![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
РекIел гьудуласдеЩай дие гьадигIан мун хиралъарав,
Дирилан абизе кIоларев гьудул? Щайзе чIалгIадего данде кколареб, РекIел гIищкъуялъе нух рагьун телеб? РекIелъ букIа абе ва тIегьай абе, Гьабилан цIар лъезе лъалареб унти. Дица яхI баччила ва хIехьон чIела, ГIазабазе кьурал гIумрудул къоял. Къваридал къояца хIалай вахъунев, Унтараб ботIрое дарулъун ккарав, ТIаса лъугьа, гьудул, вокьиялдаса, ЧIалгIадего кканин, гIайиб гьабуге. |
|
||||||||||
|