Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Назад

ЦеберагIи

Шамхалдибир ГIисаев, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталъул к1удияв преподаватель, Россиялъул Журналистазул союзалъул член.


Адабият бокьулезда лъикI лъала магIарулазул машгьурай хъвадарухъан, шагIир Сабигат МухIамадова, дагьал гьечIо хас гьабун гьелъул махщел камиллъиялда хадуб халккуралги.

Гьей ккола Россиялъул хъвадарухъабазул гIуцIиялъул член, Дагъистаналъул маданияталъул мустахIикъай хIалтIухъан, 8 тIехьалъул автор.

Гьелъул асаразда гьоркьоб хасаб бакI ккола цIар рагIарав гIалим, шайих, имам Шамилил гIакълучи Хъварщиса Загъалав-афандиясде (XIX-аб. гlacpy) бахъараб поэмаялъ.

Сабигат МухIамадовалъул гьитIинго рокьи бижана иман бугел, диниял, гIаданлъи, адаб, намус чорхолъ бугел гIадамаздехун. Гьелъ батила ахираб заманалда шагIфалъул хIалтIабазулъ кIванагIан цIикIкIараб бакI кколеб бугеб нилъер халкъалъул диниял церехъабазул хIакъалъулъ хъварал асараз»

Киназеш якъинаб жо буго цIумадисел дин-исламалъул байрахъ борхатго ккурал гIадамал рукIин. Дагъистаналъул гуребги, Шималияб Кавказалъул тарихалда жанибги гъваридаб лъалк! тана гьениса рахъарал гIалимзабаз, хасго XVIII гIасруялда рукIарал шайих Гьаквариса ЧIурилас, шайих Гьигьалъа Гьанжукица, Дануца, Сурхайица, ГIумарханица, Гьузалица, КIудияв Дибирасулас, ТIиндиса ХIажимухIамадица ва гьездаса хадур рахъарал Хъварщиса Загьалав-афандияс, Исбагьидибирица, Хъущтадаса Мусалас, устар ФирмухIамадица ва гьесул вас ХIусеница, КIванадаса ГIабдулагьдибирица, Гьигьалъа ХIажардибирица ГьитIилмахIамаддибирица, ШамхалхIажица, Мусадибрица, ГIумархIажица, ИмаммухIамадица, ХIусайнияс (Poтla МухIамадица),

ГIабдулагьдибирица, Мусадибирил яс Гъазиратица, Шамхалдибирица, АхIмадулаца ва ахирияб заманалда жив халкъалъе баракатлъун вукIарав накъшбандияб, шазилияб, джазулияб тIарикъатазул устар Сасикьа ХIусайн-афандияс.

Гьединал цIар рагIарал шайихзабазул ва гIалимзабазул нухдасан унев, гьаб бихха-хочараб заманаялъ халкъалъе жив баракатлъун лъугьарав диналъул хIубийилан абизе бегъула устар, гIалим ва шагIир ГъамбулатхIажида.

Гьесул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалда бугеб тIоцебесеб назмуялда - «Къуръан цIалулеб ракь - баракаталъул рукъ» - Сабигатица рехсон руго ЦIумадаса диналье гIоло рухIал кьурал, къурбанльарал гIалимзабазул цIарал, бицунеб буго Совет хIукуматалъ гьезие кьураб гIакъубаялъул, гьабураб зияналъул, гъезде рещтIарал балагъазул хIакъалъулъ. Хадусеб ункъо назмуялда («Зикруялъ гвангъараб Гъамбулатил ракI», «АлхIам цIалулесда гурхIулев РахIим», «Иман бугеб рекIелъ ццин букIунаро», «Амру билъанхъула ТIадегIанасул») шагIиралъ бицунеб буго гьитIингоялдаса байбихьун устарас нахъа тараб гIумруялъул нухлул, Къуръан цIалиялъул, гъелдаса хадув лъида, ай кинал мугIалимзабазда цеве цIаларавали, кин гъес исламияб лъай щвезе тIалаб гьабурабали; бицунеб буго хъизан гьабиялъул, хIеж борхиялъул, Мадрас баялъул, гъенир лъимал цIализариялъул, устарлъи щвеялъул ва жакъа къоялда халкъалда гьоркьор гъес гьарулел ругел дин тун батIиялги хIалтIабазул, лъикIалгцинал жамгIиял тадбиразул. Сабигат МухIамадовалъухъа бажарун буго асаралъул герой ГъамбулатхIажил образ махщалида рагьизе, гьесие мустахIикъаб къимат къезе. Хьул буго гьединал равхIаниял хIаракатчагIазул хIакъалъулъ хъварал тIахьаз гIун бачIунебгIел диналдехун цIалилан, гьезие мустахIикъаб тарбия кьеялъе квербакъилилан.

Гьанже чанго рагIи абизин ГъамбулатхIажил хIакъалъулъ. Гьев гьавун вуго I943 соналъул I8 февралалда ЦIумада районалъул Метрада абулеб, гьитIинабго росулъ. Анлъго сон балелдего инсул (ТIагьирил) эмен Давудил МухIамадица гьесда малъун буго Къуръан. I5 соналъул гIумруялде вахиналде гьев цIалун вуго 6-7 гIалимасда цеве. Цинги эбел-инсуца хIукму гьабун буго хадубккун гьев цIализе гIатIиракьалде витIизе. ЦIализе витIилалде эбел-инсуца гьев вачун вуго жидерго устар Сасикьа ХIусейн-афандихъе.

Шуравеги щун, вукIинесев мугIалим Пахрудинил хIакъалъулъ мажгиталда цIех-рех гьабидал, гьесда абун буго шагьаралъул рагIалда минаги бугев, цIани хьихьун вугев чи вукIине кколин гьеван. Гъамбулат гьесда аскIове ун вуго. Дуда гIелму малъизе дир заман букIунарин Пахрудиница абидал, жив цIани хьихьизе инилан абун буго Гъанбулатица. Гьедин кIиго моцIалъ вукIун вуго гьев Пахрудинида аскIов. Хадувги лъикIаланго гIалимзабазда цеве цIалун вуго пагьму бугев гIолилав. Гьанже гьев ккола рахIималлагьу устар Тажудиница ижаза кьурав лъабабго (накъшбандияб, шазилияб, джазулияб) тIарикъаталъул устар. Гьесухъа вирд босарал муридзабазул къадар лъабазаргоялде бахуна.

Жакъа нилъеда гIемер рагIула «устар» абулеб рагIи рехсолеб. Щив ва кинав чилъунха устар вукIине кколев? Устарилан абула кинаб бугониги ишалъулъ гьунар цIикIкIарав чиясда. ГIалимчиясе гьеб цIар кьезе бегьула цогидал гIалимзабазда гьоркьоб жиндир гьваридаб льайги, камилаб гIакьлуги бугони. КIиабизе, устар вукIине ккола ракIбацIцIдав, гIадамаздехун жахIда хъублъи гьечIев, гъибат-бугьтан лъоларев чилъун. Гьединал сифатал чорхолъ гьечIони, устарилан чиясда абизе бегъуларо. Вугизеги гьединавха вугев ГъанбулатхIажи! Аллагьас абун буго шайихзабаздеги вализабаздеги данде рагъ балел чагIи жинда данде рагъ балел чагIилъун кколилан; гьединал чагIазе икъбалги кьоларо, гьел дунялалдаги ахираталдаги къосунги ккола. Гьаб ахирияб заманаялда устарзабазда, вализабазда бугьтанал лъолел чагIи камулел гъечIониги, гьел гьезда тIад чIоларо, чIезе ресги гъечIо. ХIакъаб жо буго, устарзабаздаса, шайихзабаздаса лъикIгъиги баракатги гурони бачIунареблъи. ГIадада гурелъул нилъер аби бугеб хIаргцулъе рехунилан меседил къимат холарин. Аллагьас нилъее квербакъаги дин-ислам щула гьабизеги шаригIаталъул нухдаса ритIун инеги, тавпикъ кьун рохаги гьелъие жигар бахъулелщинал.

РакIалде ккола, гьединазул кьерда йигей Сабигатил цIияб асаралъ дагъистаналъул равхIанияб адабияталда мустахIикъаб бак! кквелилан.


Шамхалдибир ГIисаев, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталъул кIудияв преподаватель, Россиялъул Журналистазул союзалъул член.

Назад


© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.