НазадШагьаралда бертинги гьабун, кIиялго гIолилал рохун росулъе руссунел рукIана. Росулъе щолаго Написатидаги МухIамадидаги рагIана цIулал магьалги раччун унел кIиго чIужугIаданалъул калам:
- Чиярайги ячун вачIунев вуго, росулъ ясго йихьун ятиларо гьадасдаги...
- ЛъикIаб чоца росу толарин гурищ абулеб,- ан тIад рекъезабуна кIиабилелъги.
Гьезда рагIуледухъ гьеб кIалъайги гьабун, гьездехун руссинчIого, цересан ана гьел кIиялго.
БегIераб нус чIварабгIанги рекIелъ къана гьеб хабар Написатида.
Гьей цо батIияб хIинкъигун МухIамадил бадие ялагьана.
МухIамадица хIеренго гьелъул кверги ккун абуна:
- ГIадахъ босуге гьезул рагIи. Росулъго цIар арай мацIихъан СалихIатги гьелъул гьудулги кколин гьел. Кирго загьру тIолел рукIуна гьел, добе-гьанибе харбалги раччун. КватIичIого юссина росулъе дир яц, цIалиги лъугIун. Гьелъие мун йокьизеги йиго, нуж кIиялго ракIгъун рукIинеги руго.
Иллюстрация к рассказу "Гордухъа лъурал тIугьдул"
id:4099
МухIамадил рукъалда цере щведал, гьел кIиялго рахъунчIун хутIун рукIана, чемоданалги гIодор лъун. Эбел-эмен хваралдаса рехун тараб рукъ, цIакъго чIунтун, басралъун бугоан.
Написатил бер щвана горда гъоркье рехун бугеб щагIил гибиялде. Гьебги кодобе босун гьей росасда хадуй рокъожание лъугьана.
Гьеб къоялдаса нахъе, гьеб рукъ чIаголъун анин абизе бегьула. Цо минуталъгицин гIодой чIечIого, щибаб рукъалъул бокIниде квер щолеб букIана Написатил.
ЦIвакизабуна гьелъ мина. МатIу гIадин рацIцIарал гордал цIуна гьелъ рокъор гIезарурал тIугьдузул. ГьелдагIан рекъезарун, сурат кинигин, гьел лъезе кIолел чагIи къанагIатги ратиларин ккелаан гьезухъ балагьаразда. Доб щагIил гибиялъуб бищун берцинаб букIана тIегь.
Кидаго росулъ хIалтIизе ккун йикIинчIониги, гIумруялъ гьаний гIурай гIадин, гьабулеб букIана гьелъ росдал хIалтIи. Херги бецулаан, цIулада хадуйги унаан, боцIулги гIадлу гьабулаан. Гьабизеги гьеб кинабго кIудияб гъирагун гьабулаан Написатица.
Цо сордоялъ, рагъида кIиялго гIодорги чIун, кунчIарал цIвабзазухъги ралагьун ругеб мехалъ Написатица абула:
- Сон берталъ дида тIаса бер босуларого щай мун вукIарав? Дун гIадамаздаса нечолей йиго мун дихъ валагьун вихьидал…
- Дуда щиб лъалеб дун духъ валагьун вукIаравлъи, дир рахъалдецин мунги юссуней йикIинчIин.
- ЧIужугIаданалъул беразда гуро, гьудул, ракIалда бихьула канлъи,-ян абун гьелъ бетIер гьесул гъажилда лъуна.
- Дуда ракIалда бугищ, Написат, кидаго дун дур гордазул халккун вукIунев вукIараблъи? Мунин абуни, дихъги ялагьичIого, дурго тIугьдузде лъимги тIун унаан. Гьеб мехалъги лъалароан дида дур ракIалда дун вихьулев вукIин.
- Дуда йихьуларедухъ ялагьулей йикIунха дун.
- Дида мунги тIегь йигилан кколаанха горда лъурай. Мун дандчIвазегIан дида лъалаан кин ясалгун кIалъазе кколевали. Дур чIванкъотIараб жавабалъин абуни, шиб абилебали лъаларого хутIана дун.
- Щиб дица дуда абураб?
- Дуца абуна, дица бацIцIадаб рокьи мунагьазухъ хисуларилан. Ургъизе тIамуна дуца дун.
- Ургъиялда лъугIизе течIо дуца… КIиябго кверги борхун, асирлъуде кканин абун мун нахъе къана. Мун нахъе унев вугиланцин ккана дида. Дун хIинкъана…
- БитIараб буго, дица кIиго гали нахъе босана, лъабабилеб босизе кIвечIого, дуда къвалги бана.
- Зулмучи ккола мун. Дица биччалеб гьечIониги, чIечIо мун къвал бачIого.
- Зулмучияли кколаро дун, ракIалъго духъе цIан ана дун. Цо дида лъалареб хIал рештIана диде. Кверщел ракIалъ гьабунин ккола доб къоялъ дир гIакълуялда тIад.
- Хадуб щибха ккараб?
- Хадуй мун лъутун ана. Дихъе тIокIай мун я кIалъазе, я дандчIвазе ячIинчIо, интернаталъул ясазул рехъен цадахъ гьечIого. Берталъ гурони, аскIой гIодойцин чIечIо…
- Цогидазул гIадин нилъер рокьул тарих гьечIо, ракIалде швезе шибго жо гьечIо.
Бертин гьабуралдаса байбихьанин ккола дида кинабго нилъер рокьи, дие гьеб рекIееги гIола, бацIцIалъи буго гьелъулъ.
- Ургъел ккоге, тIубараб гIумру буго нилъеда цебе, нилъеца жеги хъвала нилъерго рокьул тарих.
МухIамад жиндирго чIужуялъул бадиве валагьула. Мунагь гьечIеб лъимералъул гIадаб бугин гьалъул ракIилан, пикру гьабула гьес. Гьеб гурищ хазина кколебилан, жанисанго абула гьес.
- ЩайгIаги дуца, МухIамад, дун ячарай? Мун вуго къуватав, берцинав, бокьараб жо бажарулев чи. Дунин абуни, лага-черхги дир гьечIо, берцинайги дун гьечIо. ГIагарлъи лъаларей, детдомалда гIурай ясги ккола дун.
- ВахI, дида лъачIогури гьеб. Мун берцинай йигилан гурищ дун вукIарав. ТIаде жоялъе гьитIинайго жоги йикIун йиго мун. Балагьеха, дун мекъи ккун вугеб куц бихьизе!
Написатица бетIер гIодобе къулизабула. Гьелда ккола; «Щай букIараб дие дирго гIунгутIаби гьасда рицине, гьанже рихинагури дун гьасда…» - абун.
Гьей махсаро бичIчIичIого йихьидал МухIамадица тIадеги жубала:
- Росулъа гIадамаздаги бичIчIулеб гьечIо, щиб берцин бихьун мун дица ячарай абун гаргалел руго…
Написатил кIутIби сорозе лъугьуна, дагьаб жо хутIула гьей гIодизе.
МухIамад велъанхъула.
- ГIадаллъи бихьуларищ, Написат, дур! Дица мун ячана дур кинабго берцин бихьун, дида мун гьечIого чIезе кIоларелъул, дие мун йокьулелъул. Рокьи къуват букIин лъаларищ дуда, дуниялалдаго бишун берцинай дир гьудул!
Назад