![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Жинцаго шагьаралда гIуцIараб фирмаялъул къваригIелалъ цойги шагьаралде арав МухIамад, цогIаги мурадги тIубачIого, рахIат хун вукIана. Киве щваниги, светафоралъул багIараб кьералдеги кколев вукIана гьав. Машинаялъул цебе бугеб матIуялда жанив живго бащдав хъахIлъун вихьидалги пашманлъана гьав. Машинаялъул нуцIил цIоролъан рукъалъул гордухъе валагьун хутIидал, лъалхъизабуна гьес машина. Гьелъ цо батIияб асарги гьабуна гьасие. «Рекъезарун ругеб куц шиб гьадаб гордухъ тIугьдул, сураталда гIадинан» абун ккана гьасда. Горда ругел тIугьдуз гьасда ракIалде щвезаюна Написат, гьев хIайранлъун гьезухъ вала-гьун хутIана, къогониги соналъ цее тIагIарай чIужуги ракIалде щун. ![]() id:4100 МухIамадида рагIулеб букIинчIо нахъа ругел машинабазул сигналал, цебего нух кьун букIана гьазие светафоралъги. Цо нахъа чIун бугеб машинаялдаса вахъун вачIун, цояв гьасде ахIдана :
Гьесие щибго жавабги кьечIого, МухIамадица машина гьеб рукъалъул кIалтIе сверизабуна. Жив жакъа гIадаллъулев ватилилан пикруги гьабун, гьес нуцIида кIутIана. НуцIа рагьана Написатица. МухIамадида рихьана гьелъул свакарал берал. КигIан замана гьоркьоб ун букIаниги гьел цоцада лъана. Щибго абизе кIвечIого гьел цоцахъ ралагьун хутIана.
Гьев вихьаравго лъана МухIамадида, битIахъе яцалъул бахъараб суратин кколеб букIана гьев берцинав васасул гьумер.
ГIолохъанчи валагьун хутIун вукIуна гьал кIиязухъго. Гьасда жеги бичIчIулеб букIинчIо гьазул хIеренаб балагьиги, гъваридаб гIищкъуги. КIиялго гIолохъанал гурел гIадамазул магIу баккараб рохелги. |
|
||||||||||
|