![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир гIагараб тIалъи – Агъвали росуРорхатал мугIруца, согIал кьурабаз,
Жанибе бачараб дир магIаруллъи. ГIумрудул къисматалъ кий реханиги, Пикрабаз, хиялаз духъе цIала дун. Заман ун батула, сонал сверула, ЛъачIого ссун унеб буго гьаб гIумру. Амма дир бищунго ракI гъолеб пикру, Агъвалий йижарай ятиялдаса. Васалги лебалал, ясал берцинал, ТIабигIат гьайбатаб, бачIин гIемераб. Кина-киналниги росабалъ щвана, Дуда бащалъулеб гьечIо ракьалда. Росу къотIун унеб ГIанди гIурул лъим, ЧанцIулги гьекъараб къечедал дица. Дур хIакъалъулъ гурищ шагIир ЦIадасес, ЦохIо хIухьладалъун кечI гьабун тараб. Дир аманат буго росуцоязде, Кидаго гIаданлъи гIодоб рехуге. Гьелъий гIоло дица бетIер къулула, Дур къо хIехьеялъе, дур ияхIалъе. |
|
||||||||||
|