Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

ГIарабал Дагъистаналде рачIиналъул хIакъалъулъ

Маламагомедов Джамал

Дагъистаналъул гIелмияб централъул хIалтIухъабаз щибаб соналъ тIоритIула батIи-батIиял мугIрузулги, гIатIидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер магIарул росабалъ щибаб соналъ аниги тIадеялдаса тIаде цIикIкIун гурого дагьлъулел гьечIо нилъер рухIияб бечелъи. Нижеца цIех-рех гьабулел жалги руго гIараб хIарпаз хъвараб щиб букIаниги. БукIа гьеб гIажамалъ хъвараб ялъуни гIараб мацIалъ хъварабниги. Щай гьедин цIикIкIунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гIадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гIадамал ругьунлъун руго рачIарал чагIаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегIан абизе кIола цониги тIамач нахъе босичIин изну гьечIого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букIа ялъуни мацIалда, гIадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетIергьанчиясул изнуялдалъун гIицIго. Гьесие бокьичIони гьабичIогоги тола. Дир гIакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гIадамал рачIуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачIаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечIо гIараб алфавиталъ хъвараб жо цIализе. Гьединлъидал тIахьазул бетIергьабазе жодоего буго кIудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцIалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечIого, рикIкIад ругел росабалъеги ине санагIат рекъечIого нижеца хIукму гьабуна цониги цIияб библиотека батилародаян аскIоб бугеб ТIанусире рахине. Росулъе рачIунаго тIоцеве данде карав чиясда цIехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригIараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦIарги гьесда букIана Дибиров МIухIамад. Гьес нижеда бицана гьел тIахьазул хIакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТIахьазул бетIергьанчи вукIун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 – 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукIун вуго цIаларав чи. ТIоцеве гьев цIалун вуго гIараб гIелмуялъе жиндирго росулъ ТIанусив. Хадуб Хунзахъги цIалун вуго, гьенисан ун цIалун вуго Унсоколо районалъул ХъахIабросулъги. Гьенисан вусун хадув хIалтIун вуго ТIанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цIалулев вукIаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечIо. МухIамадица бицанихъе Насрудинил букIун буго лъикIаланго кIудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тIахьал цереса цере ун, цIакъ къанагIатал жал гурони хутIунги гьечIо. Гьезда гьоркьоб, бер речIарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гIажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гIемер батIи-батIиял вагIзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кIудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагIаялъ. Гьеб бугоан гIарабал Дагъистаналдеги рачIун, гьенисан ТIанусире рачIиналъул хIакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гIемер кIудияб макъалаги гьечIоан 15 тIамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТIанусиса Къебедасул МухIамад абулев чиясул тIехьалдасан. "Гьабги хъвана ТIанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ", абун хъванги буго гьелъул ахиралда

Къебедасул МухIамадил гIагарлъи цIехедал нижеда гьезул чиги ватичIо. Дица МухIамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магIарул мацIалде цониги хIарп хисизеги гьабичIого, бугеб къагIидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатIалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгIан мехалъ, бугеб къагIидаялъ цIалдолезухъе щвезеги.
ЦIарги гьелда буго:

ГIинтIаме вацал гьанже Cуракъатил зулму баян гьабизин.

Дагъистан букIана цIакъ берцинаб, гIатIидаб, боцIуда баракат бугеб бакI. Жудор гIадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букIана. Энир рукIана гIемерал росаби. Эзул агьлуги букIана кафурал, чIухIарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел. Гьел киналго росабазул ханзабиги рукIана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикIалдалъун нагью гьабулел. Бищун шавкат кIудияб росу букIана ТIанусиб абун. Энивги вукIана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетIергьан. Эсда цIарги букIана Суракъат.

Дагъистаналъул бутIрул рукIана эсул умумулги ШартIан, Авариз-хан, ГIуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТIагьман, Сайид, ГIамир, ФиргIан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГIаббас, ТIуруз, Хъадар шагь, ХIарис хан.

Адам аварагасде щвезегIан эсул умумул азаралда ункъоялда анцIила ичIго ругелила. Эсиеги (Суракъатие) букIана кинабго дагъистаналъул хардж – магъало. Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегIан кинабниги боцIул, тIорщалил, гIиял, хIайваназул, хамил, пихъил хIатта гIанкIудал ханазулцин букIун буго. Щибаб соналъ кинабго ракьалтIа гIарцул лъабго гIабаси букIана.

Бык на Богосском хребтеБык на Богосском хребте
id:2050

ТIорщалил цо-цо къали, гIиял – нусидаса цо жо, хIайваназул – нусго рукъалдаса цо оц, хамил – базар гьабулев чиясдаса кIиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь.

Чи чIварав чиясдаса нусго гIи букIана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букIана. Жо бикъарав чиясдаса цо оц букIана. Кинабниги росдадаса щу-щу цIе букIана – ункъго багIараб цо чIегIераб, щу-щу гIиялъажоги букIана.

Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гIакаги. Гьев ханасеги мутIигIаб букIана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичIого кьолаан магъалоги.

Аварагасул инсул вацал ХIамзатилги, ГIаббасилги наслуялъул гIадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кIинусилъ тарих бугеб мехалда. КIиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тIамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотIун капурзабазул ракьалда ислам тIибитIизе гьабизе къасд гьабуна. Ал (гIарабал) рахъиналъе сабабги букIана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичIого, эл жудор ватIан тун рахъана. Эзулги букIана щуго къокъа. Лъабго къокъа ХIамзатил лъималазул рукIана - КъускъантIиялде щвезегIан. Энир чIун бана цо дагьал сонал. Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегIан.

Энирги чIана цо дагьаб заманаялъ. Цинги гьенисанги рилълъана чIечIого Ширваналде щвезегIан. Цинги энир чIана рагъул алат къачIалел – гIарадаби, газаргъаби эл гурелги матахIалги данде гьарулел. Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз. Эзул гIадат букIана жудор бищун кIудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагIба-рагIи гьечIого ине.

Бахъарабщинаб бакIалда бетIерги толаан жудоцаго абураб жоялда тIад калам гьечIого тIубузабулев чиги.

Къамилухъ ХIамзатил наслуялъул чи тана. Эсда цIарги Гьишам хан букIана - Амир ХIамзатил вас. Гьелдаса нахъе жудор гIадат мадат бекьана. Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цIар кьуна. Цинги эл рагъана чIахIиял тIелалгун, лебалал чуялгун. Рагъизе Дагъистаналде эл рачIун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана. Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскIоб, гьел исламалъул боял нахъчIвазе гучалдалъун.

Гьеб мехалъ бусурбабаца витIана цо нусго лъикIав бахIарчи дол капурзабазул хIал бихьизе. Эзда (гIарабазул къокъаялда) дол (капурзаби) ратана жудодасаги гIемер бахIарчилъи цIакъал. Гьеб мехалъ бусурбабазул ракIал хIинкъана, гьезиеги бокьана (бусурбабазе) балъго дол боял рихизе гьаризе. Цинги гьел хIиллаялде ургъана. ГIемераб квен-тIехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана. Гьеб загьруги букIана бакьал тIутIулеб, черх гьоролеб. Гьеб мехалъ, капурзаби тIаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана. Дол капурзабазда эб тIагIам батараб мехалда гьез гьеб кванана. Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи. Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана. Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана. Гъазанфар абурав цо кIудияв ханги чIвана цойги гIемерал бахIарзабиги чIвана гьенир.

Фото Gottfried Merzbacher жители селения Хварши 1895г.Фото Gottfried Merzbacher жители селения Хварши 1895г.
id:3703

Руччабиги куна энир, хIалкIун жалгоги энир парахалъана. Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гIемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна. Гьелда цIарги КъалгIатул Къурайш абун цIарги тана.

Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна. Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тIаде кIанцIун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна. Эзул киналго руччабиги мусаххар (махсароде ккуна) гьаруна.

Гьанже дол рачIана Джабалул Джансиялде Хунзахъе. Эзул хан вукIана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев. Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гIагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна.

Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун магIаруллъиялъул киналго рахъазулъ гIемерал росабиги чIунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна. Гучалдалъун эзул бахIарзабиги чIвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцIи-хазинаги нахъе босана. Энив ханасул тахидаги чIана Махсумбек, шайх АхIмадил вас иманлъунги чIана. Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна.

Цоял ккун, цоял чIван росаби чIунтизе гьарун тана. Эзул гIадатги букIана (бусурбабазул) жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан. АскIовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги.

Гьанже дов Шамхалги чIван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана. Эзиеги мутIигIлъана кинабго Дагъистан.

Щибаб соналъ эсие рачIунел харжазул баян:

Къарахъ жамагIатал – щунусго гIиялъажо ва цо гIала; Кусрахъ жамагIаталъ – лъабнусго гIиялъажо ва цо гIала; Гъирим – ункънусго гIиялъажо ва цо гIала; ЧIамалал – цо нусго гIи; ТIиндиб – къого оц; ГIурчуб – нусиялда лъеберго гIиялъажо; Хундерил агьлоялдасан – анкьнусго къали ролъулги, анкьнусго гIиги, лъабго къали гьацIдалги; ГIандадеридаса – цо оцги анкьго буртинаги; Гъадариса ва ГьаракIуниса – хундерил бугелъул бащадаб; Тумал – рукъалдаса цо-цо ккуйги, цо-цо къали ролъулги; Михахич – гьебго; Костек – рукъалдаса цо-цо ччугIа; Таргъу – рукъалдаса кIиго сахI пиринчIул; Губдан – нусго кви; Хайдакъ – нусиялда лъабкъого гамуш; Ускушиб ва ГIахъушиб – нусго оц; ХIурахъ – рукъалдаса гIабаси; ЦIадахIариса – кIикъоялда анцIго оц; ГьамчукъотIи – анлъго хIама; Бакълъулал – лъеберго оц; РицгIор ва Мукракь – лъабкъоялда анцIго кви; Кудалиса – нусго гIалаги нусго чуги. Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХIамзатилги ГIаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан.

Осел: единственный и не заменимый перевозчик грузов по горным дорогам. Для каждого вида груза своя специальная тара. В корзинах обычно возят сыр, мясо и фрукты.Осел: единственный и не заменимый перевозчик грузов по горным дорогам. Для каждого вида груза своя специальная тара. В корзинах обычно возят сыр, мясо и фрукты.
id:7

Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукIарав Суракъатил вац Байар вачIана ЦIунтIаса бахъараб ГIарчубе щвезегIан боялги ракIарун. Цо бецIаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана. РакIал бусурманлъичIого энир хутIун рукIарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чIана жудойго сверел, рес рекъезегIан. Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун. Гьеб макьу бокьичIогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана. КIиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхIмадги чIвана. МагIлумбекил вацасул васги чIван эсул бетIерги хъаладул къеда бан батун буго. Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гIемерав чи гъурана. Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гIодов чIана.

Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гIемерал рагъал ккана, питнаби халалъана. Къоло ункъго сон бана гьедин. ЦIакъ рeкъзабиги къварилъана, бетIербахъиги захIмалъана, рагъги чIалгIана. Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихIат ккана, жалги парахалъана. Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана. Гьереси, мацI гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб. Хайдакъалъул ханазаби МухIаммадханги, Амир ХIамзатги хундерил ханзабахъе кIанцIана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан. Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гIемерал рагъал. Цинги хундерил ханас ритIана гIакълуялъул бетIергьаби Кавтар шагьасухъе - Турк вилаяталде рекъел гьарун. Элги гьеб заманаялъ ГIумарасхIабасул Халифаталъулъ рукIана. Цинги эзул къотIи ккана цоцазулъ рекъон кIиязулго тушманзабигун рагъизе. Эзул амруги вацазул бакIалде ккана. Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе. ЦIар чIван кIиясго къабул гьабуна кIияйго кIиясего кьуна. Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачIуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан. СартIанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкIул рахъалдасан. Эв кIиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцIалъул тIоцебесеб къо букIана. Гьанже рагъана гьел мажгиталда тIаса бугеб хъалаялда жанирги чIун. Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи. Гьеб къагIидаялъ жудорго рухIалги кьун, боцIиги кьун, рагъана сафар моцI щвезегIан. Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратIа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чIунтизе гьарун. Гъумекдерил ХIамзатилги, ГIаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагIаллъабазде ккана. Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакIалда чIана. Кавтар шагьги, СартIанги жудорго ватIаналде руссана. ХIамзатилги ГIаббасилги наслуялъул хIакъикъат гьадин ккун буго. Гьелъул тарихги гьаб буго (718 / ) анкьнусиялда анцIила микьабилеб сон буго.



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.