![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МагIарухъ гIазу бана. Кинабго сверухълъи хъахIлъун букIана. МухIамад радалисаго вахъун цIул бичIулев вугоан. БоцIуе хер базеян къватIие яхъарай Написат, сверухъ бугеб берцинлъи бихьун, йохун, кодобе гIазуги босун, росасда гьеб речIчIизе лъугьана. Махсаро гьабулей чIужуялъул рахъалдеги вуссинчIого, МухIамад гъираялда цIул бичIулев вукIана. «Уха, гьав диде регIун вихьуларо», - ян Написатица цойги нухалъ речIчIула гьесда гIазу.
Гьей гьесдаса тIурулаго, хер бугеб гьорое кIанцIула. Хадув вортулев МухIамад гьенисан гьитIинаб лъимадул гIодиги рагIун, гIажаибаб асар рекIееги лъугьун, цо кинабалиго балъгояб къуваталъ ккурав гIадин лъалхъун хутIула… кIал-мацI цIорон хутIула. Гьалда гьений жаний ятула, магIил бералги цIун, ботIродаса кIазги бортун, Шамсият. Гьелда цебе кIудияб кIазалда лъун бихьула гьанжего гьанже гьабураб лъимерги. Гьалда, гьанже гурони бичIчIуларо, щай гьай гьаздаса яхчулей йикIараяли. Щиб гьабилебали лъаларей Написатица Шамсиятида аскIойги ун, гьелъул гьуршун бугеб рас бакIарула. Унтараб рекIее дару щванилан кколеб букIана Шамсиятида Написатил квер хъварабго. Написатихъа рагьунго хутIараб нуцIихъе раккун рачIуна лъадаре радалго унел рукIарал СалихIатги гьелъул гьудулги.
Гьеб лъимералдаса бер нахъе босизе кIвечIого хутIула кIияйго. Написат ятула тIоцее рекIеда. «Гьаз дир рос суризавила» абураб пикру паркъула гьалъул ботIролъ. КIалагъоркьеги егун, гIодулей йикIарай Шамсият гьезда йихьичIого хутIизе хехго гьелда тIаде жиндасаго бахъун кIазги рехула, лъимерги кодобе бачун.
Написатил берал магIил цIола.
Гьеб рагIиги абун СалихIатги гьелъул гьудулги цереса тIерхьуна. ЦIияб хабаралъул росуги цIола. Написатги Шамсиятги кIиялго хутIула. Гьел кIиялго гIодулел рукIуна… РекIетIа ятарай Написатица каранде къайдал, гIодулеб букIараб лъимерги гIенеккун чIола.
Жиндир лъимер гуребги, жийгоги Написатица каранде къан йигилан кколеб букIана гьанже Шамсиятида… Макьилъ гIадин рагIулеб букIана Шамсиятида Написатил кIалъай: «Мунги дур вацги вуго гьаб росулъ гIурал гIадамал. ГIагарлъиги буго нужер гьаниб. Гьанир рукъун руго нужер эбелги эменги. Дун йиго гьаюрайго рехун тарай, росу лъаларей, рукъ лъаларей, эбелги эменги рихьичIей гIадан. Дун йиго детдомалда гIурай, дун йиго рехун тарай, дун йиго чияр. Гьаб дир кодоб бугеб лъимер гIанасей йигей мехалъго рехун тарай… Эбелгун, я эменгун унеб лъимер бихьани гIодизе бачIунаан … Анищ букIана дир хъизан-рукъ гьаби. Гьелдаса кIудияб талихI букIине ресги гьечIо… Бихьинчиясда тIаса кидаго унаро яцалъул рогьо. ЧIужуялъул рогьо уна, гьей къватIие йитIарайго чиярлъула, кIочона. Гьей цойги гIаданалъ хисула… яц лъицаго хисуларо. Дун гьадинги чиярин рикIкIуна гьаний…» Жинцаго абулеб жоялдаса хIинкъун, тIаде яхъуна Написат.
Написатица, кодоб лъимергун, жиндирго ретIел-хьит бакIарула. Лъимералъе кьезе рахьги гьелъ цадахъ босула. Гьей автобус росулъа инелде нухде яхъуна. Кьун ба-хъинелде кодоса талихI арай гIадин лъугьарай гьелъ, бекун ракIгун, тола рукъ. Ахирисеб нухалъ рукъалъухъ ялагьидал, горда кьералъ лъурал тIугьдулцин къварид рихьула гьелда. «Толеб буго бищун дун ракьалда талихIайлъун йикIараб бакI, дир МухIамад, дир алжан.» МагIу квезе кIоларого уней йикIана гьей автобусалда аскIое. Киналго росдал гIадамал жинда хадур ралагьун ругин кколеб букIана гьалда. Дора-гьаниса раккун, унго-унгоги хадур ралагьаралги рукIана гIадамал. «Гьаб нухлул халалъиго щиб, лъугIизегодай гьечIеб» абун кколеб букIана гьалда. Автобусалда рекIун унагоги, нахъеги рещтIун, МухIамадил каранде йортизе анищилан кколеб букIана ракIалде. «КIоларо дида гьев гьечIелъуй чIезе, кIоларо» абун букIана ракIалъ ахIулеб. Гьей квешго цIорозе лъугьуна. Черхалдаго квачан сири балеб бугин ккана. Цого-цо гьаб чияр лъимер данде къараб карандаса бакI букIана хинлъун... Гьоркьоб замана ана, МухIамадги шагьаралде хеккого вахъана. Араб бакI лъачIого, Написатилги хабар лъугIана… |
|
||||||||||
|