Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру»
Гъамбулатил Устар Сасикьа ХIусен афанди накълулъун хадуб
Гьесул хабада зиярат гьабун индал гьес гьабураб марсият
Асалам гIалайкум гьитIинаб равза
МугIрузул тIогьазда нур бараб къал
Нижер устарасул жаннатул маъва
РакIазда нур балеб равзатушшариф
Гьидаятул къамар къаникь тIупараб
Къулубал гвангъолеб къиблатул фуад
МугIрул шобаздасан канлъиги босун
Бокьарав тIад швезе къачIараб къулгIа
Дун гьаниве шведал рохел бачIуна
Билун араб канлъи кодоб шванилан
Кавуда квергъадал гъола дуда ракI
Шушан тIагIарабнур гьаниб бугилан
Гьел дур алтIафаца сангарал къарал
Сверухълъи бихьидал къалъула лугбал
Бахчун жаниб чIараб жавгьарги батун
Дир къалбу къалъула къиблатул пуад
Лучнол бусен лъураб чармил ганчIазулъ
Чи гьечIеб бакI цIехон бахчун чIун буго
Чирахъ хIажат гьечIо гьаб Сасикь росулъ
Ракьулъан шолеб нур шун бугелъ кибго
Шаклъарав ватани тIад ун балагье
ТIубарав гьес буго гьенибе рагьун
Алтафал къалъизе къараб ракьулъан
Нурул якъин буго гьениб якъинлъун
Къварилъарав мюрид чучизе инзе
Инсул каву буго кидаго рагьун
БукIаниги дир ракI къваридго буго
Къадар шванин абун мун рикIкIалъидал
Дир загIипаб керен кодобги босун
Киндай вуго Устар мун гьеб ракьулъе
ГьитIинго дир рекIелъ дарманги гьабун
ТIагIун гьенив чIейги тамаша гьечIиш
Дур тIинкIараб рекIел гьитIинаб къатIра
Къалбуялда жаниб жеги хIалтIула
Жаниб лъураб хIикмат дур асраразул
Ихдалил тIугьдуллъун тIад руго кенчIон
Гьениб хIаят кьолеб кавсар къанилан
Къварилъун вукIана къоял рикIула
РекIел дарманазул тIабибги тIагIун
ТIокIав шоларилан къварид вукIуна
Дур гьеб къабруялъул къалъи бихьидал
КъватIиб лъутун анна чорхолъа ургъел
Хиялаз ахIзанал тIад рачIун шинахъ
ВачIун цеве чIезе мун гьанив вугелъ
Гьава гьури гьечIеб дур алжаналда
Дийги бокьилаан аскIов кIусине
Жаниб магIдан бугеб дур хIазраталда
Къочун баилаан дур изну швани
Гьеб дур хIазрай бугеб хияталъул хIор
ХIасул лъун бихьолиш мугIрузул тIогьиб
ТIад гьава рекъараб бакълъул рахъалда
Бахчун жаниб лъураб нигIмат бихьулиш
Нурул къамаралда бараб къулгIадухъ
Къадар швечIев шола гIишкъу канн шинахъ
ГIурул рагIалдаса тIаде унаго
Пуюзаз тIегьарал тIугьдул ратула
Дур речарал хIохьлаз рижун ругел гьез
Къасиги дур хIужра къалъун бихьула
КIалколев духъ вачIун гIодов чIедалго
ТIасан къанал рорхун балагьула мун
Цинги дур файзалъул хIохьелги тIад шун
Шибаб лугбал къалъун къватIив уна дун
Гьениб хIаяталъул хIор батанилан
ХIалкIварабги гьекъон нахъе вусула
Къойил гьекъаниги мукъсанлъулареб
Макъсудал тIубалеб тIагьал иц буго
ТIад шун шинахъ шараб шивас гьекъезе
АхIмадил лъим буго лъалев чиясе (ай Аварагасул)
Дур равзатил къабру къалъунги бихьун
Къойил шола духъе гьал мюридзаби
Абраразул эмен дуда бер чIвазе
ЛъикIаб улка буго курамаазе
Дуе саламги кьун сардилъ шваниги
Шагьри моцIрол гIадаб канлъи буго духъ
Дандилъун арвахIал жанир русулеб
Мажлис буго дие духъ швараб сагъат
Гьениб швезе кватIун мех гьоркьоб ани
РекIел гIишкъу цIала цIи гьабун гьениб
Радал бакъанида арвахIазда гъолъ
Дур рухIани шола канчIаб цIва гIадин
Гьелъ речIараб канлъи Метрадаги шун
Нижер бохалъиги къалъизабула
Къасда данде русидал тIолабго хъизам
Дур пайзалъ гIоцIула кваначIониги
Гьаб дица хъварабги дур сифатазул
Сарин ахIулезе къатIрацин гьечIо
Ралъдал карачелаз хьвагIун рехараб
ГьитIинаб тIанкI буго кагътида лъураб
Дур хIакъикъат лъазе хIакълъун бокьарас
Бухье абе сапар ХIумайдил росулъ
Гьандихъдерил тIалъи тIасан мун араб
МегIералъ бицина дур манакъибал
Шва абе хабалалъ росдал ахада
Эхетун чIун вугев Хумайид вихьизе
Жанив лъугьа абе гьесул рокъове
ХIумайдгун къочарал къадал рихьизе
Къвалакь ХIусенги кун ХIумайид кIусараб
БакIу буго гьениб бокIнидаги лъун
Гьесул асаразул къиса бицунел
КъулгIадухъги рака гьесул цIар лъураб
ХIумайидил зоноца загьир гьабила
Гьениса тIегь босун гьев вачIарав мех
Гьесул гIагарлъиялъ росдал агьлуялъ
Къисмат бицун тела ХIусен афандил
Аллагь дур рахIматал гIатIидал руго
ГIатIидаб цIоб гьабун гурхIа мун гьесда
Гьесул хобгин маркъад къадирав Аллагь
Къалъизеги гьабе дур анвараца
Гьес лъураб кьучIалъул чIаголъи шварав
Дун Гъамбулат вуго ТIагьирил валад
Гьабураб дир калам Каримав Аллагь
Мунагь чуриялъе сабаблъун гьабе
© 19992013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.
Автор Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.