Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Магомедова Сабигат Усмановна. Магомедова Сабигат Усмановна.
id:200662023088

ГIумруялъул матIу




ГIаданлъиялъул мугIалимасул ва гIалимчиясул хIакъалъулъ рагIи

Аваразул шагIир Сабигат МухIамадовалъ хъвараб Гьаб "ГIумрудул матIу" абураб поэма цIаларал рохизе рукIиналда ракIчIчIола дир. ЛъикIал гIадамазул хIакъалъулъ абулеб лъикIаб рагIи рагIизе бокьула, магIарулазул рекIелъ лъалкI тараб гIумруялъул бицунаго гIенекизе бокьула. Поэмалъул герой МухIамад ХIайбулаев дида лъала унго-унгояв магIарулавги, гIалимчиги, гIаданлъиялъул мугIалимги вукIин Гьесул гIумруялъул матIуялъуеги ялагьун, пикрабазул карачелазулъги гьелчон, гьабулеб ишазде гъорлъеги яккун, гьес тарал лъалкIазда чIчIараб бацIцIадаб лъинги гьекъон, жакъасеб къоялъулги къваридаб гIумруяллъул пикрабиги гьарун, рекIееги, рокьулги, ракьалъеги, улкаялъеги эркенлъиги гьарун, магIарухъ ракIги тун, шагьаралъ дарсалги кьун, гIадамазде адабгун лирикияв героясде хIурматгун хъвараб поэма буго гьаб МухIамад ХIайбулаевасул къисмат лъугьун буго заманаялъул матIуялъуб бихьулеб гьунар бугев, гIадамал хирияв, гIакъилав, къварилъабазе къулуларев, рокьуе хилиплъуларев, ханзабазе хIелуларев, гIадатияб гIамалалъ гIадамазе талихI кьолеб кьури гьечIеб къисматлъун. ШагIиралда кIун буго заманаялъеги, ватIаналъеги ватIан бокьулев инсанасеги букIине кколеб къимат кьезе. ГIарцухъги, бечелъиялъухъги бичизе рес гьечIеб, росулъ байбихьараб хадуб шагьаралда щвараб гIалимчиясулги гIадамасулги нух нилъер рекIелъан ине гьабизе гьунар гIун буго Сабигатил Поэмалда гьечIо гIададисеб хабар гьаниб буго пикрабазул дунял: Пикру гьечIев чиясул гIумру букIунаро, гIумру гьечIев чиясул пикруги букIунаро Замана борцунаго шагIиралъ абулеб буго "бакъ бахчулев гурони чиго ватулев гьечIин, "дунялалъул пикраби как балеб мехалдаги" ругин. Гьикъулеб буго: "Кидадай тIагIина гьаб бацIил заман, ракьалдаго бугин жужахI рагьулеб", "херлъи бихьичIого холел гIадамал" ругин, "лъим гьекъезегицин хIинкъараб дунял, балагьал гIемераб гургинаб дунял" бугин. Гьелдаго цадахъ жиндирго героясда гьелъ абулеб буго: "Мун гIаданлъиялъул мугIалим вуго, мун гьаб гIумруялъул мутагIил вуго", -абун


Дун суал кьезецин хIинкъун ятула,
Кьолеб суалалъго борцунеб гIакълу.
КигIан лъикIха дуда лъалел гIадамал,
МугIалим, мугIалим гIаданлъиялъул

ГIадамал лъан гIоларо, гIадамаздаги лъазе ккола. МухIамад ХIайбулаев гIадамазда лъала, гIамалги, гIадатги, гIакъиллъиги рекъарав инсан хIисабалда. Гьединлъидал гьев "мугIалимзабазул мугIалим вуго, гIаданлъиялъулги борхалъуда цIва, хадув гьудуласул вуго гьудулги, гьелдаса борхатго кквечIо щибниги" Инсан гьаб ракьалда рокьуца цIунула: эбелалде, ватIаналде, халкъалде, чIужугIаданалде, жибго гIумруялда. Рокьиялъ бижараб рагIудалъун кьолеб буго жаваб ШагIиралъги гьелъул героясги дунялалъе, гьединлъидал "берцинаб гьумералъ талихI кьоларин, берцинаб ракI буго цIехолеб дуца" ВатIаналде рокьи - гьеб хасаб рокьи буго, гьелъ борцуна инсанасул кIодолъи, кIун буго Сабигатида МухIамад ХIайбулаевасул ватIаналде бугеб рокьи рагьизе, гьесул пикраби нилъехъе кьезе:


ЧIунтарал росаби чIаголъиладай,
Умумузул сухъмахъ кIочон теладай.
Амма, умумузул бидул вакиллъи
ТIагIине рес гьечIин абула дуца

"Умумузул бидул вакиллъи" цIунараб мехалъ цIарги нахъе хутIула цIваги зодихъ кунчIула, цIаги гъасда ссунаро. "Пикрабазулъцин жиндирго хатI бугев" МухIамад ХIайбулаевасулги букIина гьедин, гьелъие нугIлъи гьабула гьаб Сабигат МухIамадовалъул поэмаялъ

МухIамад АхIмадов

Содержание:


ГIумруялъул матIу



У, рагIи абуниги, элда кIоларин ккола
Пикрабалъ бугебщинаб къватIибе рагьун кьезе.
РагIи матIулъаниги, гьелъ цIакъ дагьаб гурони,
РекIел канлъи къватIибе кьолеб гьечIинги ккола.

Ургьиб хутIарабщинаб хирияблъун батула,
Гьеб борцинегIанасеб гIакълу якъинлъуларо.
Абун тарал рагIаби-роржарал хIанчIи руго,
ХIакъаб жо-берзул мацIалъ мацIалда рахай балеб.

Дие гьаб асаралда рагьизе бокьун буго
Цо гIакъилав чиясул мурадалги дунялги;
Асаралъул геройгун гаргазе бокьун буго,
Диргоги пикрабазда канлъи бихьулищали.

Сюжет гьечIеб поэма букIунеб гIадатлъидал,
ГIайиб чIваге гьалдаги , гьурщун бараб бугилан.
ЦIалулесда цо роцен чIалгIинчIого букIине,
Хис-хисун хъвараб бугин, багьанадай рикIкIунге.

Беццулей абун гуро, амма гьаб "матIу" буго,
МатIуялъуб гIадинан гIакъил вихьизе бугеб;
Нусцул цIар хъвачIониги, чIагояб образ буго,
Унго-унгояв инсан щивали лъазе кьураб.

Пикрабазул нухал



Алагьас кьураб нух тун бецлъараб агьлу буго,
БецIаб кIкIалахъе рортун гIорцIуларел чахьалгун;
Гьезул тIаде рахине гьечIо, МухIамад, къуват,
Меседалъухъ бичараб гьаб рокьиги чилъиги.

Чияралде хьул лъедал, эбелцин кIочон тарал,
ГIаданлъи биларазул гьумерцин батулареб,
Гьединалгун кIалъазе гьечIо дур ракI батулеб,
Мунго цохIо хутIилин дун цIакъ хIинкъулей йиго.

КIодолъи цIехолаго, гьел гьитIинлъулел руго,
Рихинего щай дуе рихьизе гьечIел чагIи.
Рец-бакъ балагьулаго балагь щварал реханин,
ГурхIизеги щай гьезда гурхIел гьечIеб къавмалда.

РекIкIалъ гIуцIцIараб дунял, тIом биццатазул чIухIи,
Сундасадай рохулел, хIухьел цIалареб гIумру.
Чиясул ракI бекулеб балагьичIеб дур рагIи-
Рагьараб авлахъ бугин, бихьизе дур ракI кIвани.

Дуда ратила нухал, сверухъ тIугьдул раккарал,
Дур битIараб рагIиялъ рагьизе бугин алжан.
Гьересияб гьуриялъ гьечIолъиялде унел,
Батизе гьечIеб рохел, сунда божун гьел ругел.

ГIодунгин рохун унел ракьалда ралел къоял,
Цо магIу бакъвалареб ракI бакъвайлъун ккун буго
ГIаданги тIагIуневищ ракьалда вижун вугев.
Бакъ бахчулев гурони, чиго ватулев гьечIин.

Дунялалъул пикраби- как балеб мехалдаги,
ГIакълуялъул мукъсанлъи, кантIизего ругодай.
КъваригIел гьечIебшинаб бугин тIаде босулеб,
Мунагьал рорцун толеб цIадиро ургъиладай.

ГьересигIан рихараб дуда шибго батичIо,
РакI свакалареб гIумру хIакъикъат цIехолаго.
ГIенеккулев чи вугищ, гьез тIахьалго цIалулищ,
Гьез цIорозе тун гIишкъу, цIалъун бухIулеб гIумру.

ГIайибав шивго гьечIо, дунял бегун аниги,
Киналго "гIакълучагIи " чIухIун унеб гьодорлъи.
ГIелмучагIаз кидадай кодой босилеб улка,
ГIорцIун цулъарал щайзе гьез чIезе гьаруларел.

ГьитIинго малъула магIарул росулъ
ГIелму хириясул гIадан лъугьунин.
Гьанжени батIияб батула гIадат-
ГIарац гIемерасухъ бугин рагIиян.

Рачел чучарасул чанта цIун бугин,
Рекъолареб гьури гьаб дур гьавагун.
РитIухъавшинавчи кIкIалахъа гъоркье,
Дир борхатаб тIалъи, кире ниж унел

Дуда гьел рихьана, гIорцIарал чагIи
Цо жалго жодое рокьулел куцха.
Кидадай тIагIинеб гьаб бацIил заман,
Ракьалдаго бугин жужахI рагьулеб.

Гьезда аскIов гIолев цойги вихьани,
Гьез хехго чIинтIула, чIванцин рехула.
КIудияб чугIица гьитIинаб куна,
Аллагь, тIаса лъугьа, гьел гIадамалищ.

ГIадамал лъалилан абунаниги,
Божизе бегьулев къанагIат вуго.
Нилъедаго нилъго лъазе кIванани,
Мукъсанаб гьаб гIакълу гIатIилъиларищ.

Гьаб гIумру учузаб, чанта кIудияб
Кидадай тIагIина тIаде щвараб мех.
Законазда хIучч цIан, цIогьор вергьунеб
Бегун инародай тIадчIараб балагь.

ЧIвай- хъвей гIемерлъараб гIасияб заман,
Херлъи бихьичIого холел гIадамал.
Божи тIагIунаро, лъикIлъилин ккола,
ЛъикIав чи гьечIого нилъ хутIиларо.

Лъим гьекъезегицин хIинкъараб дунял,
Балагьал гIемераб гургинаб дунял,
ХвечIого хутIилин ургъелдай ккараб,
ЖужахI жодоего ургъулел ругин.

Жалго рухIизе цIа бакулел ругин,
ГIакълудул мукъсанлъи -тIолеб чияр би.
Щолареб ахират, гьечIеб дуниял,
Мунагьазул хIорихъ жал гъанкъун унел.


Кинандай борхилеб ахирисеб къо,
Ругънал лъуралщинал цере чIанани.
Бидулал гIадамал рихьичIилан те-
ГIакъилаб дур ракIалъ малъулеб буго.

Чиясул хIал лъани дунял рихинин,
Цо хабар кIалалъго ралел кIалгIаби.
РихьичIилан тарал рекьичIел хурзал-
"БекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого хур".

Мискинасе чадил багьа кIудияб,
ГIетI баккун гурони, щолареб гIарац.
Амма гьезул ракIал- рацIцIалъи цIунун,
Жаваб кьезе кколеб гьез бакIаричIо.

Реклама ахIдолеб, чи тIагIун унеб,
Унгоха, щун бугеб батIияб заман.
ЧIобогояб лозунг, чIамучIаб хабар,
ЦохIо батуларо мухIканаб рагIи.

Бадире релъула яцIцIадай ятун,
Загьру кьезе рала ритIухъав вихьун.
Гьоркьоблъи хъублъулеб, хъахIба бергьуней,
Чороклъиялда чи ругьунаб заман.

Аллагь, мун гурхIаги, гьарулеб буго,
ГIарцул гуреб хабар кIочон тун бугин,
ТIехь кодой босулев чи дандчIваларин
ЦIохIо чахьал руго, рухIдаллъи гьечIо.

Цо дуда рагIулин ракIалъул гьаракь,
ГIаданлъи кIочараб кьоге дуниял.
Цо базар бугилан кколин гьаб гIумру,
Гьаре ниж кантIизе лъикIалде ине.

Дуда бихьулареб щибниги гьечIин,
Как- диналъгIаги ниж цIунилародай.
ТIаса ретIел бахъун ясал кьурдулел
Клубал рагIулин рагьун гьанирги.


Къадарлъулев инсан вихьулеб матIу
Ургъизе кколеб хIал бугилан кола,
Гьезул жаниблъицин цебе тIамулеб,
Тохал пикрабазул гъуни бихьулеб.


Гьал гIаданлъиялъул къатIра хутIичIел
Рехизе гвендгIаги бухъунищ телеб.
БестIал лъималазда бестIал жалилан
Абидал, гьал ракIал рихъулел ругин.

Рейтингал рорхулеб цо хабар бугин,
Вац вацасдецини регIулев гьечIин.
Буго гьанже кибго къваригIун гIарац,
РагIулеб хIал гьечIо батIияб хабар.

Пиша сури гьечIо, месед щун хадуб,
ГIодогIанлъиялъдай гьал кIодолъулел.
ГIарац балагьизе йитIулей чIужу,
Гьел чияр ракьазде бакIал сумкаби.

Божилъи тIагIунеб заманаялда
КъватIир рахъинчIого, рокъорищ чIелел.
Учузал рагIаби рагIулеб мехалъ
Дунялдасаго буссун унеб хьул.

ЦIодоралин хIалел гьал цIогьорзаби,
Дуда киндай лъалел гьел рихьаралго.
ЯцIцIадай ясалде чорокаб хьулгун
Хьвадулел толарин аскIоре къазе.

ххх

ЦIарцини лъаларев чи, кинаб гьудуллъи гьанже,
ЦохIо хъулухъалъ бугин босун кьолеб кинабго.
ЗахIматаб бугин кколеб чиясухъе нух лъезе,
Гьанже захIмалъун гьечIин, босун гIарац кьунани.

Кьурун буссараб заман, законал хIалтIулареб,
Киналго нухал руго рагьун цIогьорзабазе.
ЛъикIаб бихьизе бокьун бералищ къанщун телел,
БацIал гIадинан ругин гьал гIадамал цоцазулъ.

Цебе бикъани инсан вакъилин абулаан,
Гьанже бикъичIонани вакъилилан абула.
Бицахъе унеб гIумру, даранчиязул заман,
Лъайги къваригIунилан гIайибазда вугев мун.

Гьудуллъи тIагIанани, гьазда рихунеб гьечIо,
Цояв лагъин абула, цояв ханилан тола.
Эркенал магIарулал, кире нуж унел ругел?!
Ургъел ккараб дур гьаракь гьезда рагIулеб гьечIо.


Ургъараб дунял буго, ургъараб рагIи буго,
Гъаримилан щай чIвалев чIухIун цеве аравцин.
Огь, хIалеб цо роль буго, режиссер гьазул кинав,
ЧIагояв инсан вуго берда цеве хвезе тун.

Бецлъарал ракIазда канлъи бихьизе
Чирахъищ бакилеб, бакъги букIадго,
Жодорго бикъараб гIарацалъухъ гьез
Бикъарасе гьаркьал ричулел ругин

Бечедав макьилъцин хIинкъун вугони,
Къоцин къокълъун бугин витIарасулги,
Вихьизе гIуравги чIван толев вугин,
Гьаб нилъер гIумрудул кьогIаб хIакъикъат

Гьал нилъер къоязул къваридаб макъан,
Бегун теян буго тIехьалъул тIамач:
Квешлъи бихьанагIан мун лъикIай йикIа,
Дуй нухал къанагIан къуватай йикIа.

Дун цIакъ чIухIарай йиго дурго рагIи букIиналъ,
Лъиданиги релълъинчIеб дурго гIамал батиялъ.
Буго гьениб гIаданлъи, гIадамазухъе ракI цIай,
ЦIилъулеб пикруялъул берцинаб канлъидул нур.

ГIатIидаб ракIалъухъ чIалгIен рештIани,
ГIайибал цIехоге мунго ялагье.
Чиясул божилъи - бортичIеб рагIи,
ТIадегIанавлъун мун вихьула дида.

ГIадамазул гIамал, гьезул хасият,
Мун хIикмалъулевги батула асар.
ГIадамазул хIурмат гьабулеб мехалъ
Мун ворхалъун унеб щола хIакъикъат.

Рокьизе гIадинал гIемер дандчIванин,
Гьелъдай халалъараб дур гIолохъанлъи.
Пикрабазул рахас, роржунел санал,
Анищал тIубалел рукIанищ къоял.

Зодоре гIунтIарал мугIрул жалго тун,
ГIатIидаб ракьалда рорхулел хъулби.
МагIарул росабалъ гIадамал дагьлъун,
Дагъистаналъул нур тIагIинин ккола.

ххх

ХиралъичIищ дуе чи, мунги гьечIин вокьизе,
Гьединав чи чIагояв вугин кинан абилеб.
Хварав чилъун ватулин гьединав гIадамазулъ,
Живго-жиндие гIурав гIададисев чи вугин.

ххх

КIудияб рекIеца рекIкI нахъ рехулин,
Данде вачIунесул гьас квер босула.
РакI пашманал къоял рукIананиги,
Рокьула гьасие цIакъ гьал гIадамал.

ХIеренлъи цIунарал гIашикъал бераз,
Бер кколеб хIисабалъ ракI рагьун тола.
Хадубги дуниял кIицIул кьоларин,
ГIелмуялъул хурги дуца бухъула.

КIиго гIумру жиндий кьурав кинигин,
ЛъикIал гIадамазе вохун ватула.
Квешлъи ургъулезда тIасан хIучги цIан,
Гьеб дунял дир гурин, бадиб рехула.

Хъвагеян абулин макъаналда квер,
Копое кьун гьечIин нилъее гIишкъу,
РакIалъго гIадинан, гIакълуялъ бугин
Цоцахъе гьал нухал гIадамаз лъолел.

ГIаданлъиялъул мугIалим



Мун гIаданлъиялъул мугIалим вуго,
Мун гьаб гIумруялъул мутагIил вуго,
Кидаго цIалдолев. малъулев вуго.
Мун вахунеб болъо- ахир щолареб.

ЧIван къотIараб рагIул мугIалим вуго,
ЦIали тарасул ицц къунеб бугилан.
Лъараб малъичIого чIезе кIоларо,
Малъулареб гIелму тIерхьун унилан.

ЦохIо суалалъе анцIго батIияб
Жавабги батула, бище бокьараб.
Жив-жив чияс жиндий бищун бокьулеб
Иш тIаса бищизе кколин малъула.

МагIна бугеб цо тIехь цIаличIеб гIумру
Сундаса чIухIулеб жагьилаб агьлу.
ХIинкъи гьечIеб дунял кин лъималазе
БукIине гьабилеб?- Гьебги дур ургъел.

Ниж сундего гьанже регIулел гьечIин,
Заманалъул къоралъ къоял ккун руго.
Берцинай ясалда божулел гьечIин,
ГIишкъу гIодогIанаб гIамалги гьезул.

Божилъи къваригIун буго халкъалъе,
ХIалакунел гьечIел гIакълудул бутIрул,
Замана цIачIого цIиял нухазе
Жакъаго ургъеян ас ахIи бала.

Дунялалъе рагьун каву кидаго,
Пикрабазулъ вуго гIелмудул вакил,
ГIумруялъ захIматаб суал лъунагIан.
ХIакъикъат цIехезе кIвахIаллъугеян.

ххх

ГIемерал кIодолъаби гьаб дунялалда ругин,
Гьунаралъул кIодолъи, лъикIлъиялъул гIатIилъи.
Амма бищун захIматаб, амма, бищун кIудияб-
ГIаданлъун вукIин гIадаб кIодолъи гьаниб гьечIин.

Цо кIудияб гьунарин ккола дида дур гIумру-
ГIаданлъи рехун тараб батуларин дур цо къо.
Гьаб замана анагIан бихьула цохIо гали-
Дур гIаданлъиялдасан борхалъиялде унеб.

Ургъалаби цIикIиндал, цIан толеб хIухьел буго,
Пашманлъиялда хехго батула рекIехъе нух
КIочене бахъуна гьеб гьуинаб талихIалда,
Рохелги гьавагьунеб букIиналъцини гурищ.

ГIенекунчIун малъараб лъазе дида бугодай,
АбичIеб рагIиялъул магIна дихъе швеладай.
МугIрул гIенеккун руго гIакълучагIи кинигин,
Гьал мугIрузда гIуразул борхалъи хасаб буго.

ххх

ЦIалданагIан дагьаб лъалилан кколин,
Мугъ чIвазе кьурулъун тIехь бугониги,
Мун вичIчIизе бокьун ралъдал рагIалде
Пикрабаз ячуна цо лъалей гIадан.

Борхатаб хъалаги бичун босулин,
Цин гIарцухъ щолебищ цIунизе кколеб.
Хайир гьечIин кколеб хиралъи бугин,
Дуца хазиналъун рекIелъ цIунулеб.

Дур гIакълу кьижараб сордо рогьинчIо,
Щвараб къо борхизе хадув гъолин мун.
Гьаб гIумру гIадада ине биччачIо,
Дунялалъе лъикIав къваригIунин чи.

Жиндиего гIурав гIунарев чилъун
Гьев лъил ракI бохизе ракьалде щварав.
Рохелалъе кьураб бугин дуниял,
Бокьулеб ишалде щай руссунарел.

ГIелмуялъухъ бугин кIудияб къуват,
Кьурул рагIалдаса чи нахъе цIалеб.
Дур гIумруялъул гъветI, чам пихъдай щвараб
Гьал гIелму хириял гIолохъабазе.

ГIелму бокьулесухъ гьал пикрабазда
Рихьулин цIвабилъун, цIали хириял.
Инсанасда аскIов ватулев инсан,
Беркколеб гIадинаб сверухълъи буго.

Бугеб цо тIабигIат батIияб гIамал,
Цо гIодогIанлъулев чи вихьанани,
ЦIазе хIухьелгицин гIоларин кколин,
КIудияб талихIкъин гьебилан чIолин.

Къилба рокъоб лъачIев гIакълучийилан,
КIалъалев вихьидал, мунго нечола,
Лъица гIезарурал гьал гIалимзаби,
ТIехьго бихьичIого гIунищ рачIарал.

Дун суал кьезецин хIинкъун ятула,
Кьолеб суалалъго борцунеб гIакълу.
КигIан лъикIха дуда лъалел гIадамал,
МугIалим, мугIалим гIаданлъиялъул.

Дуде ккарав гIадав чи ватиларин,
Бадиса бадибе цIеххолеб рагIи.
Лъан рахъиналдего ахирдай лъалеб,
Бищунго захIматаб суал борхулев.

ГIумруялъул магIна- къуръан абулев,
Океаналъубги лъинал жубачIеб
Жаваб гьелда гуреб гьечIин бицунев,
Дур гIадаб гIакъилаб рагIи лъил бугеб.

Рагьараб ракIалда батулеб рагIи,
ЦIаралъ щиб бицунеб, гIамал гьечIони,
ГIамалги бихьилищ лъалкIго течIони,
ЛъалкIги тола чияс, ракI рагьанани.

ЦохIо рагIиялъги абулебшинаб,
Гьеб бечедаб мацIдай яги гIакълудай.
ЦохIо хIухьелалъги бахчулебщинаб,
Гьеб дур гIаданлъидай, сабураб ракIдай.

Жиндий хасиятаб хасаб борхалъи-
ГIадамазде бугеб бербалагьиги.
ЛъикIлъиялъе рекIелъ бакI гьечIонани,
Кирехун руссундай сонал роржинел.

МугIалимазулги мугIалим вугин
ГIаданлъиялъулги борхалъуда цIва.
Хадуб гьудуласул вуго гьудулги,
Гьелдаса борхатго квечIо щибниги.


ГIаданги гIаданлъун вукIаян гуреб,
БатIияб дур калам дида рагIичIо.
Сверухъ бакI бацIцIадго цIунеян гуреб,
ЧIухIарал рагIаби дуца рехичIо.

Костюмалъ бахчулищ чIобогояб ракI-
Дуца лъолеб суал гIолохъабазе,
Къойил дискотека, кисан щолеб лъай,
ТIахьал цIаличIесул гIумру рагIадин.

ххх

КъваригIарав чи вуго, гьудуллъи кIочон буго,
КъваригIаразул заман, заниялда щиб хъвалеб.
Суд гьабизеян гуро, мун кIалъалев камилго,
КантIизе бокьун бугин дуе гьал гIолохъаби.

ГIорхъи бахине гурин, городалъ чIвазе гурин,
Цо-цо банкир рагIула чIчIирчIчIидун малъарулев.
ЧIухIиялъул гьодорлъи, гьелъул бугебшинаб хъуй,
ЧIобогояб бочкадул щола ракIалде кици.

Цо къагIидаялъ гуро гIадамал ралагьулел,
Рагьун кьураб дуниял босизе лъани -гIакълу.
Толеб буго нахъа нух церехун ине лъалез,
РалъадгIан тIахьал руго философаз хъван тарал.

Метер ккезе бугебги жакъаго лъалин кколев,
Мун гIенекун чIун вуго, гIодой виччай чиясул.
Сон букIаралъул хIисаб гьабизе кIочон течIев,
Гъварилъи гIакълуялъул, гIадатлъи гIамалалъул.

ЧIвадарухъанас живго чIвалев вугилан кколин,
ЛъикIав чиясул рекIелъ гьес нус чIвалеб мехалда.
Гьев малъун витIарасул бихъун унеб дуниял
Нахъ кин балагьуларел бидул цIурал лъалкIазде.

ТIаде щолеб къоялда ургъизе лъалел гьечIо,
Шагьар мерхьунел васал, метер щибдай букIина.
Бичигинхисиялде ругьунлъун ругел ясал,
БецичIого тараб суал, хер бакъван унеб буго.

ЦохIо гIарац батула гьезул ракI бохулеб жо
БатIияб рохел гьазда лъаларо лъазецини.
БитIараб мекъабищан гьал ургъуларо гьелда,
МугIалимасул гьаракь рагIичIеб агьлу буго.

ххх

Къо ккедал гуребги, рохел щведалги
Лъалилан абула гьудуласул хIал.
Щиб роцендай бугеб чилъи борцунеб,
Цо балагьи гIолеб, цо рагIи лъалеб.

Гьунарни букIуна Аллагьас кьуни,
ГIаданлъун ватиги кIудияб талихI.
Бечелъини щвела хIалтIизе лъани,
Квер битIарав вукIа, ракIалъ виччани.

ххх

Дуего мун вокьанищ рокьанин гьудулзаби,
Дуе мун хиралъанищ, гIадан хиралъун вуго.
Дуца рикIкIунелщиназ рагьулеб нуцIа буго,
Бищунго цIакъалгицин гIаданин рохун руго.

Дур гIелмуги дир кечIги халкъалъе хъулухъалда,
РагIичIищилан телел гьал нилъ ричIчIуларелги.
ХIакъикъатгун берцинлъи цо нухалъ анин ккола,
РихьичIищилан телел гьал рагIад рехулелги.

ХIухьел цIалареб гIумру, гIадада унел къоял
Цо дагIба-рагIиялда чIобогоял хабарал.
Хазина гIумру бугин, абулев ватула мун,
Цо берцинаб ишалъе данде щай руссунарел.

Цо рекIелъ къвакIи бугел, ботIрода гIакълу бугел
РукIине бегьунарищ нуж, магIарул васалин.
Бихьиназда рекъечIеб хабар гьуин гьабулел,
Лъамалъун гьел рихьани, буссун унин ургьиб ракI.

ххх

Гьереси бицунев аскIове щвани,
БитIичIеб кидаго дур ракI гьесдехун.
БичIунгутIи буго захIматаб суал,
ЛъикIлъиялде цIалеб рагIи босичIел.

Гьунар бугесул ракI жахIдаялъ цIуни,
Сундаса рохилин ургъалилъ кколин.
Гьунаралда цадахъ гIамал кьечIесда
Ватула мун гурхIун гьаб дунялалда.

ГIадамал рокьичIев гьал гIадамазулъ
Бишун талихI къарав чилъун вихьула.
ЧIаго вукъун вугин кколарищ ракьулъ
АскIов чи лъалхъичIев ракI гьечIев инсан.

Гьал гамчIил занал ругин, замана хехго унин,
Чиясул ракI бекулел рагIаби кIочон теян,
ЛъикIав мугIалимасул квешал мутагIилзаби
РукIине рес гьечIилан, ккола цо-цо ракIалде.

Рокьиялъ бижараб рагIи



Мун чIухIарав вуго, меседалъ гуро,
Меседихъ кьолареб рокьуца вуго.
Мун къвакIарав вуго, ракI маххул гуро,
Хисараб гIакълугун гIодов мун ккечIо.

РоцIарал роччарал гьечIин гьал зобал,
Рокьул руго кьерал кьун дунялалъе,
Гьелъул магIна лъачIел цо лъиялиго
ГIарцухъ жодор гIумру бичулел руго.

Багьадай букIунеб бацIцIадаб рокьул,
Багьа бугеб рокьи бичун босулин.
Мунагьалде цIалей гIаданалъгийищ
Кьолеб ахиратги, вохилищ гьанив.

ЧIужугIаданалъул хIеренлъиялъгIан
Мун асир гьавулеб къуват бихьичIо.
Берцинаб гьумералъ талихI кьоларин,
Берцинаб ракI буго цIехьолеб дуца.

Нахъе вуссинилан рагьулеб нуцIа,
Кинал берацадай цIан вачун унев.
Гьал какал ралезе рагьулеб алжан,
РакI лъие рагьундай гIодов вуссинев.

БичIчIун бугин чIалгIен чIагояб рокьухъ
ГIишкъу гьечIеб бухьен, берцинлъи унеб.
РагIун бугин гьаракь гьурилъун щолеб,
Йокьулей кватIуге гьаб дунялалда.

Гьеб къуватги гурин, гIакълуги гурин,
ГIишкъул кIвар гьечIилан, чIухIун бихьинал.
ЧIужугIаданалде хасаб балагьи,
Балагьал гьукъулей аскIой ятаги.

Гъварилъуде щвараб букIуна калам,
РекIел хIал рагьизе гIедегIунарев.
Амма къватIив чIвала чIалгIарал бераз,
Гьел чIалгIенгун ругин сверухъ ралагьун.

ЦIодорас гъалатIал ритIизарула,
БитIулареб гъалатI духъа кканадай.
Киве щвананиги ургьиб цIунараб
ЦIарго хутIанадай цо гIаданалъул.
Рагьизе кIванадай тIад кIулал рараб
Цо кIудияб каву гьелъул каранада.
Къисматалъ рахарал рохалил къоял
ЦохIо дуда аскIор ратанищ гьелда.

Вихьаравго лъанищ, лъан мун вахъанищ,
Мун роржен борхатав цIумадисев вас.
Ургъулей хутIанищ дур каламалда,
Хадуй гьей гъунадай дур гIищкъуялда.

Рокьиялъе кьурал хIеренал сардал
Саву тIад ккечIого жакъаги ругищ.
Цо берцинлъиялъе асирлъулеб ракI,
АскIой ятаралъул цIорозе толищ.

Дур гIинтIамун чIеялъ абулебшинаб
ЦохIо гIинда гуреб рагIуларебдай.
ГIащикъал бераца рагьулеб алжан,
Гали босизецин хIинкъараб рокьи.

Макъан дунялалъул талихIаб бугин,
Берцинабщиналъе бохулеб дур ракI.
ГIумрудул саринал, сардил гIадинал
КенчIолел цIвабилъун, дуда рихьулин.

РекIел макъаналда рекъараб кечIгун
ГIишкъул дунялалде рагьараб нуцIа.
Роржунел хIанчIазда хадув валагьун
Салам йокьулелде битIанин ккола.

ГIорхъи гьечIеб хивал боржинеги тун,
Бокьаралъуб гуреб босичIеб гали.
Къоял анин ккола дур асирлъуда,
Цо йокьулелъухъе ихтиярги кьун.

Мун дуниялалъухъ гIашикълъанагIан,
ГIун ячIанин ккола дур рокьиялъе,
Рокьудаса цебе чIухIи лъолезда
ЧIобоголъараб ракI бугилан абун.

ГIумру къокъаб бугин лъица абураб,
ТIегьалеб их бугин ракьалда рештIун.
Дой ячIинчIелдаги гIайибал чIваге,
Рокьиялъул бугин легенда хъвалеб.


ГIумруялъ цIехолеб доб берцинаб ракI
Дуда батанадай, лъаларо дида.
Дида лъазе тараб цIакъ дагьаб буго,
ТIубачIеб мурадгун теладай дунял.

Мун чIалгIараб ракIгун ралъдал рагIалда
Щиб пикруялъ ккурав гIолохъанлъуда.
Рорхатал мугIрузда дой гьаюрай сон
Буго цо хIикмалъи, щал хадур гъолел.

Мундай лъикIав вугев, дойдай берцинай,
ЛъикIлъигун берцинлъи жубараб кIалъай.
Дурдай рокьи ккараб, дойдай гьимарай,
Нуж щолелъур ахал тIегьалин кола.

Божидал гурони, дуда ятичIей,
ЦохIо дуе йигин гьей мукIурлъулей,
Йокьидал гурони, дуда йихьичIей,
Дуе киданиги гьей хисуларей.

Кисахундай дуе бакъ баккулаан
ЯтичIого арал накIкIулал сонал.
Кивехун вуссундай рогьарал сардал,
РикIкIалъи ккун чIараб букIанищ дур цIва.

ГIишкъу гьечIелъубе гIалам аниги,
Мун ахиралдацин щвезе вукIинчIин.
Ракьалдаго рокьи гьечIин абуни,
Мун ракьалдасаго тIагIун инаан.

ЦIакъ цIодорго ургъун абулеб рагIи,
Мун нухал рагьулев вугилан ккола.
Кинго щвечIищ духъе хIеренаб рагIи,
ХIеренлъарай гьелда абизе кIолеб.

ГьитIинаб гIумрудул кIудияб рохел,
Гьанжеги вуссунин цо лъалеб нухде.
КIудияб гIумрудул гьитIинаб талихI,
Нахъе ине кколей ячIинчIей анищ.

ГIишкъул дунялалда квер хьвагIун тараб
Рохел кIочон тарал рукIанищ къоял,
Ялъуни щаклъиялъ щущан ракI арал,
Зани рокьиялда гIедегIун лъурал.


Щай дуца абухъе гIумруцин гьелъул
Унеб бугин кколеб кIалъачIониги.
Цо дур балагьиялъ къалъараб дунял
Ахирцин кисандай лъалеб букIараб.

РакIал бецлъараца бакъвараб авлахъ
Дур бадиб бугилан абулеб буго.
Гьелдани дур бадиб тIегьалеб дунял
Гьимигун дандчIвайдал бихьулеб буго.

РакIалъул жиндирго руго законал -
Къокъаб нух цIехола рокьаразухъе.
ХIеренаб балагьи, бицинчIеб рагIи-
Халатаб нух лъолеб букIуна гIакълу.

Дур гьаб цохIо гIумру цохIо нух буго,
БитIараб гьеб батун, вохун ватаги.
Бишун хирияйгун аскIов хутIаги,
ХутIанщинаб хабар кIочонеб бугин.

Щущан ракI анани, чIалгIунеб шагьар,
Щиб дуда бицинеб жакъа ячIаралъ.
Заман унеб букIин бакIлъулеб пикру,
Заманцин къулулеб гIащикъаб рокьи.

Бокьуларо дуе, гъваридаб гIишкъу
ХIаязде сверизе гьабулеб мехалъ.
РекIее гIоларо берцинай гIадан
Учузаб рагIуде гIенекулелъул.

Йокьулей гьечIони, къварилъулеб ракI,
КигIан вохарав чи мун вугониги.
Гьаб гIумруялдаса тIолев гIадинас
ГIумругIан хиралъун ятулей гIадан.

Рокьи ккани, дурги рагIи бижила,
Рагьун йокьулилан гьелда щуризе,
Йокьани дуца нух лъела гьелъухъе,
Нух гьечIей кьурулъун гьей ятаниги.

Лъица чIезавулев пикрабаз унев,
Дур кодоб бихьулин кинабго дунял.
Гьаб къисмат хисизе хIал гIечIониги,
ЧIахъаги ракьалда рокьиян вугин.

ВатIаналде рокьи



Дие бокьун буго халкъалда лъазе
Цо магIаруласул гIаданлъиялъул,
ГIамалги гIадатги росулъ куцарав,
Цин ургъун гурони рагIи абичIев.

Гьесул гIадатлъиги кIодолъи буго,
Гьесул гIаданлъиги борхалъи буго.
Гьев лъадал бижараб цо асар буго,
Гьеб хъвачIого тезе дида кIоларо.

Чи вукъулелъуве гьев кватIуларо,
Цойгияб бакIалде кватIун щваниги.
ТIоцере гIадамал, хадуб цойгияб-
ГIаданлъи рагьулеб балъголъи буго.

Гьоркьор риччаларо гьас бертабиги,
АхIи Басра гьаби-гьасда рихараб.
Рохелалъе гьаб халкъ буссараб мехалъ,
КенчIолел рихьула гьимулел берал.

Гьаб магIарулазул тIалъиялда мун
Вижарав росулъе щвезе бокьила,
Дур гIанчIаб лъимерлъи доба мугIрузда
ГIун щолеб гIелалъулъ дида батила.

Доба борхалъуда, маржанал гIадин,
Щуб кенчIолеб буго гIурчинаб харда,
Ургьиб ракI рагьулеб нилъер сверуде
Сардил макьилъгицин урхъун ратулин.

ГIаданлъун ватизе мун кватIичIелъул
ЧIухIун рохун руго гIага-божарал.
ГIадамазе лъикIлъи гьабун сваквачIев
БатIияв гIаданлъун тIамула цеве.

МугIрул борхалъуда бацIцIадаб гьава
ЛъанагIан дур къимат цIикIкIунеб буго.
Дур гьеб гIадатлъиялъ йохун ятула,
Бицунеб рагIиялъ гIагар гьавула.


ххх


ЛъикIав чиясул гIамал хазиналъун кколелъул,
РитIуларел гъалатIал ккезе ричагейилан,
Пикру дир сорон уна, дунго лъикIай йигодай,
РоцIинчIел пикрабаца цебе каву къанадай.

Баракат сундулъ бугеб нилъедаго лъалебдай,
Нухалдай рихьуларел, гIакълудай мукъсанлъараб.
Жалго цIунизегицин гIадамазда лъалебдай,
Жалго рокьизегицин рекIеда ратулелдай.

Мун вохулев ватула, чиясул лъикIлъи бугин
Гьаб ракьалда хьвадулеб, гьеб хвезе ресги гьечIин.
Цо хаслъи дур бихьула, къо борхулеб гIамалдай,
Цо тIокIлъиги батула, тIокIкIараб иццухъ гIундай.

Мун ургъулев ватула, цереса ниж анани,
Жал кисаян лъаларел лъималдай нахъ хутIилел,
Нух гьезухъе щвеладай инсул росулъе ине,
Цебесеб гIагарлъиги рикIкIинего бугодай.

Восун чияр хабалалъ вукъулев шагIир вуго,
Жив росулъ вукъе абун, нахъе кечI тананиги.
Бишунго тIадегIанаб цо бухьен тIун инехъин
Бугин ккола ракьалда, гIайибиял щал ругел.

ЧIунтарал росаби чIаголъиладай,
Умумузул сухъмахъ кIочон теладай.
Амма, уммумузул бидул вакиллъи
ТIагIине рес гьечIин, абула дуца.

Месед-гIарацалъухъ цIарги намусги
Кьуни, букIинесеб кинабдай швелеб:
Ургъалилъ вуго мун, тIун ине гурин
Умумулгун бухьен, тарихалъул квар.

Берцинлъи цIехолев гIумру арав мун,
Бишунго берцинал нилъер росаби,
ТIад магIарухъ гIурав мун дандеккедал,
Дирги ургъелаби дагьлъанин ккола.

МугIрул каранда араб лъимерлъи,
Кире щвананиги кIочонищ толеб.
КIочон тана дида гьал къварилъаби,
Къуватаб божилъи дур лъаралдаса.

Вихьанин абила дицаги цо чи,
ГIаданлъидуй гIорхъи гьечIин абулев.
Ватанин абила тIад магIарулав,
Чилъи цIан цIадиро бекулин чIарав.

Къилба кIочон тараб батиларо къо
Аллагь разилъичIел ишал гьечIесул.
Кинал лъалкIал тундай тIагIине ругел,
Хвезе рукIин гьечIин кIочон хутIулеб.

ГIадамал рохизе абулин рагIи,
Мунго воханадай гьаб дунялалда.
Цо лъикIав чиясул тIубалин мурад,
Дур мурад тIубанищ гьаб гIумруялда.

ЦIорораб хаселалъ ханлъи ккуниги,
Дуца рекIел хинлъи цIорозе течIо.
Хасел щвараб гIадин нахъеги унин,
Ратулин хиялал хьулал цIилъулел.
.
КигIан къвакIараб ракI дур батаниги,
ЛъикIлъиялъе буго къулулеб бетIер.
ЛъикIасда гурони лъалиш вохизе,
Берцинлъиялъ буго дур ракI рагьулеб.

Батараб гьудуллъи-гьеб дуй хазина,
Чараб гIамал бугев гIадамин ккечIев.
Мун лъикIал ишазе тIаде вахъунев,
Иман бугес гурищ гьабулеб кумек.

Расулъ саву бугин ургъел гьабуге,
ГIадан асирлъулеб гIамал бугелъул.
Гьурмаде рукIкIелги реханиги щиб,
Мун рехун толарел ракIал ругелъул.

Дуе рокьаразги мун вокьаразги
Сверухъ ккун ватаги гьаб гIумруялда.
Дуе рокьичIелги мун рихаравги
АскIосан инецин ратуге абе.

МугIрул тIогьаздасан тIерхьун унеб бакъ
Кинал хиялалгун регIулеб дуца.
ЗахIмалъарал къояз сундеги вуссун
РекIей парахалъи, рештIунеб духъе.


ГьечIо цере лъурал дур гIадинан дир
ТIуразе жал кколел кIудиял ишал.
Амма дур къуватаб гьаракь рагIула:
"Дур гIумру кколаро чIараб хIор" абун.

Гьал ракьалъул къоял тIун-тIун унелъун
Къисматалъ кьуризе киего течIей
Дунго гьайилелде цебе тIамураб
Цо нухалъ кидаго ячуна духъе.

Халкъалъулго талихI къине гурилан,
Кколеб гьечIеб ани кIалъалароан,
Нилъ рохизе гурищ ВатIан букIунеб
Чияхъе гьеб кьелищ яхI бугев чияс.

Нилъер ВатIаналда бугеб рокьиялъ
Эбелалъухъ гIадин, нахъвуссуна мун.
Хадуб жавабчилъи, инсуца гIадин,
Дуца ккаралъубги борхун батула.

Замана кьерхараб бугин кIалъала
Дунилан ахIдолел лъай дагьал чагIи.
Хасел цIоронагIан хинлъила рии-
ЦIилъулеб дур пикру, их щолеб гIадин.

Кинаб дунял толеб гьал лъималазе,
Кинан ралагьилел гьезул бадире.
Нилъеда улбуца малъарабшинаб
Щай нилъ регIуларел гьезда малъизе.

Щаклъи ккараб пикру рехун рагIанищ
Мун гIадав витIарав инсул васасги
Дуца нух щвечIилан борхалъи танищ
ТIубачIеб анищгун нахъеги вуссун.

Кинандай цIунилел жакъа хириял,
Метер тIаде щвезе балагь батани.
Дур пикраби швечIеб бакI хутIун гьечIин.
Ургъелал тIагIунеб заманго бугищ.

Бихьизе рес гьечIеб ракI дур кин бугеб,
ЦIумазул гьаб улка цIикIун бокьулев,
Къваридал дур къоял халалъанадай,
ТалихIал дур къоял дагь рукIанадай.

Борхатаб берцинаб гьаб свериялда
РакI гIодой биччала, ургъел чучула.
Бишунго берцинал гIадамал дида
ГIагараб ракьалда ратулел руго.

ВатIаналде рокьиялъ кIодолъун унел руго,
Мунги дунги гьитIинал гIадамал ратаниги.
МугIруздаса чIухIиялъ мун чIахIиял ишазда,
Гьаб ВатIан хиралъиялъ ахIулеб дир кечI гIадин.

ххх

ВатIанги эбелги дуе цо рагIи
ГIенекун чIанагIан бичIчIун буго гьеб,
РагIабаз рагьичIеб хиралъи буго,
Ургьиб хинлъи тIолеб цо асар буго.

Дурги дирги ВатIан борхатаб буго,
РикIкIунаро гьенир гIаданлъи гьечIел.
Хадур нилъер улбул гIакъилал руго,
Эркенлъи бокьизе гьезин малъараб.

ЧIухIизе гьарула гьал мугIрул тIогьаз,
Борхалъи кидаго берцинлъи буго.
РагIи кколеб къуват кьурабазги кьун,
ГамачIгIан къвакIарал куцала васал.

ххх

Росу рикIкIунаревги росулъ рикIкIунаревги
Кинабдай бакIаб бугеб бакIлъараб дунялалда:
Бищунго гьелдаса нилъ цIунун гьанир ратаги,
Ракьалда хутIаншинаб кIочон батулеб буго.

Дагъистан ,дуй хисараб рухIалда гурхIун вуго,
Гьал мугIрузул нагIана щваравги гIадан гуро.
ЦIоронхолел хинлъизе бакулареб цIа гIадин,
Шибги бицундай щвелел цIиял гIадамал гьанже.

ххх

БукIинесеб тIогьисан щвела гIатIилъабазде,
Доба цIилъулин пикру бацIцIадаб гьаваялда;
Улка цебехун тIураб рукIине руго ишал,
ГIелмудал вакилзаби мугIрузда гIурал руго.

РекIее хинлъи кьолин цIорол тIогьацагицин,
МагIаруллъи гIадинаб улка бугищ цоги.
Гьаниб инсул къвакIиги эбелалъул хинлъиги
Хинал ракьаздагицин нилъеда батиларо.

ххх

ГъветIцин къулун бугин, как балеб гIадин,
ГIайиб гурищ мунагь гIадатлъун рикIин.
Аллагь цIунцIраялъги рехсолеб мехалъ,
Аллагь кIочараб иш вахIшилъи гурищ.

ххх

МугIрул чIужугIадан лъималазе бакъ,
Хаселго шоладай эбел йигезе.
Чвахулеб ицц гIадин бачIунеб хинлъи
Эбелалъул рекIел тIагIун унаро.

Цо лъимер мугъзада, цояб кодоб ккун,
Ялгъуз рачIунезда хадуй ялагьун.
ТIеренаб сухъмахъ ккун дир магIарулай
Хьвадула, бецичIеб ссанцин течIого.

Лъималазе гIоло гIумру кьолелъул
КIочонеб кIвахIаллъи борхулеб халтIи.
Лъимал рокьанагIан калам хIеренлъун,
ЦIикIкIун гьарунагIан гьел берцин рихьун.

Дир лъимал цIунеян шурулел кIутIби,
Пашман гьаругеян гьарулеб какилъ,
Кьалбал къотIараб гъветI гIадин якъвала,
Лъимал къварилъани, ракьалда эбел.

Рокьиялъдай кколей ракьалда эбел,
Эбел кIочон толел щогеги къоял.
Тункун тоге лъимер, турулин эбел,
Хъваге лъималазда, яхъунин хвезе.

Эбелалъул ракIги къварид гьабизе,
Рагъул цIарги бахъун, рахъунге васал.
Цо гурей ракьалда йикIунищ эбел,
ЦIуне, макьуги тун, мун гIезаюрай.

Гьелъул заниялъухъ сундул бицинеб,
ЧIвалел, хъолел ругин бусурман вацал.
Дунялалъул гуреб гьабичIеб пикру,
Къан толеб бихьулищ алжанул каву.

БестIал лъималазе ретIел букъулей
Кидаго цееса унарей эбел.
Киназулго эбел йигилан колей-
Кинаб хIикматаб ракI Аллагьас кьураб.

Гьаб Агъвали клубалда ахIи-хIур буго,
Щай чIезе гьабураб гьаб кинойилан.
Цо хъулухъ гьечIев чи жанив вачIанин,
ХIайбулаца буго гьебчIезе гьабун.

БестIал лъималазе лъикIав чи вуго-
Белтал гьечIониги рачуна жанир.
Гьал гIадамаздехун рокьиги ццинги-
Жиндирго дуниял бихьулин гьаниб.

Унел гьал саназде гIазу баниги
Замана анагIан эмен хIажатав.
Мун ками бичIилищ, дур лъималазда,
Дуе эмен гIадин мунги къваригIун.

ГIун вачIун вас вуго -кIудияб рохел,
ЛъикIал ясал руго - мун разилъулев.
ПатIиматил чIухIи цIунараб хъизам,
Гьелъул гIакълуялде чиго щвеладай.



ХIакъикъат цIехолев



ххх

Мун пикрабазулъцин жиндир хатI бугев,
СихIкъотIиялъ рагьун вугилан кола.
РацIцIадал хивалаз сверухълъи ккурав,
Халкъалда гьоркьоб дур батараб талихI.

Мун тIад ургъулареб суал бугодай,
Пикрабаз мун цIачIел нухал лъаларин.
ХIакъикъат цIехолеб гIамал букIундай,
БитIараб гурони духъ рагIи гьечIин.

Дуца лъаларилан суал рехичIо,
Ралъдал тIиндасаги борхулеб маржан.
Нахъ валагьичIого инчIин цевехун,
Метериселда тIад ургъулев инсан.

Хасаб бер-балагьи бугев чи вугин,
Кинаб хабаралъдай дур ракI цIилъулеб.
ЦIиял пикрабигун рештIунеб рогьел,
Кинал хьулацадай мунго вачунев .

Каваби рагьараб рукълъун лъугьине
Рагьун цебе лъолин ккола дуниял.
Кидаго гъеладай дун дуда хадуй,
Дунял сверухъ ккураб бат

© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.