|
ГIенекке, муъминзаби нуж гIодизе гьарилин,
ХIабибуллагь хвеялъул хабар бицун кIалъазин.
ХIабиб хвараб къоялда къо бащалъун ккеларо,
Зобалазул агьлуялъ чIегIер ретIел ретIараб.
РабигIул авалалъул тIоцебесеб арбагIалъ
БетIер унтизе рекIун, ХIабибуллагь вегана.
Кинабниги рухIалда иргадал жиб хьвадулеб
Мехтел цIакъаб хвалил лълъар гIагарлъи жинда лъаидал,
Жиндир тIолго руччаби аскIор ахIун кIалъана:
ГIаишатил рукъовго жив тейилан гьарана,
ГIаишатил рукъове ХIабиб бусада ккана,
БотIрол унти гьалаглъун, зигардизе рекIана.
Я рабби, хвалил унти захIмат букIун бугилан.
Дагьаб бигьа гьабеян Аллагьасде гьардана.
ТIасияб хамиз къоялъ ботIрол унти дагьлъидал,
Къо лъикIилан абизе масжидалде вилъана.
Мадиналъул росулъе Билал ахIун витIана,
Мугьажирал, ансарал масжидалде рачIаян.
Кинабниги жамигIат масжидалде буссиндал,
ХIалае гIанса гIунтIун минбаралде вахана.
Инсул росу реххон тун, жинда хадур рачIарал
Мугьажирал рихьидал, ракI тIеренлъун гIодана.
ГIагарлъиялъ гьабичIеб жиндие яхI гьабурал
Ансариял рихьидал гирун магIу чвахана,
АсхIабзабазул нуралъ масжид гвангъун бихьидал
Чанги гьезул гьунарал жинда ракIалде щвана.
Жиндий ажал щвараблъи лъазе гьабун кIалъани,
Къо лъикIилан абизе ХIабибасул хIал гIечIо.
МагIил бералги рацIун, чорхое сабруги кьун,
Дагьаб вагIзаги гьабун, рокъов инзе бокьана.
Фаризиял тIоритIун, тIаде суннатал гьарун,
Аллагьасдаса хIинкъун рукIайилан кIалъана.
Жудер карамат бугел, кашфудул агьлуялда
ХIабиб гаргадулаго гьесул мурад бичIана.
Кинавниги чиясул черхалда сири бана,
ХIабибасул каламалъ гьинал ракIал журана.
Масжидалъул чIарбида магIил иххал рахъана,
Зобалазда рагIулел гьаркьал гьарун гIодана.
Аллагьасул ажал щун, мун хвезени бегьилин
Мун гьечIеб дунялалда ниж кин рукIинел абун.
Гьеб хIалалда къварилъун, асхIабзаби рехон тун,
БотIрол унти гьалаглъун ХIабиб рукъов вуссана.
ТIасияб къоялъ радал Билал рагьтIе вачIана
Какил мех щун бугилан ХIабибасда бицана.
Гьанже дир хIал ун бугин, чорхол унти цIакъ бугин,
Абубакарида хадуб как байилан витIана.
ХIабиб ракI гIодилаго, лугби сородилаго
ГIадамазе как базе Сидикъ имамлъун чIана.
Жанив ХIабиб гьечIого михIраб чIобого бихьидал
Кинавниги чиясул гIакълу батIалъун ккана.
ХIабиб унтун вугевлъи ЖабрагIиласда лъайдал
Малаикалгун цадахъ ХIабибасде тIад щвана.
ХIабибас дунял толеб ЖабрагIиласда лъайдал
ХIабибасда къвалги бан, гIодун магIу гьабуна.
Ва хирияв дир гьудул, дуца дунял танани,
Мун гьечIеб дунялалде дун вачIинарин абун.
Цинги ЖабрагIиласда ХIабиб къварид вихьидал
ХIабибасул ракI чучун калам гьабун кIалъана:
Ва дир гьудул МухIамад, Аллагьасулги ХIабиб,
Дунял толеб бугилан ракI къварилъун вукIунге.
Дуе къачIан хIадурлъун пирдавус алжан бугин.
Берцин гьарун гIащикълъун хIурулгIинзаби ругин.
Макъаму МахIмудалъул бетIергьанги мун вугин;
Кинабниги халкъалъул аманатги дудайин,
ТIоцеве махIшаралде ахIулевги мун вугин,
Алжаналде жанивги тIоцеве мун лъугьунин,
Дудаса хирияб жо Халикъасеги гьечIин
Щиб камунин абун мун къварилъуда вугев?
Ва, дир гьудул ЖабрагIил, Аллагьасул мун амин,
Дие бугеб жо бицун, дун къварилъунго гьечIо.
Дие роххел бицунев мун дир гьудул ватани,
Умматалъе хирияб хабар бице, абуна.
Гьеб сагIаталъ ЖабрагIилас зодой хехлъи гьабуна,
ГIемер мехго бачIого воххун, хинлъун вачIана.
Мун вижарав Аллагьас дуда салам бицана,
Умматалъе роххалил хабар босун витIана.
Мунагь гьабурасдаса дун тIаса лъугьунелъул
Цо лъикIлън гьабурасе анцIго лъикIлъи бугелъул
ГIарасаталъул къоялъ дуй бокьараб гьабизе,
Духъго ихтиярги кьун, мунго виччан толелъул
Дур ракIалдаго гьечIел кIудиял нигIматал кьун,
Мун рази гьавилилан къотIи жиндир бугелъул
Къварилъун вукIунгеян цIакъго аманат гьабун,
КIудияб тахIиятгун витIанилан вачIана.
Гьеб умматалъе роххел ХIабибасдаги бицун,
Кьо лъикIиланги абун ЖабрагIил воржун ана.
Цинги ГIизраиласда Бичас амру гьабуна
Жиндирю ХIабибасул рухI жиндихъе босияп
Халикъас малъарахъе гьабичIого рес гьечIев
РухI бахъулев ГIизраил салам кьун рагьда чIана.
ГIемер ХIабибги унтун ниж къваридго ругилан
Дуй хIажатаб щибилан ПатIимат рагьтIе ана.
ПатIиматгун ГIизраил гаргадулев рагIидал,
Гьобол рукъой виччаян ХIабибас изну кьуна.
Лъудби къорол гьарулев, лъимал бесдал гьарулев
ЧIового нахъ унарев гьобол вугин абуна.
ГIодоб бетIерги къулун, цIакъго адабги цIунун,
Щиб хIал дурилан абун ГIизраил гIодов чIчIана.
Дур изну батанани рухI босизе бугилан
Лъидаго гурхIуларес бицун изну гьарана.
Льидаго тIад бухьараб хвалил мехтел гьекъезе
ЦIакъго рази вугин абун ХIабибас изну кьуна.
Кинниги хвалил кьогIлъи захIматлъидал букIунеб,
Дагьаб бигьа гьабеян квералъ ишан гьабуна.
Жиндир хирияй Загьраъ къвалакь къан пашманлъана
Къадаралда разилъун сабру гьабе абуна.
Эбелги дир гьечIелъул, мунги холев вугелъул,
Сабру тIагIун бугилан Загьраъ бика гIодана.
Хвалил мехталикь жанив ХIабиб вугеб мехалда
КIал багъарулеб бугин гIинтIамун гIенеккидал,
ЗагIипаб умматалъе хвел бигьа гьабе абун,
Халикъасе хIелхIедун гаргадилев рагIана
Аллагь тун нахъияб жо хадуб гIодилебги тун,
Аллагьасде гIащикълъун рухI гIарщалде боржана.
ХIабиб холеб мехаца аскIор рукIаралщинал.
Щибго гIакълуги тIагIун, мехтун гIодоре ккана.
АскIов вукIинчIев ГIумар гIемерго гIадаллъана
Валлагь ХIабиб хвечIилан гьаял гьарун кIалъана,
ХIабиб хванин абулеб жинца толищан абун;
Хвалчен кодобе босун, гIадаллъуда кIалъана.
Аллагьас сабру кьурав камилав Абубакар
ХIабиб хваравлъиги лъан, сабруялда гIодана.
ГIигун кьагIи данделъун дунял цIураб куцалда
Мадиналъул росолъе магIил гьаракь бахъана.
|