![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Ракь цояв, мацI цояв гьаквариса вас(милициялъул хIалтIухъан, гьудул-гьалмагъ, Якъубов Якъуб ракIалде щвеялъе).КIикъойидаса тIаде рахарал сонал, ЩибгIаги кколеб гьеб бихьинчиясе? ГIумруги тIегьалеб, черхги цIубалеб, Бищунго берцинаб гIумрудул завал. БахIарго хвана мун, гIагарав Якъуб, Камуна гIумрудулъ мун киназего. Хъизан дуда хадуб жеги угьдула, Мунги ракIалде щун магIирукъ бала. ХIалтIулъги кидаго цебесеб кьерда, ВукIана, гьудул, мун ракьулъ инегIан. Гьалмагълъиялдаги мун кIочон гьечIо, Дур цIар бикIун буго щивасул рекIелъ. Кир ракIараниги хIалтIулъ я кванилъ, Цадахъ вугев гIадин дур цIар ахIула. Мун камун вугеблъи, къанилъ вугеблъи, РекIелъ биччаларо ва божуларо. ГIагарав, божарав Гьаквариса вас, Щибха гьабун телеб гьаб къисматалда. Кьурал къоял тIагIун, къадар тIаде щун, Арав дуе, Якъуб, алжан батаги. Дур хIалтIи борхулев дур Ражаб вуго, СогIаб гIамалалъул кьучIав гIолилав. Дуе кьечIел сонал, дуй кьечIеб гIумру, КIийидеги кьабун гьесие кьеги. КечI-бакъан бокьулев аваданав вас, ХIалхьи-рахIаталда кьижун ватаги. ХIилла-макру гьечIев вацIцIадав инсан, Аллагь разиязда гьоркьов ватаги. |
|
||||||||||
|