![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Зикруялъ гвангъараб гъамбулатил ракI
ГIалимчиясул цIар, мун гьавуравго,
Гьесда мун релълъине хьулгун ахIана. Эбел-инсул мурад тIубазе дуца ГIалимчи вахъине жигар бахъараб. Анлъго сон балелде къуръан цIаларав, ЦIализе малъарав кIудияв эмен- МухIамад, мунагьал чурун ратаяв, Жакъа дагьлъун ругин мун гIадал чагIи. Дуниял бихьигун тIинкIараб иман, Жеги мун гьитIинго цIалулеб къуръан. Сверухълъи бацIцIадал, пикру цIубарал Муридазда гьоркьов гурищ мун гIурав. Эбел-инсул талихI, гьезул гIолев вас ГIелму хириявлъун гIуна ракьалда. ГIумруялъ хисичIеб бацIцIадаб нухда Баракат щолевлъун жакъа лъугьана. ТIаса бер босичIел гIелмудул тIахьал, Гьелдаса кIудияб хазина бугищ? Къуръаналъул баркат - гьеб бугеб рокъоб, Хасаб кунчIи рештIун - гьеб авалалда. Эбел-инсул анищ тIубана дуца, Лъугьана мун гIалим, гIалам бахилав. Дуца малъила нух лъай гIураздаги, ГIелмуялъул къуват буго дур кодоб… Къуръаналъул аятал рекIехъе лъазабулеб Лъимерлъи ун буго дур дин хириял рукъзабахъ. ГIелму тIалаб гьабулев, тIаде лъай балагьулев, ГIолохъанал саналги сапаразда ана дур. Берцинай бахIарай дур рокъое щведалцини, Гъамбулат дуца гьоркьоб цо дарс хутIизе течIо. Халикъас дуй йижарай ракI лъикIай лъадиялде Гьей къварилъизаюлеб рагIи дуца абичIо. Адамие жуталъе, живго цохIо течIого, Йижарай чIужугIадан дуца хира гьаюна, Цоцазул адаб кколеб гIамал гIуцIцIизе лъаялъ Гьуинлъи цIикIкIун буго берцинаб нужер рокъоб… Чурулеб ретIелги гьабулеб квенги ЧIужугIаданалъул гIибадат буго. Тарбия кьун лъимал гIезе гьариги Гьелъул хIал бохулеб хIалтIилъун буго. ЧIужугIаданалъул гIумрулъун буго Росасе хъулухъги рокъоб хинлъиги. Гьелъул дунялалъул ургъеллъун буго Иман бугеб наслу гIезе гьабиги. Эбелалъ малъараб кIочон толаро, ГьитIинго гьелъ кьураб ракIалда чIола. Лъимал лъай бугеллъун лъугьине ккани, Эбелалъул рагIи гIелмулъун ккола. Нилъер Гъамбулатил лъикIай Асият, Къадар хъваралъубе ракI разилъарай, Ункъо вас, ункъо яс, гьел разилъизе, Лъайгин дин хирияб наслулъун гIуна Ахикьги хIалтIана, кирпич къотIана, Ракъизе риччачIо инсуца лъимал, Кумекалъе аскIой Асият ятун, ХIалалаб гурелда дуца бер лъечIо. Гьаюрай эбелалъ икъбал дуй кьунищ, Кьерилазулъ лъалей батIа яхъизе. Кьибил тухумалъул рецц-бакъ цIикIкIунищ, ЦIикIкIараб гьайбатлъи щун бугеб духъе. ЦIаюцIунищ гIурай гIадлу бугезулъ, ГIаламат бихьулин дуда тIад рещтIун. ГIамал берциназда берцин йихьунищ, Берцинлъи рещтIараб дур гIамалалда… Чед балагьун гуреб,бечелъизеян, МагIишаталда мун хадув лъугьинчIо. Даимаб рукъалъе хIалтIулев вукIун, БакIаб гIумруялде дагIба гьабичIо. ЧIаранагIан хурги берцинлъун уна, Берцинаб гIамалгун гIадамалъ вугев, Рохула дудаса, кумек щванани, Чи вохулеб рагIи дуда батула. Иллагьияб рокьи рештIун бугеб рукъ, Хъизан рукъалдаса вохун хутIаги. БитIараб нухдасан унел дур лъимал, Дур малъи къотIулеб наслу ккогеги. Къуръан цIализеги какал разеги Малъарал лъималги кIудиял гIуна, ГIуна иман бугел, адаб гьабулел, Гьаб гIумру гIибадат бугин абулел. Рокъоб аваданлъи, борхичIеб гьаракь, Цо инсул балагьи гIолел гьал лъимал. Инсул цIар лъурав вас ТIагьир сасуна, Инсул сабруялда хIикмалъи гьабун. Кинав чи щваниги,щив вачIаниги, Мурад тIубачIого, нахъ витIуларев, ГIелмудал тIахьаца малъухъе гуреб , Цо рагIицин хисун жеги кIалъачIев… Диниял эбел-эмен, малъухъе ругел лъимал, ТIадегIанасул нух ккун унезул къимат гьаби, БацIцIадаб пикру буго, берцинаб гIумру буго, Къуръан цIалулеб рокъоб, алжаналъул нур буго… ЛъикIаб хьон бекьидал - бачIинги лъикIаб БукIунеблъи лъала хурухъабазда. Мунагь бугеб рихун, лъикIалде русса, Лъималазул берталъ гьекъей жибго те. Рокьи кколарев чи веццарав гьечIин, Божизе бегьилищ, щакав чи вуго. Рокьи къуват буго, гьеб ТIадегIанас, КъанагIат гурони, нилъехъ битIулищ. ХIикмалъи гурищ гьеб нилъ рижарасул, Кинабго рештIуна чи кантIизелъун. ГIадатаб мацIалда бицине лъалев, Лъазе кинан кIолел рекIел хьулалги… Аллагьас кьураб гIишкъу - нухда гьеб хутIуларо, Гьеб кIудияб рокьиги Аллагьасде буссуна; Цо Аллагь рехсолеб ракI битIараб нухда ккола, Рокьиялъ гIинкълъаниги бецлъизе гьавуниги… Дуда лъалареб жо дида батичIо, ГьитIинаб рокъоса кIудияв гIалим. ГIалим чи вахъараб Метрада росу, Гъамбулат-хIажида кIочон теларо. Башдаб гIумру жаниб араб Сасикьги ЖамагIаталъего хиралъана мун. ХIукму къотIизе гьел духъе рачIуна, Гьез дур рагIиялъул гьабулеб къимат. Мун гIалимчи вахъин хIикмалъи гуро ГIелму хириязул наслуялъул чи, Иман шулалъарал эбел-инсул вас, ГьитIинго битIараб нухде ккарав мун. |
|
||||||||||
|