Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Ц1умада районалъул Сасикьа Ханмирза х1ажиясул мавлид.

 
 АЛЛАГЬ, дур ц1обалдалъун бай бихьизин к1алъазин,
Хадуб Дуе рец гьабун калам берцин гьабизин.
Дуе т1адал сифатал баян гьарун рицизин,
Лъаларесе лъазеги лъалесе лъай ц1ик1инзе.
Ватизе т1адав вугин, ватин цевесев вугин,
Нахъе хут1и даимав, паналъи дуе гьеч1ев.
Х1адисаб щиналдехун релъинлъи гьеч1ев вуго  
Мунго дудаго ч1арав, мах1ал дуй х1ажат гьеч1ев.
Щарик дуе гьеч1ого мун цох1огояв вуго,
Асар дуца бижулин кинабгоги жоялъулъ.
Гьелъул г1ахьаллъи гьеч1о щибниги махлукъалъе.
Масала, носой къот1и, ц1адуе бух1и гьеч1ин.
Т1аг1амалъул г1орц1инги, лъадал къеч хьвайги гьеч1ин.
Бичас асар бижулеб рак1 ч1езе т1адаб буго.
ИншаАЛЛАГЬ гьеч1ого жиделъ асар гьеч1илан,           
Жодолъ асар бугилан г1адамазул рак1 ч1ани, 
Рак1 ч1арав капурлъулин, т1олалго рекъон руго.
Х1алк1олъи Дуе буго, кинабниги жоялда.
Дуй бокьараб лъугьунеб, бокьич1еб лъугьунареб,
Кинабго жо Дуй лъалеб, ч1аголъи Дуй даимлъи.
Раг1и, бихьи, к1алъайи, гьал сипатал Дуй ругин,
Гьал сипатал лъанани, гьезул пикру гьабуни,
Накъсу г1айибалдасан вац1адав вук1ин лъалин.
АЛЛАГЬасул камиллъи киназдаго лъалебин.
Кинабниги рецалъе х1акъав вук1ин гьев лъалин,
Гьезул мекъса сифатал гьесие бегьуларин.
Нукъсанлъи т1ад бач1унеб, мекъса сифат бугони,
Цох1о сифат бук1унин, АЛЛАГЬасе бегьулеб.
Рес бугеб жо гьаби тей, дурусаб бугин асий,
Рес гьеч1еяб жоялда хурхуларин х1ал к1ойи.
Хурхич1илан г1ажизлъи бук1уларин гьесие.
Кинабго х1укму къадар,Бичасе бугебилан,
Иман лъезе т1адабин кинавниги муслимас.
Гьелда щаклъи кканани, кафурлъаравин гьев чи.
 
Мавлаясали васалим…сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде                        
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Гьанже хаду г1енекке Хириясул харбида,
Бичас Расуллъун гьавун халкъалда вит1арасда.
Унго унго Авараг рак1-рак1алъ вокьич1они,
Нилъерго черхалдасан, эбел-имсудасанги,
Камилаб иман нилъер,рес гьеч1ебин бук1изе.
Жиндирго нафсалдасан, гьев нилъеде гурх1улев,
Имсул насабги лъазе, т1адаблъуму бук1индал,
Эбелги имсул рахъалъ, баян гьаризе дуе.
Имсул рахъалъан насаб, иргаялда рицизин:
Мух1аммад, Г1абдуллагь, Г1абдулмут1алим,
Гьашим, Г1абдулманаф, Къусаюю Калаб, Мурат, Каг1байин,
Луаюю, Гъалиб, Фигьру, Малик, Назар, Кинанат.
Хузаймат, Мудригатин, Ильяс, Музар, Низарин.
Муг1ад, Г1аднанил Васин,насаб гьесда т1убалин.
Гьесдасан т1ад рик1к1арав, бат1улавлъун гьавунин.
Хириясул умумал, вирдлъун жинца ц1унарав,
Исламалъул берцинлъи жинца ц1унаравила.
Ц1ад къот1идал ц1ад байи, гьесдалъун баркат решт1ин,
Т1ахьазда бицун бугин, хал гьабе г1укъалаал.
Х1абибасул хиралъи, умумазулъго бугин.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Эбелалъул рахъалъан насаб баян гьабизин,
Загьраил Вагьбул Ясин, Аминат гьесул эбел.
Гьев Загьраил эменги Г1абдулманаф вук1ана.
Г1абдулманафил эмен, Килабилан вук1ана,
Килабилъ данделъана к1иябго рахъалъ тайпа.
Имсул рахъалъ вугелъул Килаб к1удияв эмен.
 
Мавлаясали васалим, сармадан даиман
Динул ислам босуму халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Лъималги хириясул, лъазе т1адал ругелъул,
Гьарураб иргаялда баян гьаризин дуе.
Къасим, Зайнаб, Рукъият, Фат1имат, Уммукусум,
Г1абдуллагьгин, Ибрагьим, гьабин гьарураб тартиб.

Киналго гьел гьарурай Хадижатин йик1арай,
Ибрагьим хут1изег1ан, гьесул эбел Марияят.

Аварагасда хаду жал к1удиял чаг1иги,
Жиндир лъималин ругел, цинги гьесул наслуги.
 
Мавлаясали васалим, сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде
 
Х1абибас жал рачарал, руччабазулги баян,
Муъминзабазул улбул, баркаталъе рехсезин.
Хадижатгин, Г1аишат, Х1афсат, Савдат, Марияят,
Уммусалимат,Зайнаб, Райх1анатгин, Маймунат.
Уммух1абибат, Зайнаб, Сафият, Жувайрият,
Муъминзабазул улбул, гьалин вацал нужее.
 
Мавлаясали васалим, сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда.
Г1ин т1амея г1адамал, гьанже баян гьаризин, 
Расуласул сиярал, ч1алг1инч1ого г1енекке.
Мух1аммад г1адан вугин, г1адан жинда релъинч1ев,
Ганч1азда гьоркьоб якъут, киг1ан бат1аяб бугеб.
Бичасул нуралдасан, рух1 гьесул бижидалго,
Г1ела хиралъи гьесий, гьаб куллу г1аламалда.
Кинабго г1аламалъе, аслулъун жив гьавуна,
Г1акълу къалам бижиги, гьесул х1акъикъат буго.
Анбияазул рух1ал, муъминзабазул рух1ал,
Киназулго аслуйин, Мух1аммадил нур бугеб.
Г1аршгин кинабго г1алам, гьесдасайин бижараб,
Кинабго г1аламалда, бичас т1аса вищана,
Г1аламуллагьуталъулъ, бичас арвах1ал рижун,
Аласту бираббикум, Бичас гьезда абидал, 
Бала йилан абизе , Х1абибин цеве карав.
Г1аламул арвах1алда, Бичас гьев вижаравин,

Ц1акъ камилаб куцалда, махлукъалъе бегьулеб,                                                             

Гьенибго Бичасдасан гьесда Къуръан лъарабин.
Къуръан босун Жабраил жинда решт1илелдего.
Минах1ул макниялда нужги балагьун рихье,
Татабагьаялъул шарх1алда бугин нужей,       
Пикру гьабун бихьея, Х1абибасул камиллъи.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман
Динул ислам босун мун халкъалда вит1арасда.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула,гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Цинги ункъазарго сон т1убана гьел рух1азул,
Мух1аммад загьир гьави бокьана АЛЛАГЬасе.
Адам авараг вижун, халкъалда бай бихьана,
Накълулъана гьесул нур, Г1абдуллагьихъ щвезег1ан.
Гьесул нур решт1унщинал, сажидинал рук1ана,
Рук1анин абун Бичас, Къуръаналда рехсана.
Магьар гьеч1еб хъах1балъи, гьезда жанибе ккеч1о,
Х1абибасул нукъсанлъи, щиб рахъалъанги ккеч1о.
Г1абдуллагьгин Аминат, Бичас данде гьаруна,
Т1олго халкъалъул Сайид, гьавизе къинай ч1ана.
Х1урулг1инал къач1ана, алжанал г1ат1илъана,
Х1анч1аз берцинал макънал алжаналда рачана.
Ах1бараца рицунел харбал загьирлъун ккана,
Ралъдалъ ругел х1айванал Х1абиб баркун к1алъана.
Аминат къинай лъугьун къарарлъараб г1ужалда,
Т1атан г1аламалда г1адат биханщинал жал.
Х1ут1-хъумурги мун жундул, рохел гьабун тирхана,
Г1аламалъулго Сайид гьанже гьавилевилан.
Гьев ургьив вугин абун бак1лъи зарал хъат1ич1о,
Ургьиб бугеб дур лъимер Аварагин бицана.
Расулазулго Саййид гьави г1агарлъанилан,
Т1олго малаикзаби рохел гьабун к1алъана.
Рах1манасул мах1бубас дунял берцин гьабуна,
Гьесул нур ракьалда щун,машрикъ магъриб гвангъана.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман
Динул ислам босун Мун халкъалда вит1арасда,
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Гьавизе мех г1агарлъун, х1ара жинда ч1вадалго,
Х1урулг1инал Асият,Марьям аск1о яч1ана.
Цо хъах1аб х1инч1ги бач1ун, чихьалда милъир хъвана,
Гьеб саг1ат Ах1мад гьавун, зоб ракь нуралъул ц1уна.
Х1абиб к1одо гьавизе, гьанже т1аде рахъизе,
Гьесул адаб гьабизе нилъеда рекъолелъул,
Гьанже т1адеги рахъун, марх1абаян ах1изе,
Гьесда марх1аба ах1ун, нилъей хиралъи щвезе.
Умматул ижабатлъун, нилъ Гьесда г1агарлъизе,
Гьесул шафаг1ат щуму, ахир халас бук1инзе.
 
Т1аде рахъун ах1ила.
 
Марх1аба Расулуллагь, ниже бугеб рохел,
Дур умматлъун ниж рук1ин, нижей давлалъун г1ела.
Марх1аба Х1абибуллагь, расулазул мун Саййид,
Дур шарг1алъе лагъзаллъун хьвадула рук1ин г1ела.
Марх1аба Халилуллагь, халкъалъулго василат,
АЛЛАГЬасде щвеялъе сабаблъун мун гьавурав.
Марх1аба Ах1мад дуе х1икматал раккулеб ицц,
Загьирабгин бат1инаб, г1улумал чвахулеб бак1.
Марх1аба дуе Амин, аманат дуда бугев
Дуда иман лъурав чи Бичасда г1агарлъулев.
Марх1аба дуе Карим, кидагоги марх1аба,
Мун рит1ухъ гьавурав чи ц1аялдасан ц1унулев.
Марх1аба дуе х1алим, х1акъав Бичасул шафиг1,
Зиярат гьабурасе шафаг1ат т1ад босарав.
Салат салм лъе АЛЛАГЬ хирияв Х1абибасда,
Зодб ц1ваг1ан г1емераб, ракьалда херг1ан г1емер.
Рух1 бугеб щинаб жоялъ, х1ухьел ц1арабг1ан мехалъ,
Салат салам лъе АЛЛАГЬ хирияв Расуласда,
Къот1и жиндие гьеч1еб, рик1к1изе х1ал к1олареб.
Салат салам тах1ият хирияв Х1абибасда,
Х1ажизабазул х1ели дуда даимлъанаг1ан.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун, халкъалда вит1арасда.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Гьанже балагье вацал Ах1мадил сифатазухъ,
Т1ахьаз бицараб куцалъ нужей баян гьаризе.
Х1абиб гьавун Аминат гьесухъе балагьидал,
Т1оноц1 буго гвангъараб, баккидал рогьел г1адаб.
Расул ч1ег1ерлъи буго, бец1лъидал сордо г1адаб,
Гьурмал канч1лъи ц1ик1к1араб бакъул нуралдасанги.
Я гъарва фи залика, воре гьелда щаклъуге,
Жабин жиндир г1ат1идав, бот1ролъе кафлъи бугев.
Кьунсрул жиндир бут1 барав, цоцада хурхич1ого,
Т1ерен халат жал карал, берда нахъа жал щварал.
Рас къваридал берцинал, нуналъул хъвай г1адинал,
Берзул расал ч1ег1ерав, сурма бахарав г1адин.
Балагьун чи нечолел, берцинал берал ругев.
Гьурмада бугеб мег1ер, г1адан жинда г1ащикъав.
Бакьулъа жиб борхараб, т1ерен халат жиб ккараб. 
К1ут1би жиндир т1еренав, цаби жиндир рекъарав,
К1алзулъ г1ат1илъи бугев, пасах1алъи бергьарав.
Хьимун жив влъулаго цаби загьирлъанани,
Куналда жал хихарал маргъал г1адинан ккола.
Гъуждул жиндир халатав, килщал жиндир т1еренав,
Рицат карал тамахал, х1ат1алгин кверал ругев.
Сахавалъи бергьарав, чорхол хъах1лъи бац1адав,
Расул к1ург1и берцинав, габур жиндир ц1вакарав,
Г1арцул хвалчен г1адинан ц1вак-ц1вакун жиб бук1унеб.
Белалъул габур г1адин гургинлъи ц1акъ рекъараб,
Халалъи къокълъиялда, рекъараб лагаялъул.
Г1арабияз абула Мух1аммадил рахъалъан,
Кафу карим вугила, релъарав чи вижич1ев.
Нуру ннурги вугила махлукъ жинда релъинч1ев.
Гьесул хиралъиялъе г1орхъи гьеч1илан абун.
Жиндир къамат берцинав, г1ат1гуяб каф г1адинан,
Жиб багъаргъараб мехалъ, гьайбат жиндир к1удияб.
Жинда Бер балагьани берзул нур нахъе ч1вала,
Нуразулги нурин гьев, халкъалда жив вит1арав.
Бугьнал лугбузда гьоркьоб, мугьру нужувват буго,
Таважжат х1айсу шиъта, фаиннака мансуурун,
Квараниса квег1иса хъвараб ч1ах1а хат1 буго.
Лъаббок1онаб мугьругун, сверухъ к1иго мухъ буго.
АЛЛАГЬу вах1дагьула шарикаллагь Мух1аммадун,
Г1абдугьу ва расулугьу, жаниб хъвараб хат1 буго.
Гьабин сурат дуй вацал, балагьизе бокьани,
Хал гьабе г1акъилзаби, г1езе буго муг1жизат.
 

 Гьаниб Аварагасул мугьруялъул сурат буго.

 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун, халкъалда вит1арасда.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Мугьруялда балагьун, гьелда пикру гьабуни,
Кверщел гьесул батула, кинабго лъик1лъиялда.
Мах1аббат камил гьабун, иманалъулъ рит1ухълъун,
Г1умруялда цинниги , гьелда жив балагьарав,
Бичас гьев ц1унилила, жинда рихаралдасан.
Къиямасеб къоялда АЛЛАГЬ данде ч1вазег1ан.
Мугьруялда балагьун пикру гьабураб соналъ,
Ажал жиндие щвани, иманалда хвелила.
Сафаралда унаго гьелда жив валагьани,
Гьесул сафар бук1ина, жинда баракат бугеб.
Моц1алъул авалалда гьелда жив балагьани,
Лъаг1ел данде щвезег1ан балагь жинда щоларо.
Какие чуранани рогьел баккараб мехалъ,
Гьелда жив балагьани, бичас жив ц1унилила.
Къо кинабго инзег1ан сордо т1аде щвезег1ан.
Марк1ач1уда балагьун пикру жинца гьабуни,
Рогьизег1ан ц1унила, гьеб мугьрудул баркаталъ.
Гьелъул накълу бокьани, балагье сияразда.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун, халкъалда вит1арасде,
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,

 Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда.

 
Гьел рехсарал сифатал, хъван кодоре росарав,
Гьезда жив балагьарав, гьезул пикру гьабурав.
Ц1аялдасан ц1унила, мурадалда жив щвела,
Тушманасул зарарги гьесда хъат1иларила.
Щайт1аналдасанги гьев, ц1унаравлъун вук1ила.
Хъван кодор росун жинца, гьел хьвадизе гьарурав,
Гьесул решт1ен бук1унин, жаннату г1аднуялда.
Рогьалил как бан хаду, гьелда жив балагьани,
Гьесие кири хъвала, щунусабго х1ажалъул.
Марк1ач1ул как бан хаду, гьезда балагьарав чи,
Анлънусабго х1ажалъул кири гьесие хъвала.
Боголил как бан хаду, гьезда жив балагьани,
Азарабго х1ажалъул кири гьесие хъвала.
Къуръанги т1убарабг1ан, кири гьесие хъвала,
Кири гьесие хъвала, гьелдаги т1ад АЛЛАГЬас,
Азарго лагъги тархъун давла босарасулг1ан.
Фатх1уллагьин абулеб сияразул т1ехьалда,
Гьедин баянин бугеб, гьеб рехсараб щиналъул.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун, халкъалда вит1арасда.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
 
Гьанжеги г1ин т1амая, Расул вокьанщинаца,
Гьесул хьвади т1абиг1ат рицун рак1ал х1ал хьезин.
Г1абдуллагьил Мух1аммад, АЛЛАГЬасул мурадин,
Маккаялда гьавурав, Мадиналда вукъарав.
Зиярат гьабурасе шафаг1ат т1ад босарав,
Наслу къурайшиязул, Къуръан жиндихъ решт1арав.
Расулазулго сайид, вах1ю жиндихъ решт1арав,
Хираб щинаб т1абиг1ат, жиндир чорхолъ бижарав.
Киналгоги г1улумал, бичас гьесие кьуна,
Бах1арчилъи, г1акъиллъи, сабру, х1илму, адабги.
Сахавалъи тавазуг1, макаримул ахлакъал,
Хирияв Х1абибасул, т1олго т1убан рук1ана.
Агьлу хъизаналдаги, гурх1ун хъулухъ гьабулев,
Хьитал жинца рукъулев,г1иял жинца реч1ч1улев.
Рокъоб чороклъи ккани, лъухьун къват1иб рехулев,
Асх1абзабазда гьоркьов, бох щвакин жив хьвадич1ев.
Ч1ух1и Пахру гьеч1ого, варани чу рек1унев,
Г1орц1ен х1ама рек1изе, бат1алъи гьабуларев.
Т1аг1амалда ч1ух1ич1ев, гьелда г1айиб ч1валарев,
Тамахаб босеналда, кидаго жив вегич1ев.
Х1ажат гьарун вач1арав, нахъе жинца ч1валарев,
Х1ажат ккарасул хъулухъ цеве вахъун т1убалев.
Гьумер бук1к1и, рак1 бук1к1и, т1абиг1ат жиндир гьеч1ев,
Хьимун велъун гурони, г1адамасда к1алъач1ев.
Боц1и данде гьабич1ев, садакъаде кьун гуреб,
Дунял жинда рихарав, гьелда рак1ил гъей гьеч1ев.
Меседил лъугьун муг1руз, гьез жив т1алаб гьавидал,
Дий нуж х1ажат гьеч1илан, гьезда ч1ух1и гьабурав.
АЛЛАГЬ гуреб жоялда, жиндир х1ажалъи гьеч1ев,                                                                   
Зикру пикру гурого, жиндир мурадлъун гьеч1ев.
Мискинзаби рокьулев, гьезулгун мажлис бугев,
Къабих1аб жо абич1ев, калам жиндир гьуинав.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун, халкъалда вит1арасда.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда. 
 
Бичас гьесул сифатал к1удияллъун рихьана,
К1удал т1абиг1атазда вугин мунан абуна.
Гьесул умматалдаги Бичас хит1аб гьабуна,
Нужехъ Расул вач1анин нужедаго гъорлъеян.
Нужей квеш бук1унеб жо, жинда ц1акъ зах1малъулев,
Нуж т1орит1иялда хьул даимго жиндир бугев.
Муъминзабазда гурх1ел, ц1акъго жиндир ц1ик1арав,
Гьединав Аварагин нужехъ вач1аравилан.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босун мун халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула,гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Гьесул хиралъи г1ела, гьавигун сужда гьаби,
Суждаялда жанибго,уммат хвасарлъи гьари.
Дунял жинца толелъул, уммат Бичасда гьари,
Миг1ражалда вачиндал,уммат гьарун жив х1ели.
Къиямасеб къо ч1едал, хабалъа жив вахъингун,  
Т1оцебе Жибриласда умматалдасан гьикъи.
Жиндирго черхалдасан умматалда гурх1улев,
Х1исабалъе къурасе х1алае жив вахъунев.
Халг1ат чарма т1ад рехун, ц1адира бак1лъич1они,
Живго т1аде к1анц1улев, ц1адира бак1 гьабизе.
Уммат жужах1алде ун , алжан х1ажат гьеч1илан,
Гурх1улев АЛЛАГЬасде, х1ел-х1ел жинца гьабулев.
Адамие тавбу кьей, Нух1ил гама хвасарлъи,
Ибрагьим ц1адав ц1уни, Мусае ралъад бикьи.
Г1иса зодове вачин, киназулго муг1жизат,
Расуласе жал кьурал, киналго караматал.
Авлияазул кашпу, гьезул макъаматалги,
Х1абибасул баркатин , киназдаго жиб щвараб.
Г1азабалдасан ц1уни, жужах1алдасан хвасар,
Гьеч1ин хирияв Х1абиб , мун сабаблъун гурони.
 
Мавлаясали васалим, сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула,гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Г1ела гьесул хиралъи, гьесий кьураб муг1жизат,
Г1аршалда ах1ун калам, Бичас гьесде гьабуна.
Г1адамасул х1исабалъ, салам жинда гьабуна,
Киналгоги г1улумал, бичас рак1илъе т1уна.
Кинабго дир махлукъалъ, дун разилъи гьарула,
Дица мун рази гьави, ц1ехолилан абуна.
Г1аршалдасан бай бихьун, ракьалде гъоркь щвезег1ан,
Дир мулк дуй фидаилан, бичас гьесда абуна.
Мун дир Х1абибин абун, хит1аб жинда гьабуна,
Умматалъул мунагьал, чурилилан абуна.
Дун цох1о вук1ин лъалев, Дуда инкар гьеч1ев чи,
Хвасар гьавилин абун, гьесий рохел бицана.
Гьевги Гьесул умматги, Бичас т1аса бищана,
Дуе г1оло гурони, ифлакал рижуларин.
Лавлака лавлакайин, Бичас гьесда абуна,
Умматалъул х1акъалъулъ, къалмица хъинт1улаго,
Умматун музнибатун вараббун гъафур хъвана,
Мунагь гьабулеб уммат, чурулев АЛЛАГЬилан.
Гьоркьоб пардав гьеч1ого, калам жинда гьабуна,
Умматалъе сайгъатлъун, щуго как т1аде лъуна.
Щуц1али какил кири, жодода жани бугеб,
Малайкзаби х1урул г1ин, х1адурлъун ч1ун ратана.
Х1абиб к1одо гьавизе, марх1абаян ах1ана.
Шагьадат камил гьабун, агьлу самаъ ч1ух1ана.
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасда,
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасда.
 
Г1аршалда Х1абиб ах1и, зобалазда гьев вачи,
Зобалазул агьлуги, гьесдалъун хиралъизе.
Г1аршги тах1тассараги, Бичасе бат1а гьеч1о,
Бичасе бак1 гьеч1ебин, нилъ г1адин жив х1ажатаб.
АЛЛАГЬ цевесев вугин, бак1алда х1ажат гьеч1ев,
Зоб, ракь, г1арш бижилелде, ватун вук1арав вугин.
Гьажеги гьеб х1ал бугин, х1ажат гьеч1ин жоялда,
Расулас абун буго, зобалазул агьлуялъ,
Малаул аг1лаялъги АЛЛАГЬ т1алаб гьавулин,
Рукъалъул агьлуялъ гьев, т1алаб гьавулеб г1адин.
Гьесда нахъ г1унт1и гьезий, цог1агиязе гьеч1ин,
Г1аршги фаршги кинабго, гьесда кодо бугебин.
Киналъулго тасаруф, жиндий бокьухъ бук1унин,
Гьеб лъазег1анаб къадар, Бичас нилъей лъай кьеч1о.
 
Мавлясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босуму халкъалде вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Миг1раж гуреб муг1жизат, Ах1мадил г1емер буго,
Анлъазарго,анлънусго,анлъц1алиги,анлъгоги.
Къуръаналъул аятал, кинабго муг1жизатин,
Г1адан женазул х1ал к1ой, кидаго жинда гьеч1еб.
Дунял ахираталъул, хабар жинца бицунеб,
Бичасде т1орит1улеб, унтуе дару бугин.
Жиб ц1алулев чиясде, алжанал г1ащикълъулеб,
Жинда иман лъурав чи, алжаналде лъугьулеб.
Г1алхул чундулгун к1алъай, гамч1ица тасбих1 гьаби,
Гъут1буца сужда гьаби, варани гьесухъ к1анц1и.
Цох1о сах1алъ бо хьихьи, дагьаб лъим бодуе г1ей,
Килщаздасан лъим чвахи, г1елари муг1жизатал.
Т1аг1амалъ тасбих1 гьаби, ч1алу гьесухъе г1оди,
Нусиречгун миккиялъ, гьесие кумек гьаби.
Рорч1ун рач1арал берал, жани лъун дарман лъугьи,
Кодор кьурал ц1улазул, хвалчаби лъугьун рагъ гьаби.
Малайкзаби х1алай ч1ун, Бадруялда халкъ гъури,
Хварал чаг1и ч1аголъун, гьесие жаваб гьаби.
Х1ораб лемагги беч1ун, гьелдасан рахь гьекъейи,
Загьру бугеб т1аг1амалъ, дун кванагеян аби.
Нац1, ч1ет1, т1ут1, к1к1ара жинде т1аде ч1ун гут1и,
Чорхол раг1ад гьеч1олъи, караматал г1еларищ.
Киналго муг1жизатал, дида рицун к1оларо,
Гьесие бугеб къадру, г1адамазда лъаларо.
Бичас махлукъ бижич1о, жиндасан т1ок1 гьабураб,
Эбелалъ вас гьавич1о, жинда релъинлъи бугев.
 
 
Мавлаясали васалим сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Бичас амру гьабуна, гьесде свалат бит1еян,
АЛЛАГЬас малайкзабаз, бит1улин гьесде салат.
Свалаталъул пайдаби, рик1к1изе х1ал к1оларо,
Рик1к1ун х1ал к1оларилан, т1ахьазда бицун буго.
Боц1и ризкъи г1емерлъи, бец1аб рак1 канаб гьаби,
Шайхасдасан г1ей гьаби, жужах1алдасан ц1уни.
АЛЛАГЬасда щвеялъе, сабаблъун жиб бук1инги.
Салат г1емер бит1арав, АЛЛАГЬасул лагъасде,
Къиямасеб къоялда, фарз щибан гьикъуларин.
Жинца салат бит1ахъе, анц1-анц1 т1ад ц1ик1инабун,
АЛЛАГЬгин Аварагас, гьесда салат бит1улин.
АЛЛАГЬгин Аварагас, салат жинда бит1улев,
Гьесул х1ал хьин лъик1лъулеб, лъазе ккела г1адамал.
Гьелъул х1акъалъ х1адисал, Х1абибасул хабарал,
Х1ал хьезег1ан ругелин, пайда дуца босани.
Бичас салат бит1иги, г1ела лагъасе пайда.
 
Мавлаясали васалалим, сармададан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.
Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,
Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
 
Гьесда салат бит1изе, гьесул суннат гьабизе,
Тавфикъ кье АЛЛАГЬ дуца, дун факъирав лагъасе.
Гьесул сиярал рицун, гьесул муг1жизат рехсон,
К1алъараб дир к1алалъе, къабул гьабе дир АЛЛАГЬ.
Гьанир дица рехсарал, муг1жизат караматал,
Дагьалго жал ругелин, баркаталъе рехсарал.
АЛЛАГЬ нижер Бет1ергьан, гьев Х1абибасе г1оло,
Х1абибасул агьлул байт, гьел киназего г1оло.
Киналго дур асмаал, киналго дур сифатал,
Киналго анбияал, т1олго малаикзаби.

 Къадимияб дур калам, киналго дур асрарал,

Хираб дур зат, гьелъул нур, кинабгоги дур махлукъ.
Дуда аск1об хирияб, хира гьабун бижараб,
Гьел киназего г1оло, дуг1аялъе жаваб кье.
Я арх1ама рвах1имин, ц1обал к1удияв АЛЛАГЬ,
Мунгин Х1абиб разияб агьлу ниж дуца гьаре.
Я арх1ама рвах1имин, гурх1ел г1ат1идав АЛЛАГЬ,
Мун вихьун х1алхьи щвараб, агьлу ниж дуца гьаре.
Я арх1ама рвах1имин, х1ижаб нижей гьабуге,
Жужах1 т1адал чаг1илъун, гьаруге АЛЛАГЬ дуца.
Ах1мадилгун гьалмагълъи, нижей ризкъилъун гьабе,
Дунял толел къояца, ахир рит1ун ккезаре.
Х1уснул хатиматги кьун, хвалда рит1ун ккезаре
Хабал г1азабалдасан, Дуца ниж ц1уне АЛЛАГЬ.
К1ал гьикъизе рит1арал, мункаргун накирасе,
Жавб берцинго кьезе, тавфикъ дуца кье АЛЛАГЬ.
Г1амал хъварал кагъталги, кваранисан кье АЛЛАГЬ,
Мах1шаралъул зах1малъи, бихьизе тоге АЛЛАГЬ.
Х1исабалда рачиндал, бигьа-бикъа те АЛЛАГЬ,
Лъик1ал г1амалаздалъун, ц1адра бак1 гьабе АЛЛАГЬ.
Сират1алда рахъиндал, нургин къуват кье АЛЛАГЬ,
Пирхараб пири г1адин, инзе гьунар кье АЛЛАГЬ.
Сират1алде гьикъизе, анкьго бак1ихъ ч1езари,
Дур к1удияб рах1маталъ, т1аса ккезабе АЛЛАГЬ.
Сират1алда гъоркь бугеб, бух1и ц1акъаб дур жужах1,
Жанир рортиялдасан ц1уне АЛЛАГЬ Дуца ниж.
Ах1бабазе къач1араб, ниг1матазул Дур алжан,
Х1алал гьабе я Рах1им, киг1ан г1асилъаниги.
Г1асилъун ниж кканиги, т1аса лъугьа Мун АЛЛАГЬ,
Фискъу г1емерлъаниги, бчча-бихъан те АЛЛАГЬ.
Мунгун к1алъай, Мун вихьи, ризкъилъун гьабе АЛЛАГЬ,
Дур Х1абибгун гьалмагълъи, Дурго ц1обалъ кье АЛЛАГЬ.
Нижер эбел имсуе, вацал яцалазеги,
Т1олго г1агаразеги, бусурманав щинасе,
Т1аса лъугьи, Дур гурх1ел, кидаго даим гьабе.
Нижеда дин малъарал, г1елму Къуръан малъарал,
Т1олго устарзабазул, даражаби т1ок1 гьаре.
Силсилаталъул ахир, нижер рух1азул Эмен,
Гьесул даража макъам, Х1абибасулгун гьабе.
Гьесул агьлу хъизанал, Гьесий рокьулел щинал,
Гьесулгун г1агьду ккурал, кинавниги муридги,
Гьесие рак1 гъеялъе, гьалмагъзабилъун гьаре.
Я арх1ама рвах1имин, я арх1ама рвах1имин,
Я арх1ама рвах1имин, я арх1ама рвах1имин.
Алх1амдулиллагь АЛЛАГЬ, т1олго рец Дуе буго,
Мунгин Х1абиб рехсолеб, калам нижер лъугьиндал.
Салат салам тах1ияят, Ах1мадида лъе АЛЛАГЬ,
Г1урхъи рик1к1елго гьеч1еб, бищун гьелъул камилаб.
 
Мавлаясали васалим, сармадан даиман,
Динул ислам босуму, халкъалда вит1арасде.

Гьесул ал асх1абзаби, умматул ижабатги,                                                                                   

Г1ахьал гьари гьарула, гьардарав АЛЛАГЬасде.
Амин АЛЛАГЬ я АЛЛАГЬ, амин АЛЛАГЬ Я АЛЛАГЬ,
Амин АЛЛАГЬ я АЛЛАПГЬ, къабул гьабе Бет1ергьан.
 
 
Гьалда т1ад балагьун, гьаб ц1аларасда,
Дуг1адул аманат,диналъулд вацал.
Нужей таскиратлъун, данде гьабунин,
Т1адалгин сунатал, жанирги рехсон.
Бичасде ц1акъ гьарун, къабул гьабеян,
Гьалдасан мунфаг1ат, бахизабеян,
Зулмудул замана, т1аде щведалго,
Гьарана Бичасда, дагьал абятал.
Ахир дий хайирлъун бук1илебилан,
Бичас къабул гьабун, фатх1а бач1ана.
Бичасул къудраталъ къалам хьвадана,
К1инусго, анц1ила анлъго байталда.
Даимав рецц буго дун вижарасе,

Дунги нужер вацин, Абумух1амад.

 

Гьеб жив х1укуматалъул зулмуялдасан ц1уни мурадалъе гьес х1алт1изабулеб бук1араб т1ок1 ц1ар, ай (псевдоним) буго.

 Гьаб мавлид г1ажамалдасан г1урус х1арфазда буссинабун хъвана, нужер дуг1аялда хьул лъурав, Сасикьа Ханмирза х1ажил Салтанатил вас- Ах1маднабил Сайгидах1мадица.

Хасавюрт районалъул Ц1ияб Сасикь росулъ ч1арав.

 



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.