниги, дагIбадулавлъун чIчIана.
ХIабибасде гIайиб чIван, Абужагьал кIалъана,
СихIручиясде иман лъеларилан абуна.
Цинги гьениса вахъун, ХIабиб Шамалде ана,
Жиндирго хъалаялъув хехго жанив лъугана.
Данде яхъун ячIун яс имусудехун кIалъана,
Шагьадатлъиги битIун, бусурбанлъун ятана.
Гьаб гIаламат щибилан эмен гьелда кIалъана.
Дуда эб кин лъачIебан гIажаибго хутIана.
Я дир эмен, нолъ жида макьилъ цо чи вихьана,
Мун бусурбанлъанилан гьес дидехун абуна.
Мунги бусурбанлъани, шагьадатги битIани,
Дур лугби сах - саламат сахлъилилан абуна.
Макьилъ дун бусурбанлъул, шагьадатлъи битIидал,
Рогьиналде аб хIалалъ сахлъун, лъикIлъун ятана,
Гьеб сагIат суждаялда ХIабиб гIодов речIчIана,
Аллагьасе рецц гьабун, иман щула гьабуна.
Иманалда тIовитIун, исламалде ахIидал,
ХIабибасе битIизе сайгъатги хIадурана.
Нусго вараниялда месед-гIарацги кьачIан,
Жавгьар, якьут хам босун, лагъзал ритIун анила.
Расулаллагь АхIмадий сайгъатлъун букIинеян,
Варанабигун цадахъ боцIи битIун анила.
Маккаялде гIагарлъун варанаби унаго,
Абужагьал данделъун, нуж лъилан гьикьанила.
Цинги Абужагьал ил гьеб бахъизе къасд ккана.
ХIал гьабун, нахъе босе гьесун хиял букIана.
Данде рачIун, рагъ гьабун, кьеларилан гьел чIчIана.
Дуй битIараб гурилан, гьесдехун, дагIбадана.
ХIабибуллагь АхIмадий битIараб сайгъат буго,
Гьев гурев цойгидасе кьеян абураб гуро,
Мун нижеда лъаларо, ннжедаса рикIкIалъе,
Ниж унеб нухда риччай, нижедехун хабар те.
Гьединаб дагIбаялда диваналда рукIаго,
РачIун тIаде гIунтIана маккаялъул гIадамал.
ХIабибасул къарабат, Расуласул гIагарлъи
ГIемераб халкъ данделъун, гьениб бакIаранила.
Цинги МухIамад вачIун, халкъалда кIлъанила.
Жиндир хIукмуялда нуж рази ругищ абуна.
Ниж разиял ругилан гIадамазги абуна.
Вакиллъун варанаби гьарейилан абуна,
Варани кIалъарасе боцIи тезе разилъун,
МетерлъигIан тейилан Абужагьал кIалъана.
Аварагги разилъун, метерлъигIан нахъ бахъун,
Метерги данделъизе жакьа теян абуна.
Гьеб сордо рогьинегIан хъанчазе лагълъиялда,
Гьезие къурбанал хъун, Абужагьалги чIана.
Радал бакъ баккун хадуб Маккаялъул гIадамал
ХIабибасул гIагарлъи гьенире данделъана.
ХIабибил варанайги гьесул лагъзалгун цадахъ,
ГIарац-меседгун гьелги хIадурун рукIанила.
Абужагьалги вачIун, гIемер хIелхIсданила,
Жиндехун кIалъайилан гьезда цеве чIанила.
Вараиаби кIалъан Абужагьал воххичIо,
Гьездасан жаваб бачIун, боцIи щун нахъ вуссинчIо.
Гьанже дуе гIелилан, ХIабиб виччан тейилан,
Маккаялъул гIадамаз гьесдехун абунила.
Цинги МухIамадица цо нухалъ цевеги чIчIун,
Гьел варанабаздехун цохIо кIалъай гьабуна.
- Я Аллагьасул махлукъ, Бичас бижараб хIайван,
Аллагьасул къудраталъ кIалъаян абунила.
Гьезда гьорлъа цо буракь борхатаб гьаркьидалъун
ХIабибасе, жаваб кьун, гьесдехун кIалъанила:
- Ниж сайигъатги босун, АхIмадие ритIана,
Абужагьал гьерсилав жиндийилан абулев.
ГьебсагIат Аварагас буркъалъул квелъ ккуна,
Къубайсалъул магIарде варанабиги цIана.
Кинабго гIарац-месед гIодобе чIехьанила,
Ракьлъун гьабеян абун Аллагьасда гьарана.
ГьебсагIат ракьлъун лъугьун, гохI лъугьун бачIанила.
Гьанжеги гьабго ракьлъун Къубайсалда, бугила.
Аллагьасул хIалкIолъи, ХIабибасул гьайбалъи,
Халкьалда тIаса вищун, Расуллъун жив гьабурав.
ГьедигIан жив хирияв Расулуллагь АхIмадил
Умматлъун нилъ гьаридал, АлхIамдуллилагь Аллагь!
Гьединал мугIжизатал Аллагьас жиндий кьурав
Гьесул суннатал тезе валлагь нечезе ккела.
Свалатгун салам лъеги ХIабиб МухIамадида
Агьлу-хьизан, киналго тIолго асхIабзабада.
|