Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Имам Шамилил умумул кисса рукIарал


Шамхалдибир ГIИСАЕВ

ДГУялъул юридикияб факультеталъул кIудияв преподаватель, РФялъул ГIелмабазул академиялъул ДНЦялъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан.
ХIакъикъат №24 ((96-101) 17580-17585) май, июнь, июль 2009 сон.

Исана 212 сон сверула Дагъистаналъул ва чачаназул имам Шамил гьавуралдаса. Гьесул хIакъалъулъ хъварал тарихиял тIахьазда ва макъалабазда гьев гьавураб соналъул рахъалъ цо чIараб пикру батуларо. Гьединго мухIканлъи гьечIел руго кIудияв имамасул инсул насабалъул рахъалъ баяналги.

Шамил гьавуралдаса кIиго гIасру аниги, гIалимзабиги тарих бокьулелги гьоркьоса къотIичIого дагIбадилел руго гьесул инсухълъи киса кколеб абураб суалалда тIасан. Гьезул щивас сунда мугъчIвай гьа-булеб бугебали бихьизабизе ккани, гIемераб жо хъвазе ккола. Гьединлъидал, дица гьанир къокъго рихьизарила гьеб суалалда тIасан ругел аслиял пикраби.

ТIоцебесеб пикру буго Шамилил аслу гуржиялъан бугин абураб. Гьеб загьир гьабун буго 1914 соналъ гуржи мацIалъ Тифлисалда къватIибе биччараб (Пронели А. МугIрузул цIум Шамил. Тифлис, 1914) тIехьалда. Гьес хъвалеб буго XVIII гIасруялъул ахиралда Дагъистаналда вахчун вукIарав Ираклий пачаясул вас Александрица цо магIарулалъулгун балъгояб рокьиги гьабун лъугьараб наслу кколин Шамилилан. Дида ккола ботIролъ гIакълу дагьав гуржияс хъвараб гьеб чIандаялъе жаваб кьезе тIубарав гIабдал гурони лъугьинарин абун.

КIиабилеб пикру буго Шамилил умумул чачанал рукIанин абураб. Гьеб рахъалъ тIоцебе гьури пузе байбихьана XIX гIасруялда Тифлисалда къватIибе биччалеб букIараб «Кавказ» газеталда рахъарал цо-цо макъалабаздаса хадуб. Гьениб Шамилил бицунаго хъван батула кавычкабазда «Ичкерияв Шамил» абун. 1845 соналда Шамилица жиндиего тахшагьарлъун тIаса бищана Ичкериялда букIараб Даргъо росу. Гьелдаса нахъе хъвазе байбихьана Ичкерияв Шамилин абун. Гьеб кьочIоеги босун, цо-цо чачаназул тарихчагIаз байбихьана Шамил жидерго миллатцоявлъун вихьизавизе.

Лъабабилеб пикру – Шамилил умумул лъарагIал рукIанин абураб. Гьедин рикIкIунеб букIана ДГУялъул юридикияб факультеталъул профессор М.А. Халиловас. Гьес мугъчIвай гьабулеб буго гIурус ге-нерал Чичаговасул лъади Марияца хъвараб тIехьалда имамасул умумузул хIакъалъулъ кьурал баяназда (Чичагова М.Н. «Шамиль на Кавказе и в России». СПб., 1889). Гьениб авторалъ хъвалеб буго: «Шамилил эмен Дэнгау-Магомед Генуса узден ГIалил вас; гьесулги умумузул чи Кумык-Амир-Хан Кавказалдаго цIар рагIарав чи вукIана», - ян. Гьединабго пикру буго А. МахIмутовасул. Гьес лъарагIазул газеталда бахъараб макъалаялда хъвалеб буго: «Шамилил инсул эмен ГIали Агъачаулалдаса вукIана Генуве арав. Гьениб гьесда Къумукъ ГIали абулебги букIана» (Ёлдаш 08.02. 2008). Гьес гьелъие кьочIое босун буго Булач ХIажиевас хъвараб бицен.

Ункъабилеб пикру буго Шамилил анкьабилев эмен ГIали тумав вукIанин абураб. Гьеб баян рехсараб асаралда бихьизабун буго гьев эбелалъул рахъалъан вукIанин абун. Гьеб баян загьир гьабурав чи ккола шайих Жамалудин Гъумукъиясул вас ГIабдурахIман (Абдурахман из Газикумуха. «Книга воспомина-ний» / Пер. с арабск. М.-С. Саидова. Махачкала, 1997). Гьеб хIужалъунги босун, цо-цо тумазул цIех-рех гьа-булел чагIаз гьесул умумузул насаб бихьизабун буго тумалъа бачIарабилан абун. Амма нилъеда лъала щивав чиясул тухум инсул рахъалъан рикIкIунеблъи.

Щуабилеб пикру - Шамилил эмен Гьидалъа вукIанин абураб. ТIоцебе гьединаб хабар баккана 1968 соналъ («БагIараб байрахъ». 1968, 31 декабрь) газеталда бахъараб ГьоцIалъа журналист ва хъва-дарухъан ХIусен ХIажиевасул макъалаялдаса хадуб. Гьес хъвалеб буго имамасул эмен Гьидалъа вукIун вугилан. Гьеб хIужаялъул хIакъикъат цIехон аскIове индал, ХIусеница абуна: «Гьигьалъаян абураб жо, дида Гьидалъин рагIун букIана», - ян. Гьесго гIадин Шамилил умумул Гьидалъе цIалел руго М.ГI. Дибировасги (Дибиров М.А. «Сильные и стойкие». Махачкала, 1973). Гьес мугъчIвай гьабулеб буго тIадехун рехсарав ХI. ХIажиевасул макъалаялда ва гьесда рагIараб биценалда. ТIадежоялъеги гьев авторас хъвалеб буго, Гьидалъ бугила, дагьа-макъал чагIазда гурони жиб лъалареб, «Денгасул нохъо» абулеб бакIгийин. Шамилил кIудияв эмен Денгал цIаралда пархен бугелщинал бакIазда кIудияв имамасул аслу хурхинабизе лъугьани, чанги батIияб бакIалде ккезе рес буго нилъ.

Дида ккола Шамилил умумул Гьидалъа рукIанин абураб хабар бакканин Шамилил рагIабаздалъун Хъварщиса шайих Загъалас гIарабалъ Лъахъ росдал жамагIаталде хъвараб кагътидасан. Жибго кагъат батун гьечIо, гьеб букIанилан бицунаан гIараб гIалимчи, мунагьал чураяв НурмухIамадил МухIамадицаги тарихчи Тимур Айтберовасги. Кагътил копиялда буго «ила икърабаиян». Гьелъул магIна буго «дир гIагарлъиялде» абураб. Лъалеб жо буго тIолго лъахъдерил жамагIат Шамилилгун гIагарлъиялда букIине рес гьечIолъи. Дир пикруялда, имамас гьедин хъваялъе букIине бегьула гьадинаб гIилла. Гьидерил гIадатазе хъвараб цеберагIиялда Лъахъ бихьизабун буго рагIиятазул росулъун. Хасго гьезие къварилъи гьабулеб букIун буго гьидерил ТIидиб ва ГIурада росабаз. Имам Шамил мискин-пакъирзабазул рахъ ккурав чи вукIиналъ, гьезул адаб-хъатир гьабун, гьеб жамагIат мадугьалихъ ругел кIудиял жамагIатаз хIакъир гьарунгутIизелъун ва лъахъдерил къадру борхизабизелъун хъван букIине бегьула имамас тIадехун рехсараб кагътида «дир гIагар-лъиялде» абун.

Имамасул умумул Гьидалъа рукIанин абиялъе цойги гIилла букIине рес буго гьадинабги. Лъахъ вукIун вуго Денгал Давуд абурав шайих. Гьев вукIана халкъалда гьоркьов кутакалда машгьурав чи. Гьесул эменги Денга вукIун, Шамилил умумул Лъахъа рукIанин хабар баккана. Амма баянаб жо буго гьев шайих гьениве гьанжесеб ЧIарада районалдаса вачIарав чи вукIин.

Цойги, 1834 соналъ Шамил имамлъун вищулелъул, Хъварщиса Загъалав шайихас фатихIа тIамун хадубги, гьев тезе бегьуларин кIалъан вуго гьидерил вакил Махху. Гьеб мехалъ Шамилица кьабураб хонжроца бетIер къотIун буго гьесул. АскIов вукIарав Загъалав-апандица Шамилида абун буго: «Вай, Аллагь, мун цIакъ гIедегIана!» - ян. Шамилица жаваб кьун буго: «Аралъубе ине чахъуги биччан, дуца гьабе вехьлъи, кIудияв», - илан. АскIор рукIаразда бичIчIун буго, доб сагIаталдаса нахъе додин къвакIун хIалтIи гьабичIебани, гьесул имамлъи лъугьине букIинчIолъи. Гьеб биценалъ гIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамула. Харахьиб мажгиталъур данделъун рукIана Дагъистаналъул ва чачаназул гIемерисел жамагIатазул вакилзаби. Гьидерица гьеб мажлисалде вакил гьавун витIарав Маххуе щайдай (гьанжесел гьидерил пикруялда рекъон, гьениса умумузул вас) Шамил имамлъун вищизе бокьичIеб? Маххуца ва гьидерил жамагIатаз, Шамилил эмен ялъуни кIудияв эмен жидехъаго вукIаравани, гьесул рахъ кквелароандай?

Анлъабилеб пикру – Шамилил эмен ДоногъомухIамадил кьалбал Хунзахъа рукIанин абун. ГIабдурахIманица хъвараб тIехьалъул мухъалги хвезарун, тIасан хъван буго Шамилил умумул Хунзахъа рукIанин абун. (Абдурахман из Газикумуха. «Книга воспоминаний»/ Пер.с арабск. М.-С. Саидова. Махачкала, 1997). Гьелъул хIакъалъулъ баян кьей дица тIокIаблъун рикIкIуна

Анкьабилеб пикру буго Шамилил кьалбал Генуса рукIанин абураб. Гьеб нилъеда дандчIвала Генуса АхIмадил МухIамаднаби-хIажил («Шамил имам», МахIачхъала, 1997) тIехьалда. Авторас гьелъул хIакъалъулъ «ГIумруялъул авал» абураб бутIаялда гьадин хъвалеб буго: «…Шамилил эмен МухIамад ккола Генуса узденчи ГIалил вас. Гендерица МухIамадиде Денгав абураб тIокIцIар ахIулеб букIана, магIарулазда гьоркьовги гьев лъалаан Денгав хIисабалда… ГIурусазул документазда Шамилил инсул цIар хъвалеб букIана унго-унгояб цIарги тIокIцIарги цолъизабун, Денгау-Магома, ай Денгав-МухIамад абун».

Ахирал соназда, Денгав-МухIамадил цIар санагIалъиялда хъвалаго, газетаздаги цогидал хъвай-хъвагIаяздаги сверана Денгасул МухIамадиде. Гьедин, букIинчIеб бакIалда, гьанже заманалда бижараб буго Шамилил инсул эмен Денгав вукIанилан абураб бицен. ХIакъикъаталда, гьединав кIудияв эмен Шамилил вукIинчIо. Цоги нухалда такрар гьабизин, Денгав букIана Шамилил инсул тIокIцIар. Денгасул МухIамад абун, яги Денгасул вас МухIамад абун Шамилил эмен рехсараб цониги бакI нилъеда дандчIваларо цересел хъвай-хъвагIаязда. Гьедин хъвазе лъугьана гIицIго гьал ахирал соназда.

Гьединлъидал, Шамил имамасул кIудияв эмен Денгав Гьакварисаги, Гьигьалъаги, Гьидалъаги, цогидал гьездаго релълъарал бакIаздасаги вукIанилан вихьизавун цIакъго жигаралда хъвалел ругел макъалаби ккола кинабгIаги кьучI гьечIел, ургъун рахъарал маргьабилъун. Доб заманалда живго Шамилида гьеб суалалда хурхун цIех-рех гьабурал МухIамадгIали Казем-Бекицаги, Мария Чичаговалъги, цогидазги чIванкъотIун бихьизабулеб буго имамасул инсул эмен ГIали вукIин ва эмен Денгав-МухIамад вукIин…

Кисанха бижараб Денгасул цIаралда сверухъ гаргар? Гьеб бачIана… ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадидасан. Денгав Гьаквариса вукIанин абизе кинаб хIужаха гьесухъ букIараб? БукIана Гьигьалъа Генубе бачIараб, «нижер гIагарав чи Денгасда салам бице»,- ян абурал рагIаби тIад хъвараб кагъат. ГIицIго гьел рагIаби ва тIокIаб хIужа букIинчIо. НурмухIамадил МухIамад гIедегIана гьел рагIабаздасан, Денгав Шамилил кIудияв эмен кколин ва гьев Гьигьалъа вукIанин абизе. Шамилил эмен Гьигьалъа вукIинчIевлъи хIакъго лъалеб букIиналъ батизе ккола гIалимчияс Денгав кIудияв эменлъун рикIкIарав.

«Щиб абизе бегьулеб Гьигьалъа Генубе бачIараб кагътил хIакъалъулъ? Гьел рагIабазулъ буго гIицIго гьуинго, берцинго, хиралъиги загьир гьабун Денгасде салам битIи. Гьебги Шамилил кIудияв инсуде гуреб, гьесул инсуде… Генубги буго жеги басмаялда бахъичIеб цо кагъат… доб заманалдаго мугьажирлъиялде ккараб Шамилил гIагарлъиялъул наслуялъул чи Генуса МухIудиница Сириялдаса битIун бачIараб… Гьеб кагътида бихьизабулеб буго, жеги чIужу ячинчIев Денгав Генуса Гьигьалъеги цIумадисезул цогидал росабалъеги магIишат гьабизе ун вукIин ва гьениса гIагараб росулъе тIадвуссин…».

Тарихги лъалев, гьебги бичIчIулев чиясда бачIинахъего рихьула гьев авторасул хъвай-хъвагIаязулъ ругел гIемерал гIунгутIаби. Киналха гьел?

ТIоцебе босани, МухIамаднабица Шамилил инсул эменлъун вихьизавун вуго узденчи ГIали. Гьеб баян нилъеда я А. Руновскиясул, ялъуни ХIажи-ГIалил асаразда батуларо. Гьев кIиявго автор кколаан Шамил жидеда лъикI лъалел чагIи. Генуса авторас мугъчIвай гьабулей М. Чичаговалъин абуни жиндирго тIехь хъвана имам асирлъуде ккун 30 сон гьоркьоб индал.

КIиабизе, имамасул инсул цIаралъул тIоцебесеб бутIа Денгав тIокIцIарлъун рикIкIинеги гьев авторасул кинабгIаги ихтияр гьечIо. МагIарул антропонимика лъалел чагIаз гьеб ритIухъ гьабила: Денгав, Денга – гьел руго авар-гIанди-цез мацIазда кIалъалел росабалъ гIемер дандчIвалеб бихьинчиясул некIсияб хасаб цIаралъул вариантал. Денгав абураб чIамалазул хаслъул падежалъул форма магIарулаз къабул гьабун буго аслияб падежалъул форма гIадин, цинги хаслъул падежалде гьеб сверизабулаго гьезул лъугьунеб буго Денгасул абураб форма. Масала, « Денгал вас » чIамалазул мацIалда « Денгав воша » ян абула. ЧIамалазул мацI лъаларев МухIамаднабида Денгав тIокIцIарлъун бихьиялдаги дица щибго гIажаиблъи гьабуларо. Щай гурелъул, магIарул росабалъ гIемерал МухIамадал цоцадаса ратIа рахъизе гьезда тIокIцIарал хурхинарула. Гьелги рукIуна прилагательноял ( Квешав МухIамад, Рекъав МухIамад ва гь.ц.), гьезул ахиралин абуни данде ккола чIамалазул хаслъул падежалъул гIаламаталда. Жеги, гьев авторас тIокIцIарлъун рикIкIунеб Денга абураб рагIул магIна щибха кколеб магIарул мацIалда гьес битIараб хъвалеб батани? ГIурусаз хъвай-хъвагIаязулъ хIалтIизабулеб Денгау форма бачIиналъеги гьадинаб гIилла буго. Дагъистаналъул мацIазул лак, лезги хутIизегIан в гьаракь буго кIутIби цIутIизарун бахъулеб, гьединлъидал гIурусазда гьеб релълъун рагIула жидерго у гьаракьалда. Гьединлъидалин гьезул тарихчагIаца Шамилил инсул цIар Денгау-Магома абунги хъвалеб.

Баянаб жо буго, нилъер росабалъ МухIамад абураб цIар кутакалда тIибитIараб букIин. Гьединлъидал, гIадамаз гьеб цIаралда хурхинабула я тIокIцIар, ялъуни инсул цIар. Гьедин чIамалазул мацIалъ инсул цIарги жубан лъугьараб буго имам Шамилил инсул Денгав МухIамад абураб цIар. Амма МухIамаднабие гьеб кинго рекIее къабуллъулеб гьечIо. Гьес хадубги хъвалеб буго имамасул кIудияв эмен ГIали вукIин мухIканго чIезабун бугин М. Чичаговалъги Казем-Бекицагиян. Гьанже нужецаго пикру гьабеха, хириял магIарулал, М. Чичаговалъул гьал мухъазул: «…Отец его, Дэнгау-Магомед, был Аварский уздень (гражданин), Гимринский житель, сын Али; предок его был Кумык-Амир-Хан, человек известный на Кавказе…» (Чичагова М.Н. «Шамиль на Кавказе и в России». СПб., 1889). Дида ккола, гьединал «кьучIал» авторазда хадув вилълъани, МухIамаднаби цIакъго рикIкIаде щвелин.

Денгасул цIаралда сверухъ гаргар киса баккарабали хал гьабулаго, МухIамаднабица рикIкIунеб буго гьеб, «Нижер гIагарав чи Денгасда салам бице» - ян хъвай гуреб, тIокIаб тIад хIужа гьечIеб Гьигьалъа Генубе бачIараб кагътидаса хадуб бакканилан. Гьел кагътил мухъалги цIалун, гIедегIун вугила НурмухIамадил МухIамад Шамилил кIудияв эмен Гьигьалъа вукIанин абизе . Гьев автор живго гIедегIун вугин ккола мунагьал чураяв НурмухIамадил МухIамадица хъвараб жоялъе къимат кьезе. Гьев энциклопедияб лъайги бугев, кьучIав гIалимчи вукIараблъи Дагъистан тун къватIибехунцин лъала.Гьелъ гуро НурмухIамадил МухIамадица Денгав Гьигьалъа вукIанин абун хъвараб. Дида ва дун гурездаги лъикI лъала НурмухIамадил МухIамад кинав гъваридаб лъаялъул гIалимчи вукIаравали. Дида лъалел гIалимзабазда гьоркьов Шамилил рагъазул тарих гьесда гIадин гъваридго лъалев чи вукIанин абизе кIоларо. Дида гьес чанцIулго бицана имамасул умумул чIамалал рукIанилан. Дица киса гьел баяналин абураб мехалъ, гьес бицана «ЖамгIул-жамавигI» абулеб тIехьалъул мужалатазда тIад хъварал тарихиял хъвай-хъвагIаял ругилан. Хадуб дица гьел баянал кьеян гьаридал, гьес дихъе бачIана гIарабалъ хъвараб Шамилил умумузул хIакъалъулъ хъвараб тIамач. Гьелъул дица Шамилил кьалбазул рахъалъ бугеб хадусеб пикруялда бицунеб буго .

Микьабилеб пикру буго Шамилил кIудияв эмен Гьаквариса вукIанин абураб. Имамасул эмен Денгав МухIамадги гьесулги эмен Денгаги рехсараб росулъа рукIанин хъвалаан нилъеца цевехун рехсарав ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадица. Киса гьеб баян босарабан цIехедал, гьес дихъе бачIана гьеб тасдикъ гьабулеб гIарабалъ хъвараб цо тIамач. Гьелда ругоан батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ баянал: Шамилил умумузул, Дагъистаналда ккараб багъа-бачариялъулъ гIахьаллъи гьабурал ва ккун арал цIумадисезул сияхI. Авторас Шамилил умумузул аслу Гьаквариса букIанин кьучI гьечIого бихьизабизе рес гьечIин ккола. ГIадамазда гьоркьоб гьеб пикру ургъунго билълъинабизе бокьун букIарабани, щайха гьес гьебго кагътил тIанчида цоги баяналги хъвазе кколел? Бихьулеб букIахъе, гьев чияс (дир пикруялда гьев вукIине бегьула гIалим ГIабдурахIманов Сажид) гьел баянал цо тIанчиде росун ратизе руго цоги тIахьаздаса жинцаго хадуб пайда босизелъун ялъуни наслабазе тезелъун. ПалхIасил, гьел тарихиял баяназда мугъчIвазе бегьулин ккола. Жеги мухIкан гьабуни, рехсараб кагътил тIанчида хъван буго Денгав МухIамадги гьесул эмен Денгаги Гьаквариса рукIанилан ва гьесул мугIалимги Гьаквариса ЧIирилав абулев чи вукIанин. Гьесда цеве цIалун лъугIараб мехалъ Денгаца мугIалимасда гьикъун буго хадувккунги цIализе кивехун ун лъикIилан. ЧIирилас абун буго хьиндалазул гендерил дибирасухъе айилан. Гьенив цIалулаго ячун йиго гьес чIужуги ва гьавун вуго васги. Гьесие цIарги кьун буго МухIамадин абун. Цо заманалдасан Денгав хун вуго. КIудияв гIедал, гьесул вас МухIамадица ячун йиго ГIашилтIаса яс. Гьелъ гьавурав васасда цIар лъун буго Шамилин абун. ТIадехун рех-сараб тIанчида хъван буго Шамил имамлъун вищулелъул гIемерисел гьаквариселги анин гьесул бодулъеян. Гьенир рехсон руго Гьаквариса МикагIил, КъалахIажияв, НакIкIилъ ХIажимухIамад, Карим ва МикIат. Гьениб МикагIилил рахъалъ хъван буго гьев рагъулъ гъалбацI гIадинав вукIанин. Унсоколо бахъулелъул МикагIилиде данде вахъун вугила гьеб росдал цевехъан Тотомилав. МикагIилица гьев чIван вуго ва живгоги лъукъун вуго ботIролъ ругъунги щун. Хадуб гьеб тIанчида хъван буго Шамил ккун хадур Сибиралде ритIарал ЦIумадаса чагIазул сияхIги. КIиабизеги Денгав МухIаммад Гьаквариса вукIиналъул хIакъалъулъ хъван буго кIудияв гIалим ГьаракIуниса СагIидил квералъ хъван батаралдасан Щуланиса гIалим ва шагIир Абу ИсхIакъ ИсмагIилдибирица. Гьев ккола ЧIохъа гIалим Абубакарил вас. Гьениб гьес хъвалеб буго Денгав МухIаммад ТIаса Гьаквари гьавунилан. Дагьаб заманаялъ Гьаквари гIумруги гьабун цинги гьес гьижра гьабунила Унсоколобе. ХутIмаялъеги цIакъав вукIанила. Маххулкъебелъиги гьабулаанила. ЧIужуги ячанила ГIашилтIа росулъа Баху-Меседо абун. Гьелъ гьесие 1798 соналъ Шамилги гьавунилан (Сулейманов Д.О. «Прошлое и настоящее верхнегакваринцев (XI- XX)». Махачкала, 2007).

ИчIабилеб пикру буго Шамилил умумул Гьигьалъа рукIанин абураб. Гьеб хабар дида рагIана жеги дун школалда цIалулаго росдал шофер ТашахIажил вас Канзуласдасан. Гьес бицана Шава хъута-налдаса рачIунел гIадамалгун жал рещтIанила Хасавюрталда лъилалиго петералда. Жидеего гьан босизе базаралде аралъур, цо гьан бичулев Гьидалъа чияс гьикъанила жидеда нуж киса кколелилан. Жидеца ЦIумада районалъул Гьигьалъа ругилан бициндал, гьес абунила нужохъа вукIун вугин Шамилин абун. Нижеца гьев жагьилав, щибго тарихалъул жо лъаларев чийинги ккун, релъулаго абунила, Шамил Генуса вукIанин. Жал релъараб мехалъ, гьесда квеш бихьанила. Ццин бахъарав гьес абунила нуж нахъе унгейин, дихъ рокъоб бугин гьев гьениса вукIанин хъвараб тIехьин. Жинца батIаго доб мехалъ кIвар кьечIин гьеб харбидейин бицана Канзулаца. Жидее доб мехалъ ургъел букIанила хехго росулъе щвеяллъулин бицунаан хадуб-хадубги мунагьал чураяс. Гьединго гьев Гьигьалъа вукIанин бицунаан КIуядаса Мустапацаги ва цоги росабалъа чагIазги, хасго гьигьалъдерил харабаца, гьедин бицунеб букIаниги, дица гьадингояб хабар батилин тун букIана гьеб бицен. Гьелдаса нахъе 10-12-ниги сон ана. Цо дагьал соназдасан ГIашилтIаса учитель Батулил МухIамадица (1996 соналъ) магIарул мацIалда хъвараб тIехьалда буго Шамилил инсул эмен Денгав Гьигьалъа вукIанин. Гьеб тIехь цIалун хадув дун кIицIулниги щвана ГIашилтIе гьесухъе. Дица гьесда цIехана дуда кисан лъалебин Денгав Гьигьалъа вукIин. Гьес бицана жиндаги гьеб инсуца - Айдемирил МухIамадица (1910-1990 сс.) бицанин. МухIамадица дида бицана битIун абуни жиндие инсудасан Гьидалъин рагIизе бокьун букIанин. Гьоркьоб сонал араб мехалъги жинца инсуда нахъойги чанго нухалъ цIеханин Шамилил умумул киса рукIаралин. Цо нухалъ гьедин цIехараб мехалъ инсуца жив вачанила ГIанди гIор бихьулеб бакIалде, ва абунила, гъоб гIурул квегIаб рахъалде рахун, гIурул чвахиялда данде араб мехалъ Болъихъе щолин. Гьенисаги гьебго мухъккун ЦIумаде унелъул ГIанди гIурул квегIаб рахъалдаса тIадехун рагIулин гьеб росуян бичIчIизабунин жиндаян бицана Батулил МухIамадица. Дие бокьун букIана киса Айдемирил МухIамадида гьеб хабар рагIарабали лъазе. Хадубги гьес бицана жиндир инсуда гьеб бицун бугин ГIашилтIаса Маликица. Гьев кколев вуго АхIул гохIда бищун бахIарчилъи бихьизабураздасан цояв ГIашилтIаса Даришиласул (хвана 1905 (?) соналда) ИсмагIилил вас. Гьев Даришиласул эмен вукIана Му-хIамад, гьесулги эмен вукIана КIудияв Даришилав – бидвиххун ГIанчихъа ГIашилтIе вачIарав. КIиабизе Айдемирил МухIамадида гьеб хабар бицун буго ГIашилтIаса ГIабдуллагьица, бергьарав гIалимчияс ( 1930 соназ къурбан гьавурав). ГIабдуллагь ккола КъурбангIалил вас. Гьев вукIана Дагъис-таналда цIар рагIарав гIалим, Шамилилги лъикIав гьудул, бахIарчияв рагъухъан, нилъехъе щвечIеб Шамилил рагъазул хIакъалъулъ хъвараб тарихияб асаралъулги автор.

ГIабдуллагьги Айдемирил МухIамадги рукIун руго къедцоял мадугьалзаби, бакъалда гIодорги чIун хабар-кIалалда рукIунел чагIи.

Гьаб нилъеда тIадехун рехсараб хабар бицарав Батулил МухIамадги ккола Шамилил эбелалъул яцалъул наслуялъул чи. МухIамадица дида бицана гьебго росулъ чIаго вугин Шамилил эбелалъул рахъалъ вацгIаласул васасул вас Шагьасул Шамил, 1903 соналъ гьавурав. Гьесул кIудияв эмен Пирбудагъ вукIун вуго Шамилил эбел Баху-Меседол вацгIал. Гьес дида бицана, гьесул кIудияв эмен Пирбудагъица бицухъе, Денгав МухIамад вачIанила цIализе ГIашилтIе Гьигьалъаян. Лъабго соналъ ГIашилтIаги цIалун хадув цIализе ун вуго Генуве. Гьенив цIалулаго цо дагIбаги ккун, гьев тIадвуссун вачIун вуго ГIашилтIе, гьаниве вачIине хъван букIун бугин жиндир къадарин абун. Гьений гьес ячун йиго Баху-Меседу. Эбел-эменги хун бесдал хутIарай гьей киданиги росасе инарин абун йикIун йиго. Гьезул гIагарлъиялъ, инчIого бегьуларин абун, хIалица кьун йиго гьей росасе. Генуб лъугьараб дагIба кIочараб мехалъ, Денгав МухIамад нахъеги вачIун вуго хъизангун гьениве. Гьенив Баху-Меседоца гьавун вуго васги, гьесие цIарги кьун буго Шамилин абун.

Нилъеда бихьухъе, тIадехун рехсарал пикрабазда гьоркьор кьучIаллъун рикIкIине бегьулеллъун ккола Гьакварисаги Гьигьалъаги вукIанин абурал. Г1араб хъвай-хъвагIаязда рекъон Шамилил умумул кколел руго Гьаквариса, Шамилил ирсилазги ва цогидазги бицухъе Гьигьалъа. Гьеб дандеккунгутIиялъе гIилла батилин ккола гьадинаб. Гъоркьа Гьакварисез ТIасияб Гьаквари росу рикIкIуна Гьигьалъдеридасан лъугьараблъун. Гьенир ругел тухумазда лъала жидер рижи Гьигьалъа букIин. КIиабизеги, цересел гIасрабазда тIадмагIарулазул росабалъ гIемерал гьигьалъдерил гIалимзаби рукIун руго дибирзабилъун хIалтIулел. Гьезул цо-цояз гьенисанго лъудби рачун рукIун руго. Масала: Гьигьалъа Муса вукIун вуго Гьаквари дибирлъун. Гьениса гьес ячарай чIужуялъ гьесие гьавун вуго вас ГIабдуллагь. Хадусалалъ гьев ГIабдуллагь хIалтIун вуго гьенивго дибирлъун. Гьев гьигьалъисез гуревги гьакварисезги рикIкIунев вукIана росуцоявлъун. Гьеди-набго къисмат батизеги бегьула Шамилил инсулги.

Киназдаго лъалеб жо буго Шамилил инсуда цIар Денгав МухIамад (чIамалазул къагIида) букIараблъи. МагIарул мацIалда Денгал МухIамад. Денга абураб цIар гIатIидго тIибитIун букIана ГIанди гIурул тIалъиялда ругел жамагIатазда гьоркьоб. Гьигьалъ росдал мажгиталъул къадада буго 1760/61 соналъ гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьелда цогидал цIаразда цадахъ Денга абураб цIарги буго.

Абизе ккола чIамалазул мацIалда хаслъул падежалъул суффикс -в данде ккола авар мацIалъул -(у)л суффиксалда: чIамалазул Денга-в, магIарул - Денга-л. Генуб росулъ Шамилил инсуда цIар Денгав МухIамад букIун батани (Денгал МухIамад букIине мустахIикъаб бакIалда), гьелъ нилъ ургъизе тIамулел руго, гьеб цIаралъулъго гьечIодайин гьесул вижиялъул кIулин абураб.

Гьаб макъалаялда дица данде гьаруна Шамилил инсул рахъалъан умумузул хIакъалъулъ лъалелщинал пикраби. Гьелъие гIиллаги букIана гьезие гIелмияб къимат кьей. РакIчIун абизе кIола, умумузул аслу цIехон имам Шамилие суал кьун букIарабани, гьес гьелъие жаваб кьезе букIанин жив Кавказалъул вас вугин абун. Щибго щаклъи гьечIо, Шамил Генув гьавуравги гIуравги вукIиналда. Гьениб гьесие тарбия щун букIинчIебани, щиб лъалеб, вахъинаанищ гьесул машгьурав имам? Гьеб даражаялде вахине гьесие квербакъана тIоцебе эбел-инсуца, гендерил ва гIештIерил жамагIатаз. Гьелъухъ гьезие абадияб баркала. Шамил гIадал васал гьарун бохизабеги эбелаб Кавказ. Ахиралда абизе бокьун буго, киса вукIаниги гьес цолъизаруна нилъер миллаталги, абадиялъе машгьур гьабуна жиндирго цIарги тIолабго Кавказги.



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.