![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЪАМБУЛАТ-АФАНДИЛ ИЛАГЬИЯБ РАКIГьаб тIехьалъул автор Сабигат МухIамадова ккола машгьурай поэтесса, Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул член, гIемерал тIахьазул автор, «ЦIумазул улкаялдаса» -ЦIумада районалдаса яс. Гьелъ хъварал поэмабазда гьоркьоб Хъварщиса Загъаласде гьабуралъ борхатаб бакI ккола гьелъул асаразулъ. Гьединавго динияв цевехъан, ЦIумада районалъул Метрада росулъ гьавурав, гьанже Муцалавалалда мажгиталъул имамлъун вугев тIарикъаталъул устар, шаргIиял гIелмабазул шайих Гъамбулат-афандиясул хIакъалъулъ хъвараб поэма ккола гьаб асарги. Гьаниб шагIиралда кIун буго Гъамбулат-хIажил образ рагьизеги, гьев жиндир КIудиясдехун бугеб муридалъулаб жиндир рекIел хIал загьир гьабизеги. Жакъасев муршидасул хIакъалъулъ бугеб гьаб къасидат сабаблъизе бегьула гьанжесеб гIелалъул рекIелъе иман тIинкIиялъеги, гьезие динияб тарбия букIиналъеги, мажгитал къарал соназги тIарикъаталъул нухмалъулезул баракаталъ Дагъистаналда цIунун хутIараб ислам халкъалда гьоркьоб тIадеги щулияблъун лъугьиналъеги… © МухIамадова С., 2007с.Бисмиллагьи ррахIмани ррахIими ПИРАСА
Редактор Абасил Магомед Корректор Магомедова Асият Художник Халилулаев Гусен МахIачхъала – 2007г. |
|
||||||||||
|