![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Бесдаллъараб заманаАдаллое суал-кеч!Щай бесдаллъараб гьаб замана,
ГIабдулхабирил МухIамад 2008аб. сонил ахаралда.
Хинлъи гьечIого лъимал хутIарал? Щай загIиплъараб лъималазул ракI, Херлъарал рукъоса лъватIи къотIарал? Щай къварилъиялъе гIатIилъи щвараб, Туснахълъиялда гIаданлъи ккараб? Щай намус язихълъун бугеб, Сурукълъи ханлъиялда бахараб? Щай гIарац динлъун лъугьараб, Лагълъиялда хазинайилан абулеб? Щай хIакимасда имамилан ахIтIолел, Бихьинав лъадилъун вахъарав? Щай инсан хIайванилан чIвалев, ХIалигьалъи бахIарчилъиялда бахараб? Щай гьереси байрахълъун лъугьараб, ЦIогьорзаби цIодорзабилъун рикIкIунел? БичIула гьечIо гIумрудул гIамал, Батула гьечIо бацIцIадаб ицц. Рихьула гьечIо мугIрузул тIугьдул, МугIрузул цIумалги, дора цIвабиги. Бице,Адалло, дуда бичIчIулищ: Кире щварал, кирехун унел? Жакъа кантIиладай,араб бичIчIиладай, Хьулги,нурги жеги цIилъилародай! Гьал дуруслъичIел гамчIалги лъун Жакъа рукъалъе къедго лъугьиладай? |
|
||||||||||
|