![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Къуръан цIалулеб ракь - баркаталъул рукъ
Шайихзаби гIураб гIагараб ВатIан,
Мун гIалимзабаца машгьур гьабуна. ТIадегIанав вокьи васият гьабун, Гьез мухIканаб рагIи ирсалъе тана. ГIемер цIарал руго гIалимзабазул Нилъер тарихалда нахъе цIунарал, Доб Хъварши росулъа КъурбангIалиги РотIол МухIамадги мисаллъун гIела. ХIусен-афандил цIар, Сасикь росулъа, Лъаларев чи гьечIо Дагъистаналда. ХIажардибир Гьигьалъ диналъул хIуби, Росу батиларо гIалимчи гIечIеб. ТIиссиса Рамазан ХIумайд-афандил Муридлъун вукIарав,баракат щваяв. Метрадаса Салман,НасухI гIалимал, ГIумруялъ таричIел хIакъал муъминал. Санкьада росулъа МухIамад-Садыкъ, Аллагь кIочон тараб калам букIинчIев. ХIалакъов МухIамад КIванкьадасаги Къилбаялде вуссун къоял тIамурав. ТIиндиса Закарьял МухIамадил цIар, ЦIунила рачIунел наслабацаги. Гьаквариса Сажид, сунареб чирахъ, ЧIухIилъун хутIана сверухъ ругезе. Силдиса АсхIабги баракатаб нур, Гьеб нуралъул кунчIи тIагIине гьечIо. ХъущтIада росулъа МухIамад-Саид ГIелму хирияб ракI рагIарав инсан. Эчеда росулъа Хучбардибирги ГIисаги рукIана ракIал цIунарал. Гьединал гIалимаз баркатаб рукълъун Нилъ гIураб гьаб ракьги берцин гьабуна. ГIараб гIелму гьукъун Совет замана! - Архангельскиялда тIагIинарурал, Дир инсул росулъа анкьго цIаларав Цадахъ ритIун ана, гьел кIочонаро. ГIелмудул ралъадин, Рашадин ахIун, ГIалимаз цIар кьурав кIудияв эмен Идрисил МухIамад лъида кIочонев- Нилъер свериялда сунареб канлъи. Балъго хутIун буго кIодо-эбелалъ Бухьун букIараб тIехь дир инсул гордикь,- ГIелмуялъул тIахьал рухIулеб заман, Гьелъ гьеб цIунун буго, лъимерго гIадин. Совет заманаялъ,жив хIинкъичIого, Мажгит базе кIварав кIудияв эмен Хъвайниб росулъа ГIабдулкъадирин ГIемераздайин гьес малъараб Къуръан. Мунагьал чураги гьел киназулго, Киназулго цIарал рехсечIониги. ГIалимзаби гIураб гIагараб тIалъи, Гьезул баркат тIагIун нилъ хутIугеги. Дида лъаларелги гIемерал руго, Дидаго лъарасул хъвани гурони, Дир район чIухIараб гIалимчиясул Хъвалилан ккаралда гIайибги чIваге. |
|
||||||||||
|