![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Ассалам гIалайкум Шамхалдибир. Урхъараб саламгун МухIамад МухIамадов. Риидалго духъе кьезеян тараб кагъат гьалмагъасухъ хутIун батана. Гьанже битIулеб буго доб дуда бицен гьабун букIараб «Заман» абураб кечIги. ХутIарал кучIдулги ритIулел руго духъе. Щиб хIал бугеб? ЦIияб, лъикIаб? гIемер халат гьабун щай къваригIараб тараб ккани, кIочон батани гьале тел. 89285733231. Дунги нуж киназдего даим сахлъи рохел гьарулев МухIамад, аскIор гурездаги салам. Гьудуласул салам сахал чагIазде
Баркула ЦIияб Сон ЦIумадисезда,
МухIамад МухIамадов с. ГIашилтIа
ЦIудул борхалъуда росаби ругел. Аваразул ВАТIАН байбихьулелъул, БетIералда бугеб лебалаб район. МагIаруллъи кквезе цере рахъунел, БахIарза цIикIкIараб цIумада район Улкаго цIунарал цIадулал ВАСАЛ, ЦIорол Дадал НУЖЕЙ даимаб САЛАМ! ТIаде рещтIаниги, рачIун щваниги, Гьоболлъи, гьуинлъи гьарзаяб тIалъи. ТIегьайги нужер ракь алжан гIадинан, Кьейги НУЖЕЙ боцIи бер гIорцIизегIан. Дунял бихханиги биххун унареб, Божараб гьудуллъи гIемераб район. ГьетIа-кIичи гьечIел, кьураб рагIи кквей ГIадатлъун бидулъе бессарал васал… Бодул церехъаби, рагъул бахIарзал, Дунялго бахилал спортсменазул ракь, ВатIан цIунулезул цIарал гIемераб, ЦIорол Дадаца МУН даим беццаги! Сундулъ жураниги тIоцере ккезе ТIокIлъи, гьунар, махщел дур гIадамазул. Дин, гIелму, искусство, кечI, бакъан, рокьи… Бокьараб рахъалъан цебе кьерда – МУН. Рекьиги, бизнесги, боцIи хьихьиги… ХIалалаб куцалда гьабизе тавпикъ! БоцIудаса чIухIи чорхолъ гьечIезе Чилъигун гьуинлъи гьабизе – тасбихI! НУЖЕЙ талихI кьейги Щибаб Соналда Сунареб цIва гIадин гвангъизе лъазе. ЛъикIал лъалкIал тезе наслабазего, Гьеб цоцахъе кьезе лъагIелаз даим! |
|
||||||||||
|