![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIАРЦУЛ ДУНИЯЛГьаб гIарцул дуниял, гIарцул дуниял,
ГIарцухъ чи вичулеб гьагаб дуниял. Мухьги кьун риччалел чIвадарухъаби, ЧIалгIаде ахIтIолел хъвадарухъби. Хъвалел руго кучIдул рекъел цIунеян, Ракьалда рагъул кор боркьугейилан! Хъвалел руго кучIдул, гьазул пайда щиб, ГьечIо къанагIатги гьел цIалулев чи. ***
Циялъ ци чIванилан рагIичIо дида, Чияс чи чIванилан рагIана дида. Хъурмуца хъумур чIвана бихьичIо дида, Бихьана гIадамас гIадан чIван дида. Цидул гIадаб гIаги гIакълу гьечIебищ? Хъурмил гIадаб гIаги пикру гьечIебищ? |
|
||||||||||
|