![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Узбекова Марин (Чохская)(78 сон барай).Жиндир вац ТIалхIатил ХIажи вукIанила гIемер ихтилат-кеп, сухIмат-кечI, бокьулев чи. ХIажие йокьулаанила Багъдул ИспагIанил яц Марин. Гьелъулгин бугеб бухьен сабаблъун ХIажи росу тун-ЦIумада районалъул Гьаквари росулъе вахъине ккана. Гьенивги цо ясалъулгин рокьи ккун, вахъине ккана Уркарах абулеб даргиязул росулъе. ХIажи Гьаквариса араб мехалда гьаквариселъ ХIажихъе бачIуна битIун гъаб кечI: Релъедаги канаб Гъаквари мажгит, Къадги бецIлъун ккана мун аралдаса. Къасиги нур балеб межгиталъул тIох, Къадги чIегIерлъанин мун анин абун. Мажгиталъул чIулби чIегIер бан руго, ЧIухIав дир вокьулев жанив гъечIилан. ГIарацалъул хъарщил хъала баниги, ХъахIлъиларо дие мун гъечIеб росу. Меседил михIмарал тIохтIа раниги, ТIокIай балагъуларо мажгиталъуе. Огъ, бецIлъараб дунял, тIагIараб дарман, Дир инсул нуцIида цIар хъваяб хъиргъу. Радал-бакьанида дица цIализе! Росдал годекIаниб сурат чIваяв мун, Лъадае унаго духъ балагьизе, Радал-радал диде эбэл семула, Апараг, сабаблъун мун суранилан. Сордойилаго эмен вагъула дида, Дуца чияр гъобол щай толареван. Дица чияр гъобол щибилан телев, Черхалдасан рокьи бергьун бугелъул. Апараг сабаблъун дун суриларищ Бакъул гуреб сири ккун бугин чорхолъ. Авалалда гъаби хIапделел телин, ХIакъав багьадургин дун, яс, анилан. МоцI сверухъе цIваби свердулел тела- ЦIураб моцIрол канлъи, къвал дуда бала. МоцIрол хъибилккун араб гIазизаб гIумру. Хвалчада божарав багъадур гIадин, Дуда божун хвараб дир чорхол къимат. Берцинай йикIарай сурулей йиго, Сардил макъуги тун рокьиги гъабун, Халатай йикIарай къокълъулей йиго, Гирун унеб бакьда хадуй ялагъун. |
|
||||||||||
|