![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ТIиндиса БусаилавРогьалил какал ран, АхIул гохIалда, Муридзаби руго рагъде хIадурун Воре мугIрул цIумал гъазаватилан, Хъатикь хвалченги къан кIалъалев Шамиль ТIоцебесеб кьерда кьурун михъалгун, Къуркьи гьечIеб гъалбацI ТIиндиса наиб. Балеб гулил цIадакь гьужумалъ унел РекIелъ хIинкъи гьечIел мугIрул бахIарзал Пачаясул аскар кIихIиги бихъун Тушман байрахъулав хъамулев наиб. Ахирисеб гьужум, ахирисеб кьал, Кьвагьараб гуллица, борлъараб керен, Хвалде цебе калам «Аллагьу Акбар» АхIул гохIда чIарав чIахъа Буссаил. Иса Ибрагимов |
|
||||||||||
|