![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Ц1умада районалъ 80 сон.Кибего ц1ар араб Ц1умада район, Г1уц1араса ана ункъоябго сон. Дур реч1ухъабазе бергьенлъи щвеч1еб, Гьеч1еб дунялалде цониги бок1он. Г1анди г1оралъ к1ийихъ рикьарал ракьал, Духъ бугеб рокьиялъ цолъарал рак1ал. Багвалал, ч1амалал, ункъракьалъулал, Хъварщалги данде къан, цолъарал боял. Дур г1алимзабаца г1елму малъана, Г1арабустаналъул пачалихъазда. Дур шайихзабазул машгьурлъи щвана, Шимали Кавказ тун сверухълъиялда. Дур гъазизабаца гъурана боял, Г1урус пачаясул ч1ух1ал чукъбузул. Дур рагьдухъ лъалхъана хъубаб анищгун, Дагъистан бахъизе рач1арал бандал. Нилъер ват1аналде тушман к1анц1идал, К1иазарго чияс борчана ярахъ. Рейхстагалъул къеда хъвана гьез ц1арал, Ц1умадисел ругин жал гьанир щварал. Кибего ц1ар араб ц1умазул ват1ан, Ц1унц1рахуна лугбал дур ц1ар бахъингун. Т1абиг1ат берцинаб умумузул ракь, Рокьула раг1изе дур бергьенлъаби. Ниж г1ат1иракьалъул апарагзаби, Анищалда щола духъе мех-мехалъ. Дунялалда кирго, дур мугьажирал, Рач1уна кидаго дуда урхъиялъ. Сайгидах1мад Ах1маднабиев 2009 с. |
|
||||||||||
|