![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ВокьулесдеГIумру унеб буго поезд кинигин,
Дур пикрабацаги, дур анищазги. Дуда бер чIвалареб заман бачIани, Кинго хIал хьоларин ургьиб гьинал ракI. Щайзе данделъарал, щай лъай-хъвай ккараб, Лъан хадуб духъ рокьи щайзе дир ккараб? Огь, рекIел хазина, дир дару-дарман, Гьаб дир ракIалъул хIал кин дуй рагьилеб? Халкъул гIаламалъго гIайиб-гъвелги чIван, ГIасияб цIадулъе дун реханиги, ГьадигIан берцинаб гьаб нилъер рокьи Думалъго хутIила нилъеда гьоркьоб. Хирияв, гьарула тIаса лъугьа мун Гьаб дир рокьудаса, гIамалалдаса. Лъазе бокьилаан дур ракIалъул хIал, ХIалай бахъунебдай, тIад белъулебдай? |
|
||||||||||
|