Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Мавлид

Гьигьалъа ХIажимухIамад ХIусайнияв

ГIАИШАТУЛ ГIАЗРАЪ АВАРАГАСЕ КЬЕЯЛЪУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ

 


Нилъер халикъасул цIар цебе рехсон,
ХIабибулагьасде салават битIун,
Сидикь имамасул ГIазраъ ГIаишат
ХIабибасе кьураб къиса бицинин.
ХIабиб унтанани живги унтулев,
ХIабиб хведал, хадув ракI бухIун хварав
Сидикъ Абубакар пашман вукIана
ХIабибгун гIагарлъи кисадай абун.
ХIабибасда хадув халифалъарав
Исламалъул бетIер, АхIмадил гьудул
Къуръан, хIадисалда бицен кIудияв
Жан Абубакарил мурад тIубана.
Анлъго сон барай жо ГIаишат йикIун,
Зобалалда тIаде гаргар баккана
КIудияв Сидикъил ГIаишат бика
ХIабибуллагьасе кьолей йигилан.
Маллаул АгIлайдул гIулвиюл наса
Дарай сундусалъул ретIел ретIана
Алжанул хIаврал гIащикъав Сидикъ
ХIабибуллагьасул вакьадлъанилан.
Цингиги Аллагьас амру гьабуна
ВахIюялъул амин ЖабрагIиласда
Алжаналда жаниб берцинаб цIехон
ГIурччинаб дарайдул явлухъ босеян.
ГIурччинаб дарайдул явлухъги босун,
Къадирасда цеве ЖабрагIил чIейдал,
Къудраталъул квералъ явлухъалда тIад
ГIазраъ ГIаишатил сурат бахъараб,
Явлухъ кодоб кьуна ХIабибасухъе
Жиндир чорхол сурат гьаб мисал бугей
Яс дур чIужуйилан витIанин абун.
Цинги цIакъ ХIабибас пикру гьабидал,
Лъил суратдай абун хIисаб гьабидал,
Жиндир гьудуласул Абубакарил
Ясалъул суратлъи мухIканлъун лъана.
Гьелъул пикруялда ХIабиб вукIаго,
Салам кьун, тIад щвана Сидийкъун агIзам.
Сидикъасде кодоб явлухъ рехана
Гьаб сурат лъил бугеб пикру гьабеян.
Жиндир чорхол сурат гьаб мисал бугей
Яс дур чIужуйилан ЖабрагIил щванин.
Къурайшазул ясалъ пикру гьабеян
Сидикь имамасде амру гьабуна.
Я хирияв гьудул, я Расулуллагь,
Гьаб сурат мисални дир ясалъулин
ЧIартазул ясикIай кодор хьихьулей
Дир, яс дуй чIужулъун киндай бегьила?
Вай ракIалъул гьудул, жан Абубакар,
Гьаб сагIаталъ дур яс бегьичIониги,
Бегьулеб гIужалда чIужу йигилан,
Цо дида йихьизе йитIе абуна.
Расуласул гьудул Сидикъун агIзам
Вахъун, тирхун ана хъизамалде тIад.
Цо гъадаро цIураб чамасдак босун
ГIаишат йитIана ХIабибасде тIад.
Аллагьас дуй кьураб сайгъат бихьизе
Инсуца йитIанин абеян малъун.
Жий йихьизе йитIи лъачIей факъират
Бичч-бакъго гьечIого, ана гьесухъе.
Бакъул нурал ссунел якъутил бераз
ГIазраъ ГIаишатил хIисаб гьабуна.
КвегIабаб квер бегьун гъадаро ккуна,
Кваранабаб бегьун дагьаб кIаз цIана.
Дир хирияв гьудул дур имсудаги
Салам бицейилан малъун йитIана.
Аллагьас дий кьураб сайгъаталдаги
ГIемер воханилан абе абуна.
Балъгояб къваригIел лъачIей
ГIаишат ГIажаиблъун ккана ХIабибасдаса,
Жиндир кIазил рагIал ккураб мехаца
Хиянатлъун ккана ГIаишатида.
Кинида йикIадго гIакълу камилай,
Каранда йикIадго цIодорлъи тIокIай
Сидикъ имамасул ГIаишат бика
ГIодун, чIвадун ана хъизамалде тIад.
Халкъалде витIарав Расулин абун,
Нужеца веццулев МухIамадица
Чамасдакгун арай дун пакъиралъул
КIаз цIанилан абун гIодун йиччана.
ГIаишатидаса ХIабиб разилъи
Сидикъ имамасда мухIканлъун лъана.
Вохиялъул магIу бадисан чвахун
Балъго букIараб жо загьир гьабуна.
Дир хирияй бика, дадал ГIаишат,
ГIайиб чIваге дуца дир гьудуласда
ГIаршалдаго тIаде магьари лъурай
Гьесул чIужу йигин мунан абуна.
Квералъ гьумер хаган гьаракь гьабуна
Жиндир рекIел хиял мекъса ккараб лъан.
Накалда хъат кьабун, угьун абуна.
ХIабибасда аскIой кин лъугьинеян.
Гьединаб хIалалда кIодолъи гьабун,
Анлъго сонилъ йикIун магьари лъуна.
ИчIабилеб сонилъ ГIаишат йикIун,
ХIабибуллагьасул рукъой йитIана
Алжанул хIурулгIин ГIаишат бика
ХIабибгун данделъун ичIго сон байдал
ХIабибасул ажал гIунтIараб бицун,
Аятгун вачIана амин ЖабрагIил.
Ххираб БакъигIалда хабалъ лъуразе
ДугIа гьабейилан амруги гьабун,
Гьениса нахъ вуссун рукъов щвелалде
ХIабибасул ботIролъ унти тIатана.
ХIабиб тIад щвезегаIн ГIазраъ бикаги
БетIер унтунилан егун ятана.
НуцIидал кIалтIихъан ХIабиб ваккидал,
БетIер унтанилан ГIазраъ кIалъана.
ГIазраил бусада аскIов гIодов чIчIун,
Дун цIакъ унтанилан ХIабиб кIалъана.
Хъизам, руччабигун рагIи гьуинав
Махсаро берцинав ХIабибуллагьас
ГIаишат бикае махсаро гьабун,
Гьинал ракI турулеб калам гьабуна.
Дуени щиб бугеб ГIаишатилан
Дуе ажалги щун, дун хутIанани,
Дица мусруги бан, дир квералъ чурун,
Дицаго какги бан, хабалъ юкъилин.
Дие ажалги щун, мун хутIанани,
Дуца дий гьабилеб бице абуна.
ХIабибуллагьги хун, хутIиялдаса
Жий хвезе бокьулей ГIаишатица
ХIабибуллагьасул рагIуде данде
Нечонги йикIаго жаваб гьабуна:
Гьеб дуца гьабиги мухIканго лъала
Дие ажалги щун, мун хутIанани,
Кинниги дун хвейгун, дир рукъой ячун,
Дой цояй чIужугун мунги вихьила.
Нечонго абураб ГIазраил рагIухъ
Маргъалул ца бихьун, хьимун велъана.
Гьеб рагIуда данде жаваб гьабизе
Чорхол жанги тIагIун, бусада ккана.
Цодагьал къояца унтунги вукIун,
Накълулъана ХIабиб дунялалдаса
АнцIила микьго санилъ гьитIинго йикIун,
Къороллъун хутIана ГIаишат бика.
Гьединал чагIазги дуниял тедал
Дунял тун унезул ракI щай бухIулеб?
ХIабибгун ГIаишат къанабакь лъейдал
КIочене бегьилищ къваридаб лахIту?



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.