![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Иман бугеб рекIелъ ццин букIунаро
Гъамбулатил божи - борхатаб кьуру,
Гъамбулатил божи-ракIалъул иман, Гъамбулатил божи-бергьараб хIасрат Гъамбулатил божи-Бечед хиралъи Божиялъ цIунула ракьалда инсан, Гьеб рокьиялъ буго дуе битIун нух. Иман бугеб рекIелъ ццин букIунаро, ЖахIда лъаларесе эркенлъи буго. Чияр цо мугьалде хиял ккечIев дуй, Даимго рагьараб алжанул каву. Дагъистан чIухIараб гIелмудул ралъад, ВатIан пасалъизе дуца биччаге. Дур БетIергьанасе мутIигIлъиялъулъ Мун хвасар гьабулеб къуват батула. РухIияб бечелъи, хIайранлъула дун, ГIумруялъго къулун мун гIелмуялде. ТIабибас унтаби сахлъизарула, Дуца битIараб нух кквезе малъула. Дур хIурматги гьабун аскIосан унел Ясаца кIазалги надалде цIала. ТIадегIанасдехун гIагарлъанагIан ГIадан гьаб ракьалда вацIцIалъун уна, Гъамбулатил сабру, ццин бахъунгутIи, Баракаталъул нур рештIун бихьула. Абула, гIодулин как балеб бакIцин, Как толарев инсан накълулъун хадуб. Гъамбулат-хажи, духъ гIенеккидал,дун Паналъун яхъуна,ракI тIеренлъула. Къиямасеб къоялъ ханлъун ватулев Аллагьасе гуреб гьабичIеб лагълъи, КIудияв гIалимчи чучичIеб гIамал, Дагъистан чIухIизе вижарав инсан. ЛъикIаб бихьизабун, квешаб рихунев, Аллагь разилъаяв, лъикIлъи чиясул. ГIадамазухъе цIай цIикIкIарав имам, ЦIияб босизе лъан, рацIцIалъи кколев. Къосине виччачIо аскIов щварав чи, Тункилелде гамачI бахъизе малъун, ШаригIат - парталин бусурманасе, ГIицIго рукIунгейин, нич тIагIунгейин. Авараг вокьулин аби гIоларин, ГIамалги гьабейин гьесул гIадинаб. Къилба кIочон тараб къо бачIунгейин, ЧIумалги сверейин, свалат битIейин. Соролеб гьаракьгун, Гъамбулат-хIажи, Ибрагьим авараг рехсана дуца, Гьелегьунеб цIадав реханиги, гьев ЦIунанин Аллагьас,гIурччинаб харилъ. БетIергьанасул изну гьечIого, Лъидаго хъваларин бухIараб цIаги. ГIащтIиги гIодоса багъариларин, Аллагьасул хIукму гьелъий гьечIони… Чиясе гIазаб кьолел ритIарал рукIунаро, РекIкI ургьиб лъун хьихьулел лъиего рокьуларо. РакI гIатIилъизе биччай, гIибадат гIемер гьабе, Гьаб дуниял- лъабго къо, гьеб кIочон тун рукIунге… ХIусен-афандиясул бишун божарав мурид, МухIканлъи ва ритIухълъи дуца бицунеб рагIул. РакI рагьараб гIамалги гIадамахъе ракI цIайги, ВацIцIадав чиясе кьун бугебщинаб берцинлъи… ХIакъикъияв муъмин, Аллагьасул лагъ, Гьаниб бугеб иман, канлъи, рацIцIалъи. ГIакълуялда рукIун, батIияб нухалъ Унел ричIчIуларо гьаб дунялалда! Аллагьас рижарал рукIин лъалелъун ГIадамазде рокьи цIикIкIараб буго. Дуда лъикIаб буго цIикIун бихьулеб, Гьебги гIамалалъул тIокIлъи, хIикмалъи. Церехун унезда хIал хъублъи баккун Ккола цебе хIетIе хIалихьатаца. Дуда рихулелцин гьел ратуларо, РакI буссараб буго лъикIав чиясде. Щакаб нухалъ гуро, гIелму - лъаялъ мун Хасаб борхалъуда ворхун лъун вугев. ГIадатияв инсан, чIухIи гьечIев духъ Къойилго рачIуна къо тIаде ккарал Аллагьасе лагълъи гьабунагIан чи ТIадегIанлъун уна дуниялалда, Борхатаб черхалъул чи гьечIониги, Ворхалъун вихьула гIелму бугев мун. ГIодой биччараб ракI, АлхIамдулилагь, ЦохIо диналъ вуго мун эркен гьавун. Аллагьасе гуреб гьабичIеб лагълъи, Гьелъ буго дуе кьун ракIалъул къвакIи. РухIияб бечелъи, иманалъул гуч, БитIараб нух ккураб бацIцIадаб гIумру, ГIадилаб хасият,халкъалъе пайда - Гьанир дур къоязул къимат буголъи. Бусурбаби - миллат, гьаб халкъ - гIагарлъи, МахIрум гьаруге гьел Дур цIобалдаса. Рехун тоге дуца, дир ТIадегIанав, Киназулго ургъел Дуца гьабулин! Гьеб дугIа рагIана дуца гьабулеб, Гьардарав Аллагьас мун нахъ чIваларо. РекIел гIатIилъиги, гIумру бичIчIиги, ГIассилъиларо чи,дур гьари лъани. Аллагь рехсон унеб ракьалда гIумру, Мунагь-хIакъалдаса нахъе къараб ракI. ТIадегIанасе дур мутIигIлъиялъулъ Къуватги бихьула Гъамбулат-хIажи. Дур гIодой бичараб берцинаб гIамал, Иман щулияв дур кIудияб сабру, ЧIобого инаро аскIов щварав чи, Гьев кантIулеб рагIи батула дуда. ГIелму цIикIкIанагIан гIатIилъулеб ракI, ГIадан хиралъиялъ хадуб толеб лъалкI, Суал кьечIониги, лъазехъин вугин, Диниял тIахьаца тIокIаб лъай щварав. РикIкIад вугониги, вихьулув вугин, Иманалъул кунчIи тIибитIарав мун. АскIов гьечIониги, вичIчIулев вугин, Карамалъи бугев гIелмуялъул чи. Баркат камуларо Гъамбулат-хIажил, Аллагьасе гьев цIикIкIун вокьулин. РацIцIадал гIадамал, гIайиб чIваларел, Нужер гIумруялда бахиллъула дун. ХIарамаб бокьичIел, гьаракь борхичIел, МагIна гьечIеб рагIи кIалдисан инчIел, ГIадамал рокьизе лъарал, талихIал, ТIадагьал чIагIаздаса тIаса лъугьунел. ТIадегIанаб гIелму босизе щварав, Дур къимат гьабизе ниж кватIугеги. Мун гIадал гIалимал гьаб ракьалда ругел Зодил цIвабийилан, ракIалде ккола. Цевехъанлъун вуго мун мажгиталда БетIергьанас вуго кумекалъе тун, Кибго гIадлу бугев, гIелму щулияв, Щиб суал кьуниги, жаваб батулев! ТIасан ккараб щибго беццараб гьечIин, ГIорцIарасда кванил тIагIам лъаларин, Кидаго малъула, сабру-яхI гьаби, ТIаде хьул букIаго бокьанщинаб тей. ГIелмуялде цIалеб цIубараб гIакълу, ГIадамаздеги мун киндай регIулев. ГIедегIун вихьула маслигIаталъе, КватIун ватуларо къо ккаразухъе. Цадахъ босулареб хиралъугеян, Ахирисеб къоги цебе чIезабун, Дур гъваридаб гIакълу хаду гъечIони? Кинандай рагьилеб гьаб дунялалъе. РакIалда балагьун гьудуллъи кквейин, БоцIуде балагьун гьалмагъ ккогеян, ГIелму-лъаялъ буго битIун дур рагIи, РагIи кьучIаб гуреб калам лъачIого. Дунги нужго гIадав Аллагьасул лагъ, Ахир къиямасеб къо дихъе щолеб!- ЦIикIкIун жинда лъалев цIикIкIун хIинкъула, Дида вихьана гьев хIакъав муъминчи. ЦIоб гIатIидав Аллагь гурхIалил вуго, РахIим, рехун тоге гьаб Дурго гIалам, Даимаб бечелъи балагьичIого, Гьанибго толелда хадур унел гьал. Хиянатлъуге чи жив жиндиего, Жиндий балагьалъе батулин гIамал. Нахъ буссун речIчIила квешаб рагIиги, УргъичIого дуца абун борчIараб. Дур гIакъилаб рагIухъ урхъун рукIуна, РакI рагьулеб рагIи дуда батула. Ниж хадур гъолареб хIикматги буго, РекIеда бугебги хIалалъ бицуна… Канлъи бихьана дида нухда духъе щолаго, Гьаракь рагIана дида, дир ракI тIеренлъун унеб, КIудияв гьитIинасул батIалъи гьабуларев, КIудияб лъаялъищ мун гIадатавлъун гьавурав. Аллагьасул лагъасул гIамалалъул берцинлъи, Берцинаб гуронани пикругойищ щолареб. Щулалъун бугеб иман ургьиб рекIеда жаниб, Гьаб гIелмудул нухдаса таричIеб цохIо гали… Хун хадуб букIунеб гIазабалдаса Мунгицин хIинкъулев вихьарав мехалъ, Ниж жагьилаб халкъалъ щибдай гьабилеб, Гьанирго рукIунел гIадинги ругин. НакIкIалъ моцI гIадинан бахчун гIакълугун ХутIиладай нижги, устар гьечIого. Аварагасухъе рештIараб Къуръан, ТIад руссун цIалеян ахIулеб гьаракь. ЛъикIлъи дагь гьабунин ракI бухIи гуреб, БатIияб ракI бухIи дуда лъаларо, АлхIамдулиллагьин, мутIигIлъарав лагъ, Аллагьасе гуреб къуличIеб бетIер. Чиясда шаклъараб пикру кканиги, ТIасалъугьайилан абизе лъалев. Гьеб дур гIамал жакъа гIаламат буго Чи гIассилъун унеб гьаб заманалда. ГIумруялъ гьабураб гIамал толарин Жив холелъулгицин ракьалда чияс- Хъалиян цIалаго бахъун унеб рухI, АлхIам цIализецин регIичIеб гIумру. АскIове чи цIалеб хIикматаб гIамал, ГIажаибаб гIумру кьурав мугIалим, Жагьиллъиялдаса дуца цIунула ЦIвалъун вуго толев мутагIилаз мун. Ахираталде дур хIадурлъиялъе ТIарикъатлъун тараб дуниял буго, Дур роцIараб гIакълу, РахIман рехсолеб, Гьеб рокьиялъ гIадин ракI гIатIилъилищ. Хиралъиялъул рукъ алжан беццула, Ццингин жахIдаялъе жаниб бакI гьечIеб, Шагьадат битIизе кватIун ватарав КигIандай хIинкъила хIакъикъат лъани… Дур малъи: лъикIлъи гьабун,сабруялда рукIаян, Аллагьасе ракI рагьун, исламалда хьвадеян, Кинаб къо бачIаниги, АлхIамдулилагь абун, Аллагь гурхIулеб гIамал гIибаратлъун босеян… Зикруялъ гвангъараб Гъамбулатил ракI, Гьаре дуда аскIоб нижееги бакI Аллагьин рехсолеб меседил калам, Сират гIатIилъулеб гIибадат малъе. Садакъаде кьезе чед гьечIониги, Мажгиталде лъураб гали – садакьа. Сон гьабуралда дур ракIбухIун хадуб. Тавбуялъе къотIи Къадирас кьураб. МагIишатгун боцIи дур бегьуларо, Нагагь диналдаса мун таранани РекIел хIал бихьизе кьолеб буголъи Цо бараб какалда бащалъуларо. ТIеренлъун унила сиратIалъул кьо, Ракьалда ругезул гIамал мекълъани. ГIумруялъул къокълъи, кIицIул кьолареб Дунялалъул рокъор ракIал хIалхьинищ. Аллагь гурхIиледухъ хьвадеян ахIун, Радал-къаси хIисаб гьабеян малъун, ГIибадат гьечIеб къо борчIизе тоге, БитIараб нухдаса воре кьуруге. ЗахIмалъи-къварилъи - хIалбихьулеб нух, Иблис бохуледухъ гали тIамуге. БорчIуге кIалдиса чорокаб рагIи, ГIассилъизе гурин гьинал ракIалги… Мажгиталде нахъе мун хьвадулеб нух Гьал муъминзабазе хиралъун буго. Гъамбулат-хIажихъил,гвангъараб рокъой РачIунел гIадамал гIемерлъун руго. ЧIухIи гьечIеб чорхолъ чилъи букIуна, ГIадатияв вукIун мун хиралъана. Халкъалъе кIудияв устарасул цIар Лъима-лъималазе гьуинлъун буго. Кавсар лъим чвахулеб берцинаб алжан, Къечарасе лъимлъун жакъа дур калам. Даимаб рукъалъе ургъун гурони, ТIокIлъаби цIехечIев дуниялалда. РакIалъул бацIцIалъи, гьелъул камиллъи Берцинаб гIамалалъ бихьизабуна. Иман бугеб ракIалъ лъикIалъе гуреб. Квешаб рагIиялъе кIал рагьуларо. Анкьго нухалъ щвана ХIежалдеги мун, Аварагасдехун цIала муъминчи. Мун - мискинчиясул кIудияв гьудул, Мун - пашманлъарасул ватулев гьалмагъ. КIудияв вуго мун гIакълу бугезе Дур къимат гьабулел сверухъ гIадамал. БетIергьанасухъе кьолъун ватарав, Тарулареб дур нух - халкъалъул мурад. ХъуштIада росулъ мажгит рагьидал, Гъамбулат-хIажица гьабураб вагIза! Зобгицин гIодана, чвахун цIадги бан, Гьев кIалъалев мехалъ, халкъ гурониги. Шукру Аллагьасе - гIенекизе щвей ШапагIат гIемерав гIалимчиясухъ. Къуръан-хIадисалъул бицунеб калам, РекIей асар ккечIев цо чи хутIичIо. Диналде ахIулев хIакъав гIалимчи, Щив-щивги щвеларо дур гъварилъуде. Къуръаналъул аят мухIканго лъалев, Лъаларел нижее вали вуго мун. Иманги купруги батIа гьабулеб Гьунар бараб буго рекIел хIалалда. Ургьиб ракIги рагьун как базе кIолев КIудияв шайх вуго щун гIадамазе. |
|
||||||||||
|