![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Къурбан
Сонал цIикIкIун ранагIан
ЦIубала нилъер гIакълу, ГIумру лъала, чи лъала, Нилъго нилъеда лъала. Сонал ранагIан нилъей Лъимерлъи хиралъула, ГьитIинаб мехалдехун Хурхен кквезе бокьула. Лъимерлъиялъул сонал Цадахъ тIамурав гьудул РакIалде щвараб мехалъ Лъалаго ракI хинлъула. ЛъикIав гьудул вукIана Къурбанилан, доб мехалъ, Къасиги–къадги цадахъ РукIунаан ниж чанги. Къого сон ун букIана Гьевгун дандчIвачIелдаса. Гьале щвана цо нухалъ Гьев вугеб шагьаралде. Бицана дов дир гьудул Сах–саламат вугилан, Цо сахабго тресталъул Начальниклъун вугилан. Вохана дун, хинлъана, Вахъун гьесухъе ана, Гьесул секретаралда Дир къваригIел бицана: – Къурбан вихьичIелдаса Къого лъагIел сверана, КигIандай дов вохила Харбие дун вачIиндал. Хирияй, дуца абе: СагIидбег вугин вачIун, Дур гьитIинаб мехалъул Гьудул вугин дова чIун. ЧIухIараб нуцIа къирун, Къурбанихъе яккана, Гьимун диде бер къинкIун, КIкIуржун жание ана. Амма къватIий ячIиндал ЧIурканай гьей ясалъул Гьурмалъ гьими букIинчIо, Гьелъ къваридго щурана: — Къурбан МухIамадович ХIалтIулъ къарав чи вуго. ГьитIинаб мехалде жив РегIун гьечIин абуна... Щибха, гьалмагъ, гьабилеб, Жинда гIайиб гьечIилан, БичIчIизабизе гIадин ГIодое къулана гьей. Щиб гьабилеб? ЛъикI ккана Дун гьесухъе инчIолъи. Гьединав хIакимасда ХIал–хIукму бицинчIолъи. Бигьа гьавун лъугьана Болъодухъа гъоркье дун. Бигьа букIинчIо дие РекIекълъи къезабизе. |
|
||||||||||
|