![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дагъистаналда рагъ лъугIун 10 сон индал.СайгидахIмад АхIмаднабиев август 2009с.АнцIго сон тIубана тIад магIарухъе, Дол ахIичIел "гьалбал" рачIаралдасан. Жидер ватIан цIунун ЦIумадисеца, Гьел рачIараб нухалъ регIаралдасан. Эчеди байданги "базаялъе" ккун, Босилин рукIинчIищ Агъвалиб кодоб. Гьигьалъ гIорхъабазде кьвагьабиги лъун, Кьелинищ рукIарал нужехъе район. МугIрул цIумал гIадал ЦIумадисеца, ЦIунулеб щай лъачIеб умумузул ракь. ЦIа гIадал васазул районги къотIун, Унареб щай лъачIеб нужго Болъихъе. Малъизе хутIараб шаргIги букIинчIин, Щиб цIияб жо босун рачIун рукIарал? Ислам цIигьабизе ахIун рукIинчIин, РачIарабго хIалалъ инзейищ ккарал? ШаргIалъул ахIкамал мухIканго лъалеб, Дагъистаналде нуж щиб балагьизе? Муршидул камилаз квер тIаде лъураб, Ункъракьалъул бакьулъ нуж щиб цIехезе? Гьаб Дагъистан,- жиндир ракьалде вачIун, КинавгIаги ханас кверщел гьабичIеб, Лъийго рокьи кьечIеб, кьалулъ куцарал, Кьварарал васазул ватIан гуребищ? Дол мугжул халатал ХатIабилазул, ШаргI хисунищали, халлъуларо чи. ТIаждал гIагал къокъал Багьавдилалги, Берда рихьуларо рагъ лъугIараса. Нужер "баракаталъ" камурал васахъ, Курмул унтун руго жеги умумул. Нуж сабаблъун тIаде гIарадаги бан, ЧIунтарал росаби рихьизе рачIа. КъватIисан рачIарал доллараз гуккун, Дагьаб халкъищ чIвараб Дагъистаналда. Диналъе гьабулеб гъазаватилан, Гъуранщинаб гIалам чачанлъиялда. МагIна гьечIеб рагъда регIунгутIизе, ГIелму тIалаб гьабе тIаде гIолеб гIел, Тушман вихьулареб лъугIулареб рагъ, КъотIизе къуват кье къудратав Аллагь. |
|
||||||||||
|