![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Берцинаев МухIамадиде1999 соналъул 3 августалъ Агъвали «Дача» посталда ккараб рагъулъ бахIарчилъиги бихьизабун хварав тумавБоркьараб рагъ бугин ЦIумадайилан, БачIараб циндаго чIегIерхарбица. ТIела-тIелал гьарун, къокъаби гьарун, РегIана гьанире омонал, согал. Я магIарулалги, я гIурусалги, Лезгиял, даргиял, табасаранал, ЛъарагIал, тумалги – камураб миллат, Цониги букIинчIо гьаб районалда. Гьаб ракълил заманалъ щиб жо къваригIун, РачIарал ярагъгун гьал вагьабиял? Унго гьал чагIазул батичIеб намус, Росу-ракь цоязде тIаде кIанцIизе. ВатIан цIунулаго, ракь цIунулаго, Гьаб рагъулъ рухIги кьун хвана гIолилал. ГIайиб гурищ, васал, нуж гьедин хвезе, Бищун гIолохъанаб гIумрудул нухда! Районги батIияб мацIги батIияб, Миллатги батIияб, тумав васасе. Берцинаевасул вас МухIамадий, Ахираблъун ккана ЦIумаде сапар. МухIамад вагъана рухI-хIалги бичун, Ахирияб хIухьел жинца цIазегIан. Ва хвана тумав вас боркьараб рагъда, Лебалав, кьварарав бахIарчи гIадин. Хвалил гулла щведал, гIодове ккедал Унго щиб букIараб, МухIамад, рекIелъ? Чияр районалда талхарав гьудул, КIочон теларо мун цIумадисезда. Дур эбел-инсуе, гIагарлъиялъе, Мун вагъараб «Дача», ЦIумада район. Жидерго ВатIанлъун, гIагараб ракьлъун, Лъугьана гIумруялъ, рухI босизегIан. ЦIумадисезе ракълил гIумру кьун, Къаникь шапарав дуй нух битIун ккаги. Алжан насиблъаги, Аллагь гурхIаги, Абадияб рокъоб хIалхьун ватаги. |
|
||||||||||
|