![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГьудуласдеНухда цеве вачIун, дие нухги къан,
Ясай, дур цIар щибан дида цIехедал, РакIалде щвелалде, дун йигьиналде, Босун ана дир ракI чIаралъуй дун тун. Нахъойги кивниги мун данде ккани, ВихьичIеб ххвел гьабун уна цееса, КигIан ракI рагьизе захIмалъаниги, РакIалъ аскIов цIала, киван цIехола. Щибизе вихьарав, щибизе лъарав, Щай цеве тIамулев къасиги къадги? Къаси макьу гурин, къад рахIат гурин, ГурхIа, Аллагь, дида, гьабе дий сабаб. Цо дур ралагьарал чIегIерал бераз Лъукъун бугин дир ракI, хирияв гьудул. Унго щиб гьабилеб гьаб дунялалда КIиязулго къадар хъван батичIони? Дур ургъелацаги, дур пикрабазги Кодое йосарай гIодой йиччачIин. Дур гьайбатаб гьумер, хIеренаб гьими, КигIан къеркьаниги, кIочонеб гьечIин. Бате дие дару, сах гьабе ругъун, Гьадин рехун тоге гIадада хвезе. Абе дун дур йигин, дун дуй йокьулин, Дунялгун ващадав дир магIарулав. |
|
||||||||||
|